Аслияб гьумералде

«Ас-салам» Рихьуниб росулъ

«Ас-салам» Рихьуниб росулъ

«Ас-салам» Рихьуниб росулъ

Дагьал церегIан къоязда «Ас-салам» казияталъул хIалтIухъаби щвана Унсоколо районалъул Рихьуниб росулъе. Гьеб буго магIарул районазул гьоркьоб бакIалда бугеб, жиндир тарих бечедаб росу. Гьенибе гьабураб сапаралъул хIасилалда, Унсоколо районалда вугев «Ас-салам» казияталъул жавабиясул нухмалъиялда гъоркь, нижее рес щвана жамагIаталъул цо-цо чагIазулгун лъай-хъвай гьабизе. Гьенибе гьабураб сапаралъул хIасил бахъулеб буго гъоркьехун.

 

 

 

Рамазан ХIамзаев, «Ас-саламалъул» вакил:

 

 

 

- Кострома шагьаралда цIалиги лъугIун, росулъе щварав чи, администрациялде хIалтIизе лъугьун вукIана дун. Гьеб заманалда росулъ имамлъун вукIана ГIали Садрудинов. ГIалилгун хабар-кIалалда рукIаго гьес абуна «Ас-саламалъул» хIалтIи гьабиларищин абун. Имамасул рагIиялъе жаваб гьабун тIаде босана гьеб иш. Гьале анлъгогIан сон буго гьеб хIалтIи гьабулелдаса.

ТIоцебе гьеб хIалтIи тIадкъараб мехалда росулъе бачIунаан 150-160 газета. Нижеца дагь-дагьккун бахинабуна, араб соналъ 250 экземпляр букIана.  Аллагьасул ﷻ кумекалдалъун инсана ракIалда буго 400 газета букIинабизе.

Подписка гьабиялъулъ кумекалъе руго щиб къваригIел кканиги аскIор рахъун чIолел гIолохъабиги. 

 

 

 

 

 

 

 

ИсмагIилмухIаммад Къадиев, росдал депутат ва тай боксалъул тренер:

 

 

 

- 2001-2005-абилел соназ, МахIачхъалаялда, политехникияб университеталда цIалулеб заманалда, тренировкабазде хьвадун ругьунлъана дун тай боксалде. Дун лъадарана Россиялъул мустахIикъав тренер Зайналбек Зайналбековасда цеве. Чанги бакIазда цеве вахъана, бергьана гIезегIан турниразда. Вахъана Дагъистаналъул ва Россиялъул чемпионлъун, Европаялъулгун Дунялалъул турниразда призалъулал бакIал щвана, буго Россиялъул спорталъул мастерасул цIарги. 

2005 соналъ, цIалиги лъугIун росулъе щварав чияс, байбихьана тренерлъи гьабизе.    

 

- ИсмагIилмухIаммад, спорталде лъимал кида ругьун гьаризе лъикIаб бугеб?

- Мисалалъе, дица абула 8-9 сон баралдаса ритIейин абун. Щайин абуни, цIакъго гьитIинал рукIуна бицараб бичIчIуларел, малъараб босизе захIматал. Гугари, гимнастика гIадал тайпабазде ритIизе бегьула гьитIинго рукIагоги.

 

- Тренерас цIалдохъанасул гIумруялъулъ кинаб бакI кколеб?

- БитIараб бицани, лъималазе тарбия кьеялъулъ тренерас аслияб бакI ккола. Щайин абуни, дицаго тIоцебесеб бакIалда лъун букIуна лъимералда адаб-хъатир бичIчIизаби, школалда цIалул рахъалде кIвар гьабизе ккей гьезда малъи.

Лъималаздаги гIолилаздаги бичIчIизе ккола жидеда адаб малъарал эбел-инсулги, гIелму-лъай бичIчIизабурал учитель-тренерасулги кидаго адаб гьабизе кколеблъи.   

 

- Спортзалалде хьвадулебги хьвадуларебги лъимадухъ балагьун, щиб абилеб?

- Дица тренерлъи гьабулелдаса гIезегIан сонал руго. ТIоцере дихъе хьвадулел рукIаразул гIумру гьанже лъебергоялдаса тIаде араб буго. Гьанжесеб гIелалъе дица гьезул мисалги бачуна. Спортзалалде хьвадулесул цIалиги, лъидасаго нахъе ккечIеб яшавалда букIуна.

