«Ас-саламалъул» редакция Агул районалда
«Ас-саламалъул» редакция Агул районалда

Дагъистан бечедаб буго батIи-батIиял миллатаздалъун. КигIанго батIиял гьел ругониги, Дагъистаналда цIунун буго цоцаздехун лъикIаб гьоркьоблъигун гьуинлъи. Гьелъие нугIлъи гьабула батIи-батIиял миллатазда гьоркьор кколел ригьназги. Нилъ киналго данде гьарула исламияб диналъ. Гьеб диналда жанир нилъ ккола цоцазул вацалгун яцал ва цо хъизам.
Южно-Сухокумскиялдаса ба-хъараб Дербенталде щвезегIан гьоркьоб бакIалда руго лъикIаланго батIи-батIиял миллатал. Нижер редакциялъул хIукму ккана гьединал, ай цо-цо миллатазулгун, гьезул яшавалъулгун цIалдолезул лъай-хъвай гьабизе. Гьединаб мурадгун ниж щвана Дербент мухъалда бугеб Агул районалде.
МагIарулазулго гIадаб мугIрузул ракь буго гьезулги. Агул район ккола Дагъистаналъул гIисинал районазул цояб. 2010 соналда гьабураб халкъалъул хъвай-хъвагIаялда рекъон, агулазул къадар 31 азаргоялдаса тIаде уна. Юждагъалъул цогидал халкъалго гIадин гьелги ккола Дагъистаналда ислам тIоцебе босаразул цоял. Агулазул мадугьалзаби ккола табасаранал, кумухал, даргинал, лезгинал ва рутулал. Агъуларин абула гьез жидедаго гьоркьоб, ай агъулал абураб магIнаялда.
Агул район гIуцIана 1934 соналда. Гьелъул райцентр ккола Тпиг росу. Гьезул мацI лезгиназулалде цIараб буго. 1990-абилел соназда гIуцIана агулазул мацIалда хъвай-хъвагIайги. Гьезул аслияб магIишатги хур-хер ва боцIухъанлъи буго.

Цогидал районазде дандеккун, Агул районалда цIунун хутIун руго некIсиял мажгиталгун минараби. Хасго гIажаибго берцинаб мажгит буго РичIа росулъ. Гьелъул тарих гIезегIанго кIудияб буго. ГIемерисел тарихчагIаз гьелъул байбихьи чIезабулеб буго 13-абилеб гIасруялда букIанин абун. ГьабсагIатги гьеб мажгиталъул некIсияб гьумер нахъе цIунун буго. Бищунго гIажаиблъараб жо, гьеб мажгиталъул хIубазда руго квералъ рикIун рахъарал берци-берцинал накъищал. Гьезда гьоркьоса цо хIуби буго жибго жиндаго тIад сверулеб. Хасго гьеб хIобода буго цIакъго гъварид гьарун рикIарал накъищалги. Гьезда гьоркьоб цо хIубиги буго цIадул хутIел ва асар жинда хутIараб. Гьелъие баян кьолеб буго росдал гIадамаз, гьеб бугин монголаз гьезул росу тала гьабун хадуб мажгитги бухIизе къасд ккеялъул асар абун. Хасго гьебго мажгиталда буго цебесеб заманалдаго бекIкIараб ганчIица бараб минараги.
Тпигалдаги буго гьединабго некIсияб мажгитгун минара. Жеги батараб гIажаибаб жо ккола, гьелъул аслиял къватIазда гъоркь ракьулъ рахъарал нухал рукIин. Гьезул ахирги росдал рагIалдаса унеб гIурухъе бугин бицана харабаз. ХIинкъи бачIун нахъе тIуризе ккани бугеб нух букIун буго гьеб.
Араб моцIалда Агул районалде гьоболлъухъ ахIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиги. Гьесда кутакалда берцинаб, гьуинаб ва рохалилаб дандчIвай гьабуна агулаз. Гьеб дандчIваялда гIахьаллъи гьабурав, гьезул росдалго динияв хIаракатчи Къубай-хIажилгун ккана нижер гьадинаб гара-чIвари:

