«Ас-салам» – магIарул росабалъ
Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана ЛъаратIа районалъул Начада администрациялда гъоркье кколел росабалъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, имамгун, школалъул нухмалъулевгун, ва цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун.
Гьезулгун гьабураб чара-чӀвариялъулъ нижеца гьоркьор лъуна жакъа къоялъ жамагIаталда хурхун цере чIарал масъалаби, росдал тарихалда хурхун суалал ва хадурккун гьаризе ракIалда ругел ишал. Начаде гьабураб сапаралъул баян кьолеб буго гъоркьехун.

ГIабдуразакъов Султан, Начада росдал бегавул:
- Дун гьавуна ва гIуна Начада росулъ. Школа лъугIидал цIализе лъугьана пединституталде. 10 соналъ хIалтIана школалда мугIалимлъун. Хадув вищана бегавуллъун ва хIалтIана кIиго болжалалъ.
МугIрузул росабалъ чара гьечIого къваригIараб жо буго нухги токги. Гьеб кIиябго лъикI букIинабиялда тIад хIалтIизе ккола. Гьанже халкъалъе интернетги къваригIунеб буго.
Гьава-бакъ хисиялдалъун токалъул хIубазегун кваразе къварилъи ккечIого хутIуларо. Электросетазул хIалтIухъабазулги кидаго гуро гIолеб сурсат. Гьезие кумекалъе гIолохъаби, жамагIат бахъун кумек гьабула. Нижехъ рукIана машинадул нух жанибе гьечIел росабиги. ЖамагIатаз, жидерго къуваталдалъун рахъана нухал ва пачалихъалъул кумекалдалъун гьел къачIана ва гIатIид гьаруна. Нижер администрациялде гъорлъе уна щуго росу. Гьел росабалъа анцIгониги чи вуго СВОялда гIахьаллъи гьабулев. Гьезулгун бухьенги буго. Гьоркьо-гьоркьоб битIула гуманитарияб кумекги.
ГIолохъабазул гIахьаллъигун тIоритIула спортивиял къецал. Гьенире ахIула районалъул диниял церехъабиги. Бицуна лъикIаб-квешалъул. Начада ва Жажада росабалъ руго спортивиял майданал, гьединго Жажада буго лъикIаб бассейнги.
ГьабсагIат гьабулеб бугеб хIалтIул бицани, гьеб ккола Жажада росулъ ФАП бай ва ХIокьоб росулъе нух къачIай.


ГIабдурахIманов Тажудин, ЛъаратIа районалъул «Ташмухъ» округалъул имам:
- Дун ккола Кьорзода росулъа. Школалда цIалулеб заманалдаго мажгит-мадрасалде хьвадулаан. Школа лъугIидал цIализе лъугьана ДИУялде. Анкьго соналъ гьенивги цIалун, хIалтIана росулъ ва цинги витIана Лак, Кули, Ахти районазде, хIалтIана Дербенталда, ДагъОгниялда, МахIачхъалаялда. Щиб бакIалде витIаниги, тIадкъараб хIалтIи гьабиялда къокълъун чIечIого, хIаракат бахъана, имамасул кумекчи хIисабалда, «Ас-саламалъул», «Инсан» фондалъул вакил хIисабалда бажарараб хIалтIи гьабизе.
Гьанже нижерго районалде вачун «Ташмухъ» абулеб округалда районалъул имамасул вакилги, Мазада росдал имамлъунги вуго. Гьеб мухъалда гьоркьобе ккола Хидиб, Начада, Мазада, КIособ, Албания росаби. Бажарараб куцалда хIаракат бахъула районалъул имамасул тIадкъаял тIуразаризе. Школазде, ясли-ахазде ва цогидалги идарабазде хьвадун вагIза-насихIат гьабула, гIолилалгун дандчIвала, жамагIатазул данделъабазда гIахьаллъула.
ГIезегIан сонал руго дир гIадамазда гьоркьов жуван хIалтIулелдаса. Амма бищун лъикIаблъун дида батараб жо буго дун сабаблъун цогидазе лъикIлъи щвей, бажарараб гьабун пайдаяб иш нахъе тезе кIвей. Юждагалда бугеб пуланаб росулъ вукIана дун. Гьеб букIана рамазан моцI, таравихIалъул какдаса хадув аскIове вачIана цояв. Гьес абуна жал гIемерал соназ балагьун чIун рукIанин гьадинаб куцалда таравихIазул какал раялъухъ. Гьедин жамагIаталъул разилъи загьир гьабуна гьес.
Кумухалда, мадраса рагьун худуб заманалда, гIадамазул букIана нижедехун дагьаб лъикIаб гуреб бербалагьи. Гьеб хисиялъе ккана гьадинаб гIилла. Мадрасалда рукIарал мутагIилзабазгун цадахъ ракIалдасан лъазабуна лак мацIалда Сайфуллагь-къадиясде гьабураб назму. Цинги районалъул ифтIар гьабулелъул, киналго цере рахъун, ахIана гьеб. ГIадамазе кутакалда асарги гьабуна. Гьелдаса хадуб херал руччабазулцин нижедехун берцинаб бербалагьи лъугьана, хIатта гьез байбихьана рузман сордо-къояз нижее сайгъатал рачIине. Гьелъ, кире кканиги гьабизе ккола щивазда рекъараб хIал. Гьединал лъугьа-бахъинал ккедал бичIчIула жинцаго гьабулеб иш гIададисеб гьечIеблъиги.
Ахиралдаги, казият цIалулезда гьарила гIун бачIунеб гIелалде кIвар буссинабеян, гьитIинго тохлъун ккани, гIураб къоялъ гьел рорчIун уна ратула. Малъе лъикIаб-квешалъул, цIикIкIараздехун адаб-хIурмат гьабизе кколеб куцалъул ва хIаракат бахъе гIелму цIализе тIамизе. ГIелму бугони, лъимал мекъаб нухде кколаро.



ГIабдурахIманов МухIаммад, Начада росдал депутат:
- Дун ккола Жажада росулъа, цIалана МахIачхъалаялда бугеб Санкт-Петербургалъул МЧСалъул филиалалда. ГIумру гьабун росулъ вукIиналъ, росдал жамагIаталъги бегавуласги гьарун тIаде босана депутатасул хIалтIи.
Жажада росу букIана машинаялъул нухцин жанибе гьечIеб, лъел къварилъи бугеб бакI. Бахъана нух, росу рагIалда гьабуна санагIатаб майдан. Нижехъа бажарана росулъе лъим бачине. ЦIиял хIубал лъун, кварал хисун гьабуна токалъул хIалтIи. Росулъ гьечIо байбихьул гурони школа, гьединлъидал, нух бахъидал тIалаб гьабуна лъимал гьоркьохъеб школалде рачине микроавтобус.
РакIалда буго, гьитIинаб бугониги, Жажада росулъ спортзал базе, гьелъие хIадурун буго ракь, рагьизе буго ФАП.
ТIинчуда, Бежуда росабалъе жамагIатаз жидецаго рахъана нухал, хадурккун гьел нижеца ккезаруна районалъул нухазул бербалагьиялде гъоркье. Гьединго жамагIатазул жигаралдалъун бахъун буго ХIотлобеги нух, гьебги ракIалда буго районалдаса кумек букIунедухъ, дозулго сияхIалде ккезабизе. Цо росу хутIула жеги нух бахъизе, гьелъиеги Аллагьасул хъвай батила.
Казият гьоркьоб ккун кIудияб баркала загьир гьабизе бокьун буго росабазул жамагIатазе, гьарулел хIалтIабазулъ гьез кутакаб гIахьаллъи гьабула.
Аллагь разилъеги киназдасаго.
ЛъаратIе гьабураб сапаралдаса хадуб, МухIаммад вищана Начада росдал администрациялъул бегавуллъун. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги МухIаммадие жамагIаталъе пайдаяб хIалтIи гьабизе.

Чупанов Чупан, Начада росдал школалъул директор:
- Пединститут лъугIидал хIалтIана росдал школалда. ИчIго соналъ хIалтIана Мазада росдал школалдаги. 2001 соналдаса нахъе хIалтIулев вуго школалъул директорлъун. Тарбия кьеялъул, мугIалимлъиялъул хIалтIи цохIо школалда гьабун тIубалеб жо гуро. Эбел-эменги хIалае рахъинчIони, хIасил кколаро.
Цере рукIарал лъимал дагьал цIикIкIун гIинтIамулел рукIана. Гьанжесел лъималазул, телефоназде руссун рукIиналъ, гIинтIами дагьлъун буго.
Школалда буго хIажатабщинаб. Гъоркьиса ремонтги гьабуна. Амма хIалтIизе рачIине гIолохъанал специалистазе бокьулеб гьечIо, мухь дагьаб бугинги абун.
Нижеца кIудияб хIаракат бахъула цIалиялда цадахъ тарбия кьеялъул хIалтIи гьабизеги. Нижехъе гIемер рачIуна районалъул диниял хIалтIухъабиги, цIалдохъабазе гьарула вагIза-насихIаталги.

БилалмухIаммадов ГIабдулагь, Жажада росдал ясли-ахалъул нухмалъулев:
- 2000 соналъ рагьана ясли-ах. Гьениб буго 15 лъимадуе бакI. Гьелдаго аскIоб буго байбихьул школаги. Ясли-ах букIиналъул кIудияб кумек буго эбел-инсуе. Лъималазе гьарула, бихьизабураб программаялда рекъон, киналго тадбирал.

Шапулов МалагIали, Мазада росдал школалъул учитель:
- Мазада росдал гьоркьохъеб школа лъугIизабуна 1979 соналда. ЦIалана Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб университеталда ингилис мацIалъул ва тарихалъул факультеталда. ХIалтIана КIособ росулъ учительлъун.
1994 соналда хIалтIизе лъугьана Мазада росдал байбихьул классазул учительлъун. Чанго соналдасан дун директорлъунги тIамуна. 2001 соналдаса бахъараб 2022 соналде щвезегIан нухмалъи гьабуна школалъе. Гьеб букIана захIматаб ва жавабчилъиялъулаб заман, амма дун чIухIула школалъе нухмалъи гьабизе рес щвеялдаса. Гьанже дун учительлъун хIалтIулев вуго ва вохула цIалдохъабазда гьоркьов вукIиналдаса.
Дие бищунго аслияблъун ккола дирго цIалдохъабазул ракIалдещвеял. АнцI-анцI соназдасан цеве цIалулев вукIарав чиясда дун лъараб мехалда, салам кьедал, ракI бохула. Гьелъул магIна ккола дицаги гьаб ракьалда лъалкI тун бугин абураб жо.
Амма гьанжесеб гIел цере рукIараздаса батIияб буго. Гьал сверун ккун руго техникаялъ, телефоназ ва интернеталъ. Цебе иш букIана гIадатияб - лъималазул цIикIкIун гьоркьоблъи букIунаан, эбел-инсуе кумек гьабулаан, рахьдал мацI лъалаан. Гьанже, гIемерисезда, гьеб мукъсанго гурони лъаларо.
Тарбия кьей ккола жамгIияталъул матIу. Лъимал гьанже диналде гIагарлъун руго: мадрасабазде хьвадула, Къуръан цIалула, какал рала. Узухъда, интернеталъ квешаб асар гьабула, амма эбел-эменги учительзабиги цадахъ рекъон хIалтIани, гIемераб жо лъикIлъизабизе бегьула.
Дица гъираялда цIалула «Ас-салам» казиятги. Газеталъ бачIуна лъикIлъиги лъайги, гьелъие гIоло дица гьеб рикIкIуна цIакъ хIажатаблъун.
Киназего гьарула сахлъи, сабру, талихI.

МухIамадов АсхIаб, ЛъаратIа районалда «Ас-саламалъул» вакил:
- ТIоцебе гьаб ишалде вачIиндал, нижер районалда тIаде кколаан газеталъе 750 подписка гьаби. Жакъа гьеб къадар кIиго нухалъ цIикIкIана: исана 1700 газета хъвана. Щибаб росулъ руго нижер вакилзаби. Росабазул имамзабазги волонтеразги жигараб кумек гьабула.
ГIадамаз цIакъ разиго къабул гьарула ниж. Бихьула гьел газеталъухъ балагьун чIун рукIин. Узухъда, руго гьеб цIализе заман гIоларин, интернеталда кинабго батизе бегьулин абулелги. Амма, кигIанго цIакъ техника цебетIураб заман гьаб бугониги, сунцаго хисизе гьечIо унго-унгояб газета.
ГIадамазухъе газетаги щвезабула жиндир болжалалда ва щибаб лъагIалил ахиралда, хIасилалги гьарун, тIобитIула мажлис, подписчиказе кьола баркала. Гьелдаго цадахъ, хIажалъи ккедал, цогидал районаздеги уна ниж подписка гьабиялъе кумек гьабизе. Гьеб кколелъулха исламалъе гIоло гьабулеб хIалтIи.
Дир мурадги буго щивав чиясул гьалмагълъун, лъаялъул, тарбиялъул, рухIияб канлъиялъул иццлъун «Ас-салам» букIин. Гьарула рекъел, цолъи ва битIккей.

ГIабдуразакъов Мурад, ГТОялда «Ас-саламалъул» жавабияв:
- Росулъ школа лъугIизабун цIалана пединституталда. Гьелдаса хадуб хIалтIана токалъул идараялда. Цинги ккана «Ас-саламалъул» хIалтIуде ва жакъаги гьеб иш гьабулев вуго. ГьабсагIаталда абуни дун ккола муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев «Ас-саламалъул» вакил.
- «Ас-саламалде» кин ккарав?
- Нижеда аскIоб бугеб росулъе рачIун рукIана «Ас-саламалъул» хIалтIухъаби. Гьениве имамгун индал ва гьезулгун лъай-хъвай ккедал, гьез абуна хIалтIизе вачIинарищин абун. ВитIана Гъизляралде. Гьединго, Унсоколо районалдаги хIалтIана лъабгогIан соналъ.
- Нужедаго тIадкъараб ба-кIалда гьабураб хIалтIи гIечIого, цогидал районазде унищ газеталъе подписка гьабиялъул ишалъе кумек гьабизе?
- ХIажат ккараб мехалда уна. ГIемерисез газеталъе подпискаги гьабула. Гьелъул хIакъалъулъ лъаларезе баянги кьола.
- Волонтёразул кумек букIу-нищ гьеб ишалъулъ?
- Щибаб районалда тарал вакилзаби руго. Гьезулги рукIуна кумекчагIи. Подписка гьабизе байбихьидал имамзабазги бажарараб кумек гьабула.