Тренерлъун вугониги дица тIоцебесеб бакIалда лъола цIали. Дица лъималаздаги абула, залалде рачIун гьаниб гьабулеб иш бугин нужер эркенаб заман гIадада тIамичIого, черх лъадарилъун. Амма нужеца тIоцебесеб бакIалда лъейин школалъул цIали, мажгит-мадрасалде ун лъай тIалаб гьаби. 

 

- ХIасилазул бицани…

- ЛъикIал хIасилал руго. Дагъистаналдагун Россиялда тIоцересел бакIал ккурал гIезегIан лъимал ккана. Шамилхъалаялда дида цеве ругьун гьавурав Насрудин абурав вас, 2023 соналъ, вахъана дунялалъул чемпионлъун. Гьев вукIана кутакалда адаб-хIурматги бугев, бицаралъухъги гIенеккулев вас. Школаги лъугIизабун гьев гьанже Ивановоялда медицинаялъул университеталда цIалулев вуго.

- Цебесеб гIелалда лъала школалда учителас яги къотIноб цIикIкIарав чияс лъимералъе гьабураб бадибчIвай, гIин кьури гIадаб тамихI кин букIарабали. Гьанже камулел гьечIо лъималазул рахъги ккун эбел-эмен школалде рачIин. Дуца щиб абулеб, ккаралъуб дагьаб бухIизабиялда?

- Дица тренировкаби гьарулеб нижер росулъ ва Шамилхъалаялда щибго хисараб жо гьечIо. Дихъе лъимер бачун рачIарал эбел-инсуца абула гьаб лъимералъул кверщел духъ бугин, дуца малъухъе гьабги букIинин, гьалъие гIадлу гьабеян. 

Лъимералде семиялъе яги тамихI гьабиялъе букIуна кинаб бугониги гIилла. БукIуна дагьаб бухIизабизе ккараб мехги. Тренерасе жиндир цIалдохъан лъикI вукIине гурони бокьуларо, гьабизе ккараб гIадлуги гьелъие гIоло букIуна. Гьединго букIуна школалдаги. Гьеб жо бичIчIизе ккола эбел-инсуда. ГIадлу гьечIони лъимер букIуна абурабги бичIчIулареб, бицарабги босулареб.

Ахираб заманалда эбел-эмен цIакъ гурхIулел руго лъималазда. Дун гьитIинаб заманалда гIадлуги гьабулаан, семизеги семулаан. Щиб бугониги ккедал учитель эбел-инсухъе щвани, гьеб букIана кIанцIизе бакI тIагIин. Бигьаяб букIана школалда гьезго гьабураб гIадлу. Гьанже лъимадул рахъ кквезе рекерулел руго эбел-эмен. Гьелъ хвезабулеб буго гIун бачIунеб гIелги.

 

- ИсмагIилмухIаммад, жама-гIаталда хурхун гьарулел хIалтIаби кинал  ругел?

- Росабалъ гьаризе ккарал хIалтIаби камун рукIунаро. ХIаракат бахъула дидаса бажарараб жамагIаталъе гьабизе.

Дица дидаго абула дун вугин имамасул кумекчиян. Гьелъ, щиб ругьел имамасул рахъалдасан щваниги, гьеб тIубазе кидаго хIадуравги вукIуна.

 

 

 

МухIаммад Шамсудинов, Рихьуни росдал имам:

 

 

 

Имамасул хIалтIи цохIо вагIза-насихIат гьаби гуро кколеб. Киналниги жамгIиял ишазулъги гьес гIахьаллъи гьабула. Гьединлъидал Рихьунире щведал нижеда дандчIвай гьабуна росдал имам Шамсудинов МухIаммадица. Гьес нижее бицана росулъ гьабураб хIалтIул ва гьелъул ккараб хIасилалъул. 

 

- Рихьуниб росдада абулаан Иргьани шагьарилан абун. Щайгурелъул, доб заманалда кинавго чи хьвадулеб ва хIухьбахъизе чIолеб бакIлъун букIиналъ. Рихьуниб буго пихъил бакI. ГЭС балеб мехалда кинавго чи гочана цIияб бакIалде. Басрияб росулъ дагьавго гурони чи хутIичIо.

Басрияб росулъ хутIана мажгитги. Гьенире имам Шамилги имам ГъазимухIаммадги, муридзабазе дарсал лъезе, рачIунаанин бицуна. Имам Шамилиде дандечIаразул ва бакI-бакIазда ругел мунапикъзабазул цIарал хъвараб гамачI букIанин гьеб мажгиталдайинги абула.