– Къубай-хIажи, мун гьаб динияб рахъалдехун кин ккарав, щиб букIараб гьелъие сабаб?
- 1989-абилеб соналда дун вукIана гIадатияв гIолхъанчи, хIукуматалъул хIалтIуда вугев. Дир эбел йикIана динияб наслуялъул гIадан. Гьеб заманалда гьелъ какги толароан. Цо къоялъ аскIовеги ахIун гьелъ дихъе кьуна гIурччинаб ххамилъ жемараб жо. Гьаб бугин дир вас Къуръан, дуца гьаб цIунейин ва цIализеги лъазабейин абуна гьелъ. Дун гьеб заманалда диналдаса рикIкIад вукIана. Гьеб кодобе кьурабго, циндаго дир къаркъалаялда сири бана, цо батIияб асар лъугьана. Гьеб лъугьа-бахъин ккана тIоцебе диналдехун дир гьоркьоблъи ва хурхен ккеялъе.
Гьелдаса хадув дун ана муфти СайидмухIаммад-хIажица гIуцIарал диниял курсазде. Гьеб ккана дир тIоцебесеб галилъун диналде тIамураб.


– СайидмухIаммад-хIажилгун букIанищ лъай-хъвай?
- Валлагь букIанаха, дун гьесухъе гIемер щвана. Нижер районалда диналъул хIалтIи байбихьизе гьес кIудияб кумекги гьабуна. Гьев дунял тун ун вугин рагIидал, дирго вац хваралдасаги цIикIкIун гIодана дун.
– Нужер районалде гьоболлъухъ вачIун вукIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди. Кин араб дандчIвай?
- ХIакъикъаталдаги ниж рукIун руго талихI бугел гIадамал. Нижер районалде гьоболлъухъ вачIана АхIмад-афанди. Гьелдаса рохараб къо нижер районалда букIинчIин абизе бегьула. Гьесда дандчIвай гьабизе нухаре рахъун рукIана киналго гIадамал. Райцентралда, ай Тпигалда бугеб мажгиталда жанир хIалтIаби гьарулел рукIиналъ, устарасулгун дандчIвай гьабуна РичIа росулъ. Гьениб буго гьаб мухъалдаго бищун некIсияб мажгит. Дагъистаналъул муфти нижехъе вачIиналдаса, гьесулгун дандчIвай ккеялдаса рохун ва чIухун руго нижер гIадамал. Аллагьас баракат камун тогеги нилъ устарзабазул.
– «Ас-салам» казияталъулгун бугищ бухьен?
- ГьабсагIатги дица цо хIарп гьоркьоб биччачIого цIалула «Ас-салам». Дица гьеб хъван буго цебегоялдаса. МашаАллагь, гьелъ кIудияб кумек гьабуна дида дин бичIчIиялъе. Нижеца хъвала гIурус мацIалда бугеб казият.
Агул районалде сапар гьабизе ният ккедал, нижеца цIехон букIана гьенир имамзабилъун хIалтIулел магIарулал ругищали. ЦIех-рех гьабидал, ратана. Масала, 24 сонил ригьалде вахарав ЛъаратIа районалъул Гъведиш росулъа МухIаммадов Сулейман. Гьев ккола Худиг росдал мажгиталъул имам.

Гьес бицана жиндир эменги вукIанин имамлъун хIалтIулев чи. Исламияб гIелмуялде гъира букIиналъ, росдал школалда ичIго класс лъугIидал исламияб институталде цIализе лъугьана.

