Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Ясалъ гьарулеб буго смартфон босеян, цадахъ цӀалулел лъималазулги гьеб бугин абун. Гьелъ щуабилеб класс лъугӀизабуна щуйилазда, амма дун хӀинкъун йиго интернеталъул заралалдаса гьей цӀунизе кӀвеларин, гьелъул цӀали нахъе ккелин абун. Дида бихьулеб бугелъул сверухъ ругел гӀолилазул хьвада-чIвади. Дие захӀ-малъулеб буго гьелда бичIчIизабизе, щай гьелъул гьудулзабазухъ смартфон букӀине бегьулебали, амма гьелъие бегьулареблъи. Щиб дица гьабизе кколеб?

 

Хадижат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

КӀудияв гӀалим имам Гъазалияс хъван буго: «Нужеда лъала ТӀадегӀанав Аллагьас лъимер цӀунизе (аманат) эбел-инсухъе кьураблъи. Гьесул бацӀцӀадаб ракӀ ккола къиматаб жавгьар, нилъеца гьелда жаниб кинаб накъиш бикIаниги, гьелъ гьеб къабул гьабула».

ХӀасил-калам, гьитӀинаб къоялдаса нахъего эбел-инсуца лъимералда лъикӀаб гурони гьабизе малъулеб гьечӀони, жидерго мисалалдалъун бихьизабуни гьеб кин гьабизе бегьулебали, гьеб мехалъ, ТӀадегӀанав Аллагьасул амруялдалъун, талихӀ батила гьаб дунялалдаги ахираталдаги. Гьес гьабураб лъикӀаб гӀамалалъухъ гьесул эбел-инсуеги кири щвезе буго.

ГӀалхул хӀайван гӀадин рехун тун лъимер батани, гьеб мехалда гьев талихӀкъосаравлъун хутӀила, гьелъул жавабчилъи чарагьечIого эбел-инсуда тIад букIине буго. Нилъеда бихьула эбел-инсуца лъимал гьаб дунялалъул рокъоб захӀмалъабаздаса цӀунизе хӀаракат бахъулеб куц, амма гьелдаго цадахъ рухIияб тарбия кьезе кӀочонги тун. Лъимер талихӀаблъун лъугьине бегьула гьелъие букӀине кколеб тарбия щвани, жамгӀияталда гьоркьоб берцинго хьвадизе лъалеб бугони, эбел-инсуца гьелъулъ лъикӀал яхӀ-намусалъул хаслъаби рижизарулел ругони, квешал гьудулзабазул асаралдаса цӀунулеб бугони ва гӀорхъолъа араб рахӀат-хӀалхьиялде, бечелъиялде ругьунги гьабичIони.

Щаклъи гьечӀо, смартфон букӀиналъул гӀемерал тӀокӀлъаби руго ва гьеб баккаралдаса нилъер дунялалъулаб гӀумру санагӀатаблъун гьабуна. Лъимер гьелдаса цӀуни тӀубанго битӀараб букӀинаро. Амма кӀвар бугеб жо ккола, битӀун хӀалтӀизабунгутIиялъ гьелъ гьабизе бегьулеб зарал лъимералда бичIчIизаби.

КӀвар бугеб жо ккола лъимералъулгун гьоркьоблъи божилъиялъулаб даражаялда чӀезаби. Гьедин бугони, гIемерго бигьалъизеги буго.

Гьеб кинабгоги бажарула ТIадегIанав Аллагьасул нух ккун нилъ хьвадулел ругони.

 

Психологасул жаваб

Ахираб заманалда гьеб буго гӀемерисез кьолеб суал. ЧӀванкъотӀарал малъа-хъваял гьарилалде хӀисабалде босизе ккола цо чанго рахъ.

Гьениб цӀакъ кӀвар бугеб жо ккола, лъимералъе смартфон босичӀогойин абун, интернеталъул квешлъабаздаса цӀунараблъун гьеб букIунареблъи. ХӀакъикъаталдаги лъимер жамгӀияталдаса батӀа гьабун тIубаларо, гьеб ккола гьелъул цо бутӀа. Школалда рукIагоги дур яс балагьизе рес буго цадахъ цӀалулезул телефоназухъ, щиб гьезда гьениб бихьизе бегьулебали нилъедаги лъаларо.

Смартфон хӀалтӀизабиялъул адабал лъимералда малъиго битIараблъун бихьула. Жеги анцIго сон гурони бачIеб лъимералъухъе смартфон щведал, интернеталдаса кколебги кколаребги босизе рес буго. Пайдаял жал гьенир рукIунел ратаниги жеги цIикIкIун заралиябги букIуна. Кьолеб бугони, дурго бербалагьиялда гьоркь букIине ккелаха. Жакъа руго гIемерал программаби лъимадухъ бугеб  телефоналда жаниб бугеб эбел-инсуда жидерго телефоназдаса гьезда бихьизе кIолеб.

Бищунго аслияб жо, лъимералъулгун гьоркьоблъи гьукъиялъул кьучӀалда гуреб, божилъиялъул кьучӀалда гӀуцӀизе хӀаракат бахъе. Гьелъ нужее кьезе буго цоцазулгун бухьен ва асар гьабиялъул хIасил.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда. ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...