Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Васасе дун йокьулей гьечIо

Дир буго 3 сон бараб лъимервас. Гьесие бокьанщинаб гьабула, гьевгун ясандула, малъула, тарбия кьола. Сахаб къоялъ гьевгун йикIуна, амма гьесул кIалдиса «Дие мун йокьуларо» абураб гурони рагIиго бачIунаро. Росасги вичча-вихъан тун вуго гьев. Гьесие бокьараб босула кваназе, хIатта заралиябцин. Рос хIалтIуда унелъул гьесда хадуб лъимер гIодула. Дун квешай эбелищха кколей!? Г. Рашидова, Избербаш

ГIалимчиясул жаваб

Лъималазул гьединаб гIамал букIуна ва гьелъулъ щибго квешаб жо гьечIо. Хасго, жинидирго рагIабаздалъун цогидазе асар гьабизе кIолеб букIин бичIчIидал, жеги квеш байбихьула гьез гьединал жал гьаризе.

- Цоги нухалъ лъимадул ццин бахъиндал гIодове вичазегIан живго те. Виччан те гьев ургъизе жинцаго абурал рагIабазда тIад. Амма рикIкIаде унге. Гьесда бичIчIизе ккола гьев «квешав» вугониги нужеца рехон толаревлъи.

- Лъимадул ццин бахъиндал, ццин чучизегIанги тун, малъе мекъи гуреб, битIараб жаваб кьезе. Лъималазул гIадат буго жидеего бокьулареб жо гьабулеб мехалъ бокьараб куцалъ жалго цIунулеб.

Гьединлъидал, «Дие мун йокьуларин» абулел рагIаби хисизе бегьула «Эбел, гьаб пишаялъ дун къварид гьавуна» абурал рагIабаздалъун. - Квешал рагIабаз гIадамазе зарал гьабулеблъи бичIчIизабе. Пайдаял, жиндаса мисал босизе бегьулел къисаби рице лъимадуе, гьес пикру ва ургъел гьабизе букIине.

- ЦIадуца цIа свинабизе лъугьунге. КигIан ццин бахъун лъимер бугониги, цого каламги гьабун, вас лъугьухъе лъугьунге. Гьелъул бакIалда «Амма дие мун вокьула» абун абизе хIаракат бахъе.

- КигIан квешаб гIамал лъимералъ бихьизабуниги ва кигIанго ццим бахъаниги берцинго кIалъазе жигар бахъе. Гьесул рекIее гIолареб жо щиб бугебали лъазе хIаракат бахъе, цинги берцинго, гьесие зарал гьечIеб хIалалда гьеб тIубазабизе кIвар кье.

Росасда хурхунги абила, лъималазе тарбия кьеялъулъ бищунго кIвар кьезе кколев гьев вугин. Росасги малъизе ккола лъимада сверухъ ругезулгун лъикIаб бербалагьи гьабизе ва хасго эбелалъул адаб гьабизе кколеблъи.

Аварагас абуна: «Инсуца васасе кьолелъул бищун лъикIаб ккола битIараб тарбия», - ян. (Тирмизи)

Психологасул жаваб

Гьеб гIелалда ругел лъималаз кидаго гIадин эбел-инсул адаб къанагIатго гурони гьабуларо ва гьединал рагIабиги гIемер абула. Гьелъ магIна кьоларо мун квешай йигин абураб, гьеб буго гьеб гIужалде рахарал лъималазул гIамал-хасият загьирлъи. Психологияб литератураялда гьелда абула «Кризис трех лет» абун. Гьелъул гIаламатаздасан ккола гIамаликълъи, малъараб гьабунгутIи, гIенеккунгутIи, эбелинсул къимат гьабунгутIи ва кинабго жо жинцаго гьабизе лъугьин. Жиндиего бокьараб жо гьабизе виччан тани ва гьесулгун «рагъги» нужеца бачIони, кватIичIого гьеб «кризис» гