Аслияб гьумералде

ГIемераб рокъоб лъикI, рекъараб ургьиб лъикI

ГIемераб рокъоб лъикI, рекъараб ургьиб лъикI

Казияталъул редакциялде гьоболлъухъ рачIунел гьалбал камуларо. Гьелги рукIуна кутакалда «Ассалам» казиятги бокьулел, динги щулаго кколел, гIаданги гIаданлъиги хириял унго-унгоял бусурбаби. Гьединазул цояв ккола гьал къоязда нижехъе щварав Гумбет районалъул ГъоркьИнхоса хIалбихьи бугев тохтур Мухтар СагIидов. Казияталда бахъизе цо гьитIинабго малъа-хъвайги бугоан гьесул. Гьаб нухалда нижер пикру ккана Мухтарилгун гара-чIвариги гьабун, «Ас-салам» цIалулезулгун гьесул лъайхъвай гьабизе.

– Мухтар, мун тохтурлъиялде гъорлъе ккеялъе бугищ ккараб кинаб бугониги сабаб?

- Дун гьавуна 1938 соналда. Школа лъугIидал, рокъосан рес букIинчIолъиялъ, цIализе ине данде ккечIо. Армиялдаса вуссун хадув ана цIализе. Гьеб букIана дида гIел бащадал чагIи цIалун лъугIулеб мех. ТIоцеве дун цIализе лъугьана росдал магIишаталъул институталде. Гьенив цIалулеб заманалда цояз абуна гьаб бугин хIакимзаби рахъунеб институтилан абун. Гьеб заманалда дир лъикIаб гуреб пикру букIана хIакимзабаздехун, дир умумузе гьез гIакъуба кьун букIиналъ. ГьебсагIаталда нахъе вилъана гьениса. Цинги дида рекъараб бакI тохтурлъи бугин ракIалдеги ккун, мединституталде лъугьана цIализе. Гьедин ккана гьаб нухде.

- ЦIали лъугIидал киве арав хIалтIизе?

- Дун анлъабилеб курсалда вукIаго, къотIи хъван букIана Владимир областалде хIалтIизе иналъе. Гьеб хабар лъайдал, эбелалъ хъван буго жийги рехун тун дун гьениве витIугеян. Гьединго росулъ букIана 10 койка бугеб больница. Росдал жамагIаталъ кагъат хъван буго гьениве хIажат вугилан абун. Гьедин, 1968 соналъ дун вачана росулъ бугеб больницаялде хIалтIизе. ГьабсагIатги гьенив хIалтIулев вуго. 1969 соналда багъарун букIана сусалъул унти. АнцIго чиясе гурони бакI гьечIеб бакIалда 40-45 вегизавизе ккана. Гьелдаса хадуб дун ана министерствоялде, нижее 10 койка гIоларин, жеги цIикIкIун кьейинги абун. Гьедин дагь-дагьккун гIуцIана хIалтIи. 1970-абилел соназда, ракь багъариялъул хIасилалда, нижер букIараб школа цоги бакIалде бахъана. Гьеб букIараб бакI, дагьа-макъаб къачIа-кIатIайги гьабун, больницаялъе щвана. Больницаялъе къваригIарабтараб балагьизе вортанхъулев вукIуна дун кидаго. Гьале жакъаги Сахлъи цIуниялъул министерствоялда вукIана, тIубана чанго къваригIел.

– Мухтар, гьаб заманалда бищун цIикIкIун гIадамал щиб унтуца унтулел ругел?

- ТIоцебесеб бакIалда буго артрит, артроз гIадал унтаби. Россиялдаго тIоцебесеб бакIалда буго рекIелгун бидурихьазул унтаби, гьелдаго хадуб онкологияги. Нижер доба бищун гIемер буго рукьбузул унтаби, гьелда хадур руго гьуъразул, гьелъул мащабазул унтаби. Гьелдаго хадуб буго бидул тIадецуй бахинги.

– ГIадамазе кинаб малъахъвай гьабилеб?

- Дица киназдаго абулеб жо буго, тIоцебесеб иргаялда, тохтурасул малъиялъухъ гIенеккизе кколин. КIиабизе, цIунизе ккола низамгун диета. Лъабабилеб бакIалда буго дару гьаби. Гьеб цебесеб кIиябго тIубачIони, дарудал пайда дагьаб гурони букIунаро. ГIадамазул гIадат буго унтарабго дару гьабизеги рачIун, циндаго гьелъ мадарги гьабун, цинги бокьухъеги хьвадун, кигIан гIемер бажараниги жоги кванан, гьаб даруялъ кумек гьабичIин гаргадулеб. Гьеб битIун гьечIо. Умумузул аби буго «гIемераб рокъоб лъикI, рекъараб ургьиб лъикI» абураб. Дица гIемер ракIалде щвезабула гьеб аби унтаразда. Цоги, дица гIемер абула «щулияб сахлъи бокьани, бокьанщинаб гьабуге ва кванаге» абунги. Гьаб заманалда бугеб унти буго чехь гIорцIаниги бер гIорцIичIого гIемер кванай. Унтабиги гьеб сабаблъун раккулел руго.

ГАРА-ЧIВАРИ ГЬАБУНА ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВАС

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


«Инсаналъ» къотIи гьабуна

«Инсан» фондалъул генералияв директор щвана РФялъул президентасда цебе бугеб Дагъистан Республикаялъул вакиллъиялде ва гьенив дандчӀвана республикаялъул вакиласул ишал тӀуралев Нагиев Руслангун ва гьесул гьалмагъзабигун. Данделъиялда бицана цадахъ рекъон хӀалтӀиялъул бугеб кIваралъул, цадахъ...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...