Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Малъа-хъвай гьабе дие!

КватIичIого рукъалде уне йиго. Росас адаб гьабизелъун ва дир гIунгутIаби рихьичIого рукIинелъун бокьилаан нужеца малъа-хъвай гьабизе. Дирго гIамал-хасияталъукьа ва сипат-сураталъукьа кин дун нечечIого йикIиней?

ГIаишат, Гъизляр район

ГIалимчиясул жаваб

Рукъалде ине яс хIадури гьитIинаб къоялдаса нахъе байбихьизе ккола. Эбел-инсуца кьезе ккола лъималазе хъизан-кулпаталъул лъай. Жидерго мисалалдалъун рос-лъадуда гьоркьоб букIине кколеб, исламалда рекъараб, хъвада-чIвади бихьизабизе ккола лъималазда. Лъималазда абуралдасаги гьез бихьараб лъикI босула. Гьединаб тарбия кьун бугони, лъималазе гIемерго бигьалъизе буго гIумру гьабизе.

Ригьин гьабиялъул мурад буго рос-лъадуда гьоркьоб цоцадехун рокьи, рахIму-гурхIел букIин. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна (магIна): «ТIадегIанав Аллагьасул хIалкIолъиялда тIоритIел гьабулел гIаламатаздасан буго Гьес нужее руччаби рижун рукIин, нужерго жинсалдаса. ХIава эбел йижана Адамил хьабалухъгIучIалдаса, цинги хадусеб наслу гьел кIияздасанго бижана. Нуж гьел руччабаздехун ракI парахалъун, гьелгун цадахъ хIал рекъон рукIине. Бихьинчиясе чIужулъун жундузул яги малаикзабазул гIадан гьаюн йикIарабани, гьел кIияздаго гьоркьоб камилаб хIал рекъей ва рокьи-хинлъи букIинароан. КIиго батIияб аслуялдаса бижараб жоялъул хIал рекъей ва дандеккей камилаб букIине рес гьечIо.

Аллагьас нужеда гьоркьоб цоцадехун гурхIел гьабуна ва рокьи-хинлъиги гьабуна. Аллагьас инсанасул рекIелъ гурхIел ва рокьи-хинлъи лъун букIинчIебани, цо жинсалдаса ругониги бихьинал ва ручаби цоцазда аскIор чIолел, рос-лъадилъун рукIинароан. Гьаб рехсараб жоялъулъги Аллагьасул хIалкIолъиялда ва Гьев Жив цогояв Халикъ вукIиналда тIоритIел гьабулел гIаламатал руго, жидеца пикру гьабулел ва жидеда жо бичIчIулел гIадамазе», - ян. (Сура «Ар-Рум», аят 21)

Хъизан гьабиялде хIадурлъулаго, тIоцебесеб иргаялда, къимат кьезе ккола жиндирго гIамалалъе. ГIунгутIаби ратидал, росасе иналде, эбел-инсул рокъой йикIаго, тавбу гьабун гьеб гIамал тезе хIаракат бахъила.

Имам АхIмадица чIужу ялагьулелъул ясалъул эбел-инсухъе ункъгIал йитIана. Рукъалъул бетIергьанас гьоркьохъей яс еццана, гьей берцинай йигиланги абун. Цинги ункъгIалалъ Аллагьасукьа ﷻ цIикIкIун хIинкъарай кинай йигейилан гьикъидал, кIудияй яс йигилан абуна. Гьелъулгун ригьинги гьабуна имам АхIмадица. Гьей хун хадуб, гьелъул хабатIаги чIун, гьес абуна: «20 соналъ цадахъ гьабураб гIумруялъ цониги гIайибчIвай ва гIенеккунгутIи бихьичIо гьелъул рахъалдасан», - илан.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Ункъо жоялдалъун тIаса йищула чIужу: бечелъиялдалъун, насабалдалъун, берцинлъиялдалъун ва диналдалъун. Дуца дин бугей тIаса йище, йищичIони дур талихIкъина», - ян. (Бухари)

Сипат-сураталъулги ургъел гьабизе кколаро. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ щивав инсан вижана Жиндиего бокьараб сипаталда. Гьелда разилъунгутIи Аллагьасда ﷻ разилъунгутIи ккола. Амма гьелъул магIна кколаро Аллагьасде ﷻ таваккалги гьабун черх бичча-бихъан тейин абураб.

