Аслияб гьумералде

«Ас-салам» – Дагъистаналъул росабалъ

«Ас-салам» – Дагъистаналъул росабалъ

«Ас-салам» – Дагъистаналъул росабалъ

ГIумаров Халид, Кокрек росдал школалъул директор

- Халид, цIалдохъабазул цIалул цебетIей кинаб даражаялда бугеб?

- ЦIалул иш квеш гьечIо. Масала, цебе квеш цIалулел лъималазе кIийилаб къимат, лъабил къиматалъул сураталда, журналалда лъолеб букIун батани, жакъа цIалдохъабазе лъаялда рекъараб къимат гурони лъоларо.

2017 соналда ТIолгороссиялъул халгьабиялъул хIалтIаби гьарулеб заманалда нижер школа «красный зонаялде» ккун букIана. Амма гьеб соналдаса байбихьун жакъа къоялде щвезегIан «красный зонаялде» нижер школа ккечIо.

Гьелъие гIиллаги буго школалъул коллективалда цебе лъураб аслияб масъала букIин лъаялда рекъарал, мустIахIикъал къиматал гурони лъималазе лъунгутIи.

ЦIали цебетIезабиялъе кумек ккана цIалдохъабазе тIахьал чIезариялъул мурадалда къабул гьарурал программаби рукIиналъги. ЕГЭ баккаралдаса лъималазда ва гьезул эбел-инсуда бичIчIана хIакъикъаталдаги лъай бугев чиясда гурони экзамен кьезе кIолареблъиги.

- Лъималазул эбел-инсул рахъалдасан букIунищ кумек?

Кокрек росдал школа

- ГIемерисезда ракIалде ккола лъималазе лъай щвей гIицIго школалъул учительзабазда бараб бугин абун. Амма законалда рекъон, лъималазе лъай кьей эбел-инсуда тIадаб борч буго. Учительзаби ккола гьезие лъай щвеялъе сабаблъун ругел чагIи. Гьединлъидал рокъоб эбел-инсуцаги дагьаб кIвар кьуни, учительзабазе гIемерго бигьалъула.

Цоги унтараб суал, байбихьул классазада цIалулелъул лъималазде умумуз кIвар кьола. ЧIахIиял классазде рахъиндал, гьеб рахъ загIиплъулеб буго. Гьелъие гIиллабиги ратила. Масала, лъималазе гIоло бетIербахъи гьабизе кколеб букIин.

Гьаб заманалда щивав чиясе разияб хIалтIиги гьечIелъулха, дагьал цIикIкIун рекерахъдизе кколел руго. Цебе гIадин заводалгун фабрикалги гьечIо. Амма, хIалтIудаса рокъор щведал, кигIан захIмат бугониги, лъималазул лъай цIикIкIинабиялде кIвар кьуни лъикIаб букIина.

ЧIахIиял классазда цIалулел лъималазда дарс бичIчIизабизе гIураб лъайги эбел-инсул букIунаро. Гьеб рахъги хIисабалде босун, нижер школалъ гIуцIун буго «Дорожная карта» абураб, эбел-инсул лъай цIикIкIиналъе сабаблъун хIалтIизабизе рес бугеб программа. Бокьарав чияс босизе бегьула гьелдаса пайда.

- ЦIалдохъабазе тарбия кьеялъе кинал сабабал хIалтIизарулел?

- Лъималазе тарбия кьеялъе цебе лъураб аслияб масъала буго нилъерго миллияб культураялде кIвар кьей. Школалъул тарбиячиясдаги тIадкъан буго щибаб анкьида жаниб щибаб миллаталъул «Неделя национальной культуры» абурал тадбирал гIуцIизе.

Цоцазул миллатал лъаялда хурхарал тадбираз лъималазулъ бахIарчилъи, гIаданлъи, къадру, ритIухълъи, ватIаналъе мутIигIлъи ва цогидал лъикIал тIабигIатал щула гьарула.

- 1944 соналъ Чачаналде гочинаридал, гьениб бана нижеца гIезегIан сонал. 1956 соналда армиялде витIана, - ян бицана ГIамирханица нижергун букIараб гара-чIвариялда.

Кокрекалда ругел авал мажгитазул цояб

ЧIарада районалъул ЧIилдиса АхIмадов ГIамирхан

- ГIолохъанаб заманалда щиб ишалдаха вукIарав?

- ГIолохъанаб мехалъ дун «Дагавтомат» заводалъул складалда хIалтIана. Советияб улкаялъул заманалда гьеб букIана кIудияб завод. Гьенив хIалтIулаан азаргоялдасаги цIикIкIун чи. Щивасе чIезарун рукIана рекъарал санагIалъаби. Улка биххидал заводалъулги иш лъугIана.

- Чачаналда щиб яшав букIараб?

- Расги лъикIаб заман букIинчIо гьеб. Щайин абуни, ниж рукIана жакъа гьенире, метер доре гочаринарун, цыганал гIадин. Гьенив хвана нижер эмен, гьевги вукIана Аллагьасул нухги ккурав, жиндир иш гьабун гIияда хадувги чIарав чи.

Эмен хун хадуб кIудияв вацас кумек гьабуна нижее. Чачаналда ругеб мехалъ гьенив гьобол вукIана нижер цIакъ гIаданлъи бугев чи. Гьесги гьабуна бажарараб кумек. Эменги гьенивго вукъун вуго.

- Доб заманалда диналъул иш кин букIараб?

- Бокьарав чиясе дин гьабизе лъицаго гьукъун букIинчIо. Кин бугониги, доб заманалда камулароан диналъе квалквал гьабулелги. ГIолохъанаб заманалда ккун батила диналдехун кIарчанлъи, гьелдаса Аллагь тIаса лъугьиналде хьул буго. Амма гьабизе ккаралъуб бахчунги толароан парз тIубачIого.

- Рагьун дин гьабизе рес щвеялдаса разилъанищ?

- АлхIамдулиллагь, кидагосеб шукру буго БетIергьанасе , кутакалда лъикI ккана. Дин гьабизе ва хIежалде ине рес щведал, инсудаса, эбелалдаса ва дидасаго хIеж борхана, сахлъиялда вугеб заманалда мажгиталде хьвадун, как бан, кIал ккун динги гьабула.

- ГIумру бихьарав, ригьалде вахарав чи вугелъул мун, гьаб заманалъул гIолохъабазухъ балагьун щиб абилеб?

- ХIалтIи гьечIин абун чIарал гIолохъаби гIемер руго. Узбекистаналдасацин гIадамал рачIуна нилъехъе хIалтIизе, нилъеразе абуни бокьулеб гьечIо. Гьанжегицин гъира букIуна дир щвараб хIалтIи гьабизе.

- «Ас-салам» казияталъулгун бухьен бугищ?

- Буго, гьале столалда тIад цIияб номер газеталъул, хъвала ва цIалула. Гьанже дагьаб канлъи хун буго, гьелъ гIемер хIал гьабуларо. Гьаб заманалда цIаларасе гIелму буго, гьабурасе хIалтIи буго, щиб бокьаниги бокьараб нигIматги кьун буго. ЛъикI тун руго Аллагьас . Кидаго гьарула балагь биччагеян, унта-щокълъи рикIкIад гьабегиян, гьабулелда баракат лъегиян.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...