Агул районалде ккараб куцалъул гьадин бицана Сулайманица:
- ЦIализе лъугьунелъулги цIалулагоги дир ният букIана щиб чIахIияз тIадкъаниги, киве витIаниги малъараб гьабизе. 7 соналъ гьенив цIалун хадуб, цогияздаго гIадин, дидаги абуна практикаялъ витIизе вугин абуна. Абураб гьабулев чи вугин дица абидал, Юждагъалде витIана. Гьенир ратараз цIехана киса кколевилан. ЛъаратIа районалдаса вугин абидал, гьез абуна мун бокьараб бакIалде витIизе бегьулин ва витIана Агулалде. Гьале кIиабилеб сон буго гьанив вугелдаса.

– ЖамагIаталъулгун гьабулеб аслияб хIалтIи щиб бугеб?
- Аслияб хIалтIи бугин абизе бегьула гIолохъанаб гIелалъулгун гьабулеб. Гьанже риидалил заманалда гIемерисел шагьаразде ва рахъ-рахъазде ун, гIемер гьабулеб жо букIунаро. Школалъул цIали байбихьараб ва хасалил заманалда рукIуна дарсал.
БатIияб мацIалъул гIадамал ругониги, хIалтIи гьабизе цIакъ гьоркьоре журарал, тIаде вачIарасул адаб-хIурмат бугел, гьобол хириял чагIи ратана агулал. Гьединлъидалги батила, гьабулеб хIалтIуе бигьалъи буго. ГIун рачIунел лъимал руго диналде гъира бугел, исламияб институталде цIализе ине бокьун бугин абулелги.
Хадубккун ракIалда буго сверухъ ругел росабазул гIолохъабазулгун спорталда хурхунги бажарараб хIалтIи гьабизе. Гьелъие кумек гьабилин абулелги руго жамагIаталъул чагIи.
Аллагьасе рецц, гьабулеб хIалтIуе квалквал гьабулел чагIи гьанир гьечIо, сверухъ ругел росабалъа чагIиги рачIун щибаб рузманалде ва гьатIан сардаз салават-хатмуги гьабула. Анкьида жаниб районалъул имамзабазул дарс букIуна, гьелдеги хьвадула.
ИсмагIилов Хизринаби ккола тохтур. Гьев гьавуна 1962 соналда. Агул районалда школаги лъугIизабун ана армиялде. ТIадвуссинадал Таганрогалда, «Прибой» заводалде лъугьана ва токарлъун хIалтIана. Цадахъго спортги бачана.

Цо нухалда къецазда бергьиндал витIана Краснодаралда бугеб Физкультурнияб институталде цIализе. Хадуб лъугIизабуна Спортивияб медицинаги. Гьелдаса хадуб хIалтIана спортсменазул командаялъул мануалияв терапевтлъун. Дагьабго заманалъ гьенивги хIалтIун, районалде тIадвуссана ва 20 соналъ мадрасалдагун «Ас-салам» казият тIибитIизабиялъул вакиллъун хIалтIана. Гьелдаго цадахъ унтарал гIадамалги сах гьарулел руго.
- Хизринаби, остеопат-костоправлъун хIалтIулелдаса кигIан заман бугеб ва захIматго унтарал сах гьаризе кIолищ?
- Дир хIалтIул стаж буго 35 сон. ГIемер батIи-батIиял унтарал рачIуна. Цоязе бажарула кумек гьабун, цогидал тIадруссун уна нахъеги рачIинелъун. Лъазе ккараб жо буго, унти ва сахлъи кьолев ТIадегIанав Аллагь ﷻ вукIин. Нилъ руго унтарасе сахлъи Аллагьас ﷻ кьеялъе сабабалъе ругел чагIи. ГIемерисел унтаразе къваригIуна хего сахлъизе. Цо дагьаб сабру гьабизе ккола. Унтиги Аллагьасул рахъалдасан лагъасе бугеб саламин абун бугелъул. Унтиялъ унтарасул мунагьалги чурула. Щибаб жоялъулъ буго маслигIат. Чанги унтарал руго, унти сабаблъун, лъикIаб рахъалдехун руссарал. Киназего ракI-ракIалъ гьарула дица сахлъи.