ГIавф ибн МухIлимил яс росасе иналде цебе, гьелъул эбелалъ насихIат гьабун, абуна: «Я дир яс, жакъа мун гьаюраб ва гIураб рукъ тун уней йиго дуда лъаларев чиясухъе ва жеги рокьи ва хинлъи дур гьечIеб гIагарлъиялъухъе. Мун йикIа росасе гъаравашлъун цинги гьевги дуе вукIина лагълъун. Гьаб хадуб рехсараб малъа-хъваял цIунани гьев дуе нахърателлъун вукIина:

- Дагьалда гIейги гьабун Аллагьасе ﷻ щукру гьабун йикIа. Росас абуралъухъ мун берцинго гIенекке ва гьесие мутIигIайлъунги йикIа.

- Дуца цIуне гьесул бер ва мегIер щолеб бакI. Гьесул бер щоге дуда тIад къабихIаб жоялде. Дудаса берцинаб гуреб махIги гьесде бачIунге. Росасда цее рокъой йигей мехалъ берцинаб ретIел ретIун, берцинал махIал гьарун йикIа.

- Дуца цIуне гьесул кьижулебги кваналебги заман. Щибаб ригьалъ гьесие хинаб квен чIезабе. Вакъи буго рекIелъ цIа гъолеб жо. Гьединго макьу хвезабиги буго ццин бахъинабулеб жо.

- Дуца гьесул боцIи-малги цIуне ва гьесул хъизаналдехун, ай эбел-инсудехун, вац-яцаздехун, гIагарлъиялдехун ва сверухълъиялдехун мун лъикI йикIа, дуца гьезул адабги гьабе.

- Аллагьас ﷻ хIалал гьабураб жоялъулъ мун гьесие киданиги гIасилъуге. Гьесул балъголъабиги дуца къватIир чIваге. Гьесул ишалъе дуца хилиплъи гьабуни, ялъуни гьесул рекIел парахалъи хвезабуни, ялъуни гьесул балъголъаби къватIир чIвазаруни, дудехун гьесул божилъи хвела ва гьес мун гуккиялда дурги божилъи букIинаро.

- Воре, цIодорлъи гьабе гьев пашман вукIаго, гьесда цебе дурго рохел загьир гьабиялдаса. Гьединго, гьев вохун вугеб мехалъ мунго пашманлъиялдаса.

Цо къоялъ аварагас ﷺ чIужугIаданалда цIехана: «Дур рос вугищ?» - ан. Гьелъ вугин жаваб гьабидал, аварагас ﷺ гьикъана: «Гьев дудаса рази вугищ?» - ан. Гьелъ абуна: «Дида цониги иш гьабизе кIвечIеб мехалъ гурони ццин бахъунаро гьесул», - илан. Цинги аварагас ﷺ абуна: «Мун гьесдехун цIодорго йикIа. Гьев вуго дур Алжанги жужахIги», - ян.

Психологасул жаваб

Гьеб суалалъе чIванкъотIараб жаваб гьечIо. Щибаб мисал жиндаго чIараб букIуна. ТIоцебесеб иргаялда, бичIчIизе ккола сверухъ ругез нилъ къабул гьарулеблъи нилъецаго нилъеего кьураб къиматалда бан. Гьелдасан бичIчIула дур вукIинисев росас дур адаб гьабизе букIин, дуца дурго ва гьесул къимат гьабулебгIан заманалъ. Дур адаб гьаби абураб жо кколаро росасасдаса дуца гьеб тIалаб гьаби.

Цогидазул гIумруялдалъун дурго гIумру гIуцIизе лъугьани, битIккунгутIиялъе цIикIкIун рес буго. Росасул тIалаб-агъаз гьабе. Гьес абуралъухъ гIенекке. Дуего бокьухъе гьев вукIинавизейилан лъугьунге. Дуца гьесул адаб-хIурмат гьабураб къадаралда, гьес дурги гьабизе буго.

Дудаго тIад хIалтIе. Дурго ругел гIунгутIабазул гьесда бицинчIого, гьел тIагIинариялда тIад хIалтIе. Эбел-инсул рокъой йикIарай гIадин росасул рокъойги йикIа.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...