Басрияб росулъ чи хутIичIеб мехалъ цIияб росулъ хIажалъана мажгит. Цояз ракьги кьун бана 1998 соналда.

 

Росдал аслияб мажгит

 

 

- Бокьилаан дурго хIакъа-лъулги бицани.

- Дун гьавуна 1995 соналда ХъахIабросулъ. Школа лъугIидал мадрасалда ана цIализе.

Гьениве цIализе иналъе сабаблъунги ккана кIудияв эмен. Бакъа-бакъанида гьес дун къулгьу гьабизе тIамулаан. «Ас-салам» газетаги гьес хъвалаан. Гьес дун газета цIализе тIамуна ва абуна бищун нахъа щиб бугебали балагьеян. Гьениб кидаго ДИУялъул мадрасалде цIализе рачIаян ахIулеб сурат букIана. КIудияв инсуца гьикъана гьениве ине бокьун гьечIищин? Школалада лъикI цIалулев вукIиналъ имгIалас абуна Москваялде цIализе лъугьине кколин абун. Амма кIудияв инсуца абуна мадрасалде щай унаревилан. 2013 соналъ ДИУялда цIализе лъугьана, хадуб тIоцебесеб курсалда, КъурамухIаммад-хIажиясул цIаралда бугеб мадрасалде ритIана. ТIоцевесев мугIалим нижер вукIана Килалъа ГIумарасхIаб. Лъабго соналъ гьенивги цIалун, кьун экзаменгун, ункъабилеб курсалда вахъана. Анкьго курсги лъугIизабун, ДИУялда кIиго соналъ мугIалимлъун вукIана. Гьелда хадуб, 2021 соналъул ахиралда, экзаменазда вукIаго ахIун бачIана Рихьуниве ине кколин абун. РетIелцин бакIаричIого къватIиве вахъана. Унсоколо росулъ дида дандчIвай гьабуна районалъул имамас ва гьедин тIамуна гьаниве.

 

- Росулъ мадраса бугищ?

- Гьаниб жеги анкьго авал-мажгитги буго. Рузман бала кIудияб мажгиталда. Басрияб росулъ ругел гIадамалги рузман базе цIияб мажгиталде рачIуна. Гьаниб буго ясал цIалулеб мадраса.

 

- Риидалил дарсал кин арал?

- ЦIализе хьвадулаан 86 васги 180-гIан ясги. Басрияб росулъги мадраса буго, гьенивги мугIалимги вуго. Къаси какдаса хадур дарсал гьарула. Хасалил заманалда, щибаб шаматкъоялъ, нусгогIанав чи данделъула, имамзаби ахIун вагIзаби, дарсал жамагIаталъе цIалула. Хасаб къо бихьизабун шагьаралда ругел росулъа чагIазеги дарсал лъезе унеб. Мадраса лъугIарал росулъа ясаз, руччабазеги дарсал кьола. Абизе бегьула кинабго жо гьез тIубалин, бокьараб руччабазул мажлисги гьез бачуна нухда. 

 

- Школалда дагIваталъул хIалтIи гьабулищ?

- Школалда лекцияби цIалула. Учительзабаз гIемер ахIула лъималазе лекция цIализе вачIайилан абун. Гьеб рахъалъ къварилъи гьечIо.

 

- ГIолохъабазда гьоркьоб кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб?

- Жакъасеб къо буго лъималазул тIалаб гьабизе кколеб. Гьезул адаб, нич, пикру хисизабизе тушбабаз кIудияб хIалтIи гьабулеб бугелъулха.

Аслияб суал буго наркоманиялде данде хIалтIи гьаби. Гьединго терроризмалъул ва вагьабиязул хабар баккун батани, хехгьабун районалъул имам ахIула, гьеб темаялда тIасан кIалъай гьабула. Гьединго гIолохъабазул къукъа буго ватцапалда. Гьезул щивав чиясда тIадкъан руго гIисинал лъимал. Гьез кинабго жоялъул халгьабула. Гьеб хIалтIуца пайдаги кьола. ЖамагIаталъги имамасе кумек гьабула, цадахъ рекъон хIалтIула.