- ГIадамал унтиялъе аслияб гIиллалъун щиб дуда бихьулеб?
- Кинабго бараб буго кванда. Чехь бихъизегIан кваначIого, рекъараб къадаралда кваназе ккола. Кваналеб жоги гIемерисеб химия гъорлъ бугеб буго. Кваница чIвала чи. ХIалалаб, бацIцIадаб кваназе хIаракат бахъизе ккола. ГIемерал унтаби ккола гьеб сабаблъун, мугъзал гьодги гьелъ жагъал гьабула. ГIадамазул рагъа-рачариги дагьлъун буго. Спорталдехун гъира гьечIо. Телефоналгун кьижула ва рахъунагоги гьеб кодобе босула. Цинги захIмалъиялде ругьунлъичIеб къаркъала, цо бакIаб жо кодоб борхидал, унтула. ГIемерисеб нилъедаго бараб буго.
- Мугъзагьодалъул грыжаби ругел унтарал гIемер сах гьаруна дуца. Операция гьабиялде щиб абулеб?
- Дица абула операция гьабизе гIедегIугейин. Операция гьабун унти тIаса арал гIадамалги руго, ва амма гIезегIан руго операциялдаса хадуб тIубанго гIодор лъуралги. Авалалдаса унти тIаса аниги, мугъзагьодал кколелъур лъун гьечIони, грыжа тIадбуссине цIикIкIун рес буго. Операциялдаса хадуб остеопат-костоправаз къанагIатго гурони тIаде росуларо унтарал. Нижеца мугъ унтун рачIаразул мугъзагьодал рукIине кколеб бакIалда лъола. Цинги рокъор гьаризе упражнениялги рихьизарула. Аллагьасе ﷻ буго рецц, гIемеразе мадар ккола.
- Казият гьоркьобккун дагъистаниязе щиб гьарилеб?
- Гьарула сахлъи цIунеян. Кинабго гьабулеб пишаялъе бищун цебе къваригIараб жо буго чорхол къуват ва сахлъи. Телефонал дагь хIалтIизаре, спорталда тIадчIей гьабе. Жакъа нилъерго сахлъиялда тIадчIей гьабизе рес гьечIин абизе бегьиларо. Аллагьас ﷻ лъикI хьихьун руго.
Агул районалде сапар гьабидал, рагIана Рича росулъ имамлъун хIалтIулев вугин магIарулавин абун. Нижер пикру ккана гьесулгун гара-чIвари гьабизе. Гара-чIвари гьабиялъе цоги гIилла букIана гьеб росулъ некIсияб мажгит букIинги.

Рича росдал имам ккола ХIабибуллагь Гусейпатов. Гьев ккола Гьочоб росулъа. Жиндирго хIакъалъулъ бицунаго гьадин абуна ХIабибуллагьица: «Дун гьавуна Гъизляр районалъул Южный росулъ. Дирго росулъе гIемерав щолаан. БатIияб бакIалда вугониги дица росу рехун течIо. Цогидаздаги гьарула нилъерго росу-ракь рехун тогейилан абун. 11 класс лъугIулеб мехалда гIищкъу ккана мадрасалде цIализе ине. Эбел-эменги разилъана. Дун ДИУялде цIализе лъугьана», - ян.
- Кинха мун ккарав Агул районалде?
- Анкьабилеб курс лъугIизабизе ниж ритIана ДагъОгниялде. Гьеб лъугIидал нижеда абуна нуж ине кколин югалъулаб Дагъистаналде. Нижги разилъана ритIараб бакIалде ине.
Гьайгьай захIмалъун букIана рукъалдаса рикIкIад ине ккеялъ, хасго батIияб миллатги гIадатги бугеб бакIалде. Ниж исламалъе гIоло хIалтIи гьабулел чагIи ругелъул, захIмалъи къезабуна ва дунги гьаниве витIана. Гьанир лъикIал гIадамалги ратана, гьез лъикIаб гьоболлъиги гьабуна ва рукъги кьуна.

