Аслияб гьумералде

«Ас-салам» ЦIияб Хушеталда

«Ас-салам» ЦIияб Хушеталда

МухIаммадов Гъазиму-хIаммад ккола 1945 соналда гьавурав, ЦIумада районалъул Хушет росулъа. ГъазимухIаммадида гIемераб захIмалъиги бихьана. Гьанже гьев гIумру гьабун вуго ЦIияб Хушет росулъ. ГъазимухIаммад ккола «Ас-салам» казияталъул божарав гьудул ва гIемерал соназ ЦIияб Хушеталда ругел цIалдолезухъе гьеб щвезабизе хIаракат бахъарав чи.

 

Гьал къоязда ниж щвана ЦIияб Хушеталде, дандчIвана ГъазимухIаммадгун ва рес щвана гьитIинабго гара-чIвари гьабизе.

- 1963 соналда росдал жамагIаталъул хIукму ккана магIарухъа гIатIиракьалде гочине. Гьабулеб хIалтIи, боцIи хьихьизе, магIишат гьабизе санагIатаб бакIги букIун, тIаса бищана МахIачхъалаялда аскIоб бихьизабураб ракь, - ян бицана гьес.

 

– Дин гьукъараб доб цебесеб заман кинаб букIараб, ГъазимухIаммад?

– ГIолохъанаб заманалда дун Каспийскиялда хIалтIана керамзит гьабулеб заводалда бригадирлъун. Армиялдаги бана лъабго сон.

ХIайбуллагь абун цIакъ лъикIав чи вукIана нижехъ, гьес дида абулаан, вореха, ГъазимухIаммад, гIадада заман биччан тохлъизе вукIунгеян. Гьес дида малъун букIана гIажам хIарпаз хъвазе. ГьитIинго гъираги букIунаан хъвалеб жоялде. Гьедин дица квералъ хъван букIана назмуялда гIуцIараб ХIасан устарасул «Хуласатул адаб» абураб тIехь. КIиго нухалъ «Бустан аваристан», хъвалаан назмаби.

Нижер мадугьалзаби рукIана тIарикъаталда ругел муридзаби. Гьезул цояв вукIана гьанже ЦIияб Хушеталда «Ас-салам» казияталъул жавабиявлъун вугев Ибрагьимил эмен. Цо нухалъ гьес абуна жал устарасухъе, Нечаевкаялде унел ругилан. Нужеда цадахъ дунги вилъинин абуна ва ана Нечаевкалдаса Меселасул МухIаммад-афандиясухъе (къ.с.). Гьедин ккана тIарикъаталъулгун хурхен. Нижер эбел-эменги рукIана ГIабдулхIамид-афандиясул (къ.с.) муридзаби. Инсухъ рукIана устарзабазул силсила ва тIарикъаталда гьабизе кколеб кинабго хъварал тIанчал. Устарасухъе иналдего гьелдаса цIалунги дида лъалаан муридзабаз цIалулел жал, рузман сордоялъ битIулеб салават. Амма устарас малъун гьабулеб асар цIикIкIараб батана. Гьев мубарак накълулъидал щвана СагIид-афандиясухъе (къ.с.).

– «Ас-салам» казияталъулгун хурхен кида ккараб?

– «Ас-салам» казият тIоцебе къватIибе биччазе байбихьаралдаса нахъе босулаан дица гьеб. Мукъушдибиров МухIаммад вачIун вукIана гьаниве «Ас-саламалъе» хIалтIи гьабизе. Доб заманалда гьаниб хъвана 450-ялдасаги цIикIкIун казият. ГIодорчIун хабаралда ругеб мехалда гьес дида абуна тIаде босиларищила казият гIадамазухъе щвезабиялъул иш. Босилин дицаги абуна. Цинги ун базаралдегун босана велосипед ва байбихьана казият цIалдолезухъе щвезабизе. Велосипедалдаги рекIун, лъабго къоялда жаниб лъугIизеги гьабулаан казият щивасул рокъобе щвезабун. Гьедин къогониги сонги ун батила.

Гьанже эркенаб заман тIобитIула мажгиталде хьвадун, гьениве ине санагIалъи ккечIеб къоялъ цо жо тIагIараб хIисабги букIуна черхалъе.

 

– Щиб гьара-рахьи гьабилеб казият цIалулезе?