ГIолохъабаз абуна «Инсан» фондалъе кумек гьабизе бокьун бугин абун. Ватцапалда гьез къукъа гьабуна ва щибаб анкьалъ нус-нус гъурущ рехулаан. Байбихьуда къого чи вукIана. КIиго-лъабго моцIида жаниб къоазарго гъурущ гIедал, гьез абуна сунда тIад букIаниги хвезабизе кколин. Цоязул рокъоб квачан букIиналъ, гьеб гIарцухъ кIиго печь босун кьуна. ЦIадал ран къед биххаразе цемент босана. Гьанже гIадамал гIемерлъана ва анкьида жаниб 15 азарго гъурущ бакIарула.

 

- КIикъого къоялъ какде хьвадарал лъималазда гьоркьоб къец тIобитIанищ?

- Гьеб къецалда 80-гIанасеб лъимералъ гIахьаллъи гьабуна. Гьезие шапакъаталги кьуна.

 

 

 

Башир МухIаммадов:

 

 

 

Башир гьавуна 1955 соналъ Унсоколо районалъул Рихьуни росулъ. ЦIалана училищеялда ва тIубазабуна ватIаналда цебе тIадаб налъи. ХIалтIана росулъ консервал гьарулеб заводалда. Гьелдаса хадуб ана Рихьуниб балеб букIараб ГЭСалде хIалтIизе.

- 1989 соналъ, рагьун дин гьабизе биччайдал, росдаца байбихьана чIунтун букIараб мажгит цIигьабизе. ЦохIо къадал гурони тIокIаб жо гьелъул хутIун букIинчIо. БакIа-бахарана ва гIодоре турталги рехун, рузман базе лъугьиндал, чIахIиязда гьоркьов ватичIо цебе как базе бажарулев чи. КигIанго жагьилав вугониги, дида базабуна жамагIаталъ как.

Гьелдаса нахъе ана гьабгощинаб заман ва дица как ахIи гьоркьоб къотIизе течIо. Чанго соналъ лъелго хьвадана басрияб росулъе как ахIизелъун. Гьоркьо-гьоркьоб хIалхьи гьабураб заман кканиги, хIалтIулев вуго жеги. 

 

Басрияб росдал мажгит

 

 

 

 

Каримула ГIабдуразакъов, Унсоколо районалда бугеб «Инсан» фондалъул нухмалъулев:

 

 

 

- Районалъул щибаб росулъ вуго фондалъул вакил. Гьесул хIалтIиги ккола росулъ ругел рес гьечIел гIадамал тIатинари ва гьезул тадбир гьаби.

Гьес балагьула кинаб кумекалде чи хIажат вугебали. Жиндаго кIолеб бугони, гьабун, бажарулареб бугони, районалде вачIун, рес гьечIел гIадамазе кIвараб кумек гьабула гьев вакилас.

 

- Кумек гьарун вачIан-щинасейищ нужеца кумек гьабулеб?

- Щибаб росулъ вугев вакиласул тIоцебесеб масъала буго кумек гьарун вачIарав чиясухъ балагьи. Гьелда рекъон гьабула кумекги.

Масала, тIоцебе балагьула гьесие чара гьечIого къваригIунеб квен-тIех бугищали.  Хадуб балагьула ретIел-хьиталъул хIажалъи бугищали. Гьеб хIалалда гьабулаха кумек.

 

- Масала, нужеда батана рес гьечIеб хъизан. Гьабуна кумек. КигIан заманаялъ тIаде росулел нужеца гьел. Нужеца кьурабги кванан чанго соналъги чIезе рес гьечIищ гьединал гIадамал?

- Узухъда, халатаб заманаялъ кумек гьабизе нижерги къуват букIунаро. Нижер аслияб мурад буго чара къотIараб хIалалдаса гьев къватIивеги вахъун, живго жинцаго хIебтIулеб даражаялде вачIине кумек гьаби. Ниж балагьула кинаб хIалтIи-пиша гьезда гьабизе бажарулебали. Кверда махщелищ бугеб яги цогидаб кинаб хIалтIи бажарулеб, росулъ гуреб районалда батаниги киналго ресал цере лъола. КъватIире рахъун кинабгIаги хIалтIи гьабун бажаруларел гIадамал ратани, нижеда тIадкъан буго гьезие бокьги базе, хIайванги босизе. 

 

- Нужер сияхIалда чан чи вугев?

- Нижер кумек щола 150 хъизамалъе. КIиго моцIида жаниб цо нухалъ халги гьабула. Гьеб заманалда гьоркьобги лъикIаланго хис-баси ккун батула.

 

 

«Инсан» фондалда хурхараб бакIалда щибго балъгояб жо гьечIо

 

 

 

- Рес бугищ нужеца гьабураб кумек щвечIого букIине?

- Щибаб моцIалъ хIисаб кьола щибаб росулъ вугев вакилас, гьединго дица ГТОялъул нухмалъулесе. Гьеб бихьизе ва мухIкан гьабизе бокьарав чи вугони, рес буго кинабго цебеги лъун бихьизабизе. Гьаб заманалда дагьал гьечIо гIарац бакIарулел гIадамал, гьезул жаваб кьезе нижеда кIоларо. Амма «Инсан» фондалда хурхараб бакIалда щибго балъгояб жо гьечIо.

- Каримула, нужехъа кумек гьабун бажарулареб жо бугищ?

- Кинабго жо бажарилищха. ГIемер рачIуна улка бахун къватIире ун сахлъи гьабизе кумек гьарулел гIадамал. Нижеца тIаде босуларо гьеб иш, щайгурелъул, Россиялда кумек гьабизе кIолареб медицинаялъул рахъ гьечIо.

Нижер фондалъул буго медицинаялъул идарабазулгун лъикIаб бухьен. Гьаниб бокьилаан баркала кьезе ГIабдулагь Набиевачасе. Гьев ккола «Инсан» фондалъул медицинаялъул рахъалъ нухмалъулев. Гьесул буго лъикIаб бажари кумек хIажатазе квербакъизе.

 

 - Нилъеца рехсарал гурел ругищ цогидал хIалтIаби нужер программаялда ругел?

- ХIалтIаби гIемер руго. Нижер буго хасаб отдел закагIаталъул. Гьезги кIудияб хIалтIи гьабула. Гьединго рамазан моцIалъ чанго бакIалда гIуцIула ифтIарал, гьелги «Инсаналъул» балагьиялда гъоркь рукIуна.

 

- Жеги кибго гьечIеб, нужеда гьабизе ракIалда бугеб жо бугищ?

- Унсоколо район буго нухлулал гIемераб бакI. Машинаялъул гьакибералъе сакъат ккун гIемерал гIадамал ратула нухазда хутIун. «Инсан» фондалъул бербалагьиялда гъоркь Рихьуниб гьабизе ракIалда буго нухлулазе вулканизация. ХIатта ракIалда буго гьенир гьакибералгицин лъезе. Масала, цоясул рокъор рукIина жинцаго хисарал яги хIажат гьечIел гьакиберал, гьединалги къабул гьарила нухда хутIарасе кумекалъе букIине.

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Камил гьабила

ГIибадат гьабиялъулъ тамахлъи лъугьиналъ жанисеб бацIцIалъиялъеги чучлъи лъугьуна. Амма инсанас гIемер гIибадат гьабунагIан, рухIияб рахъги камиллъула. Диналъ нилъее, гIибадаталда даимго рукIинедухъ, Аллагь рази гьавизе хIаракат бахъиялъул мурадалда кьун руго паризаял гурелги гIамалал...


Иргадулаб кумек

Хасавюрт районалъул ва шагьаралъул имамзабазул советалъул председатель Аргъваниса МухIаммадил хIаракаталдалъун, иргадулаб кумек битIана СВОялда ругел нилъер рагъухъабазе. Районалъул имамзабазул советалъул председателас, гьеб лъикIаб ишалда гIахьаллъи гьабунщиназе, ракI-ракIалъулаб баркалаги кьун,...


Медалалдалъун кIодо гьаруна

РФялъул Оборонаялъул министерствоялъул медаль ва цогидалги шапакъатал кьуна «Инсан» фондалъул хӀалтӀухъабазе ва кумекчагIазе. Медалалдалъун кIодо гьаруна СВОялъул заманалда гьез гьабураб ва гьабулеб бугеб кумекалъухъ, гьединго, ВатIаналъул унго-унгоял патриотал жал рукIин бихьизабулеб...


Нужее баяналъе

  «ХIавамим» абурал сураби чан ругел? – Анкьго руго. Щал гьел кколел? – «Гъафир», «Фуссилат», «Шура», «Зухруф», «Духан», «Жасият», «АхIкъаф». Щай гьезие...


Инсанасул талихI

ГIужда как бай буго инсанасул бищун кIудияб талихI. Нилъ Аллагьас ﷻ рижун руго гIибадаталъе, гIибадаталъул аслияблъунги буго как. Как байги буго МухIаммадил умматалда цIакъго-цIакъ хасс гьабураб гIамал.   ТIоцебе тIадкъай гьабулелъул как бай букIана къойида жаниб кIикъоялда анцIго базе....