- ЖамагIаталъулгун кин хIалтIи гьабулеб бугеб?
- Гьеб балагьарав чиясда бихьулеб батила. Районалъул имамас малъараб гьабула, гьесул насихIатаздаса пайдаги босула. Рузман къоялъ хасал вагIзабазде кIвар кьола, росулъ бугеб къварилъиялъул бицуна ва хIаракат бахъула цадахъ кинабго гьабизе.
Гьединго лъималазеги дарсал кьола, хасго риидал гIемер рукIана шагьаралдаса рачIарал лъимал. ЧIахIиял чагIазе анкьида жаниб кIиго нухалъ вагIзаби гьарула. ЖамагIатгун цадахъ мажлисазде ва зияратазде уна. Рес ккедал, ахIвал-хIал цIехон, гIадамазухъеги хьвадула. «Ас-салам» казиятги хъван буго 47 чияс. «Инсан» фондалъулгунги гьоркьоблъи чIезабула.
- Жеги кинал хIалтIаби гьаризе ракIалда ругел?
- РакIалда буго жамагIаталъулгун бухьен цIикIкIинабизе, гIолохъабазде кIвар кьезе. Гьезда гьоркьор камуларо квешал жал хIалтIизарулелги. ГIилла - бербалагьи чучлъизе тей. Эбел-инсуцаги, гIагарал-гIунтIаразги, имамзабазги хIалтIи гьабуни, хIасил ккола.
- РагIана Рича росулъ Дагъистаналда бищун некIсиял мажгитазул цояб бугин. Гьелъулъ хIакъалъулъ баян кьуни бокьилаан.
- Гьанив вукIарав имамас ва росдал жамагIаталъ бицана гьаб мажгит цIакъ цебегосеб бугилан. ГIадамаз абула 6-7-абилел гIасрабаз бараб мажгит бугин, гьеб чIезабулеб документ гьечIониги. Амма хутIун буго монголоз бухIун хадуб гьеб цIидасан къачIаялъул хъвай-хъвагIай.
Мажгиталъуб буго накъищал рахъарал хIубал. Абула куфиюназул мацIалда гьабураб хъвай-хъвагIайги бугин. Мажгиталъул бакьулъ буго сверулеб хIуби. Гьединаб къагIида цохIо Сириялда бугин абула. ГIемерав чи гIажаиблъула гьелда, батIи-батIияб бакIалдаса рачIуна гIадамал гьелъухъ балагьизеги. Щиб жоялъе гьабурабали мухIканго лъаларо, амма руго батIи-батIиял пикраби. Мажгиталъуб буго зияратги. Амма гьеб лъил кколебали мухIканго лъалеб гьечIо. Цебе гьаб росулъ гIемерал вализаби рукIана, росуги кIудияб букIана. ЧIахIиял чагIаз абула 600-700 цIараки букIанин. Цебе гьаб росу шагьарлъун рикIкIунебги букIун буго. Церегосел хъвай-хъвагIаязде балагьидал бихьула шагьарилан хъван. Гьединго мажгиталда гъоркь буго подвал, гьенисан лъураб нуцIаги буго хабалазде щвезегIан.
- Мажгит къачIазе ракIалда бугищ?
- Гьеб къачIазе документал хIадурун руго. КватIичIого байбихьила.
- ХIабибуллагь, ахиралдаги щиб абилеб?
- Нилъеца гьабулеб хIалтIул мурад буго ракIбацIцIадго гьаби. Имамзаби рукIа, лъай кьеялъул отдел букIа, киназдаго гьарула ихласгун гьабеян. Дир гьари буго жамагIатазде, имамас малъухъе рукIайин, гьеб мехалда баракат букIунеблъиги хIакъаб бугелъул.