– Щивасе гьарула сахлъи, гьабулеб гIамалалъулъ тавпикъ, лъимал-хъизамаздаса рохун тей, нагагьаб балагь Аллагьас ﷻ нилъеде бачIунгеги. Щивасе кьеги сабру, гьеб буго киналъулго аслу. Сабру тIагIарав тIад речIчIизе хIадурараб жанавар гIадав чи вуго.

Нилъеего пайдаяб «Ас-салам» казиятги хъвачIого тоге. Гьалда жаниб нужеда дунял-ахираталъе пайда гьечIеб щибго батиларо. Гьаб буго нужер рокъобе бачIунеб мугIалим.

 

 

 

«Ас-салам» казияталъе подписка гьабуразухъе гьеб рокъобе щвезабулев чиясдаги абула волонтерилан абун. Гьеб хIалтIиги расги бигьаяб гьечIо. Щайин абуни, щивав чиясулгун хIал рекъезабизе кколелъулха. Амма, гьедин бугониги, жиндирго иш ракIбацIцIадго гьабула Расул ГIалиевас.

Гьев ккола Ахти районалъул Хнов росулъа. Росулъ 10 класс лъугIидал, цIализе лъугьана МахIачхъалаялъул профтехучилищеялде. Гьениб щвараб махщалида рекъон хIалтIулевги вуго. Гьев ккола газалъул сварка гьабулев махщелчи. 1999 соналда гочана Хушеталде ва гьениб байбихьана волонтерасул хIалтIи гьабизеги.

 

- Расул, гьаб казияталъулгун лъай-хъвай кин ккараб?

- Лъай-хъвай ккана подписка гьабидал, ай анцIгониги соналъ цебе. Имамас лъазабуна казият гIадамазухъе щвезабизе кумекчагIи къваригIун ругин абун. Хушет бикьана къватIазде ва щивасда тIадкъана цо-цо къватI. Дунги жувана кумек гьабулезул кьеразулъе. Цебе ГIабдуллагь абун чи вукIана гьеб хIалтIи гьабулев. Гьанже анцIго чияс тIубазабула. Ниж гIажаиблъун рукIуна гьесда, цо чияс гьабгощинаб хIалтIи киндай гьабулеб букIарабилан абун.

 

- ЗахIматаб хIалтIи бугищ?

- ГьечIо. Заман гIоларого букIуна. Бищун захIматаб иш буго подписка гьаби. Щайин абуни, щивав чигун кIалъазе кколев вукIун.

Амма камуларо цо-цо интересал лъугьа-бахъиналги. Масала, пуланав чи вукIана нижергун дагIба-къецалда. Нижеца гьесда абуна цин хъвайин казият, хадуб балагьилин абун. Гьес подписка гьабуна эбелалъ цIализе бугинги абун. Хадуб гьес бицана чанго номер жинцаги цIаланин ва гьаб казияталъул хIакъалъулъ лъикIаб гурони калам гьабулев чиги рагIичIин абун.

 

- ЦIалдолезе щиб гьарилеб?

- Дица гьарула ТIадегIанав Аллагьас нилъ цIунагиян киналниги балагьаздаса. Гьарула гьаб казияталъул къимат гьабейиланги. Щивасе кьеги сахлъи ва тавпикъ.

 

 

Гара-чIвари гьабуна Шамил МухIаммадовас ва МухIаммадгIариф Къурбановас

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ХIасил щиб ккараб?

АлахIамдулиллагь, щибаб рецц Аллагьасе ﷻ, ракI бохулеб, черхалъе гьайбатаб асар гьабулеблъун букIана риидалил гIодоркъоязда Къуръан цIализе, как базе, тIабигIат берцин гьабизе, дарсазде хьвадун, лъималаз мажгитал цIун рукIараб заман.   Лъимал руго нилъер берзул канлъаби, рухI кьунги гьезие...


Нужее баяналъе

1. Муъминун абун сураялда щай абураб? – Муъминзаби ва гьезул сипатал рехсеялъ. 2. Чан сураялда рехсараб дунял хIайгIадинаб жо бугин абун? – Ункъо сураялда: «АнгIам», «ГIанкабут», «МухIаммад», «ХIадид». 3. ШайтIаналъул хъаравулзаби абун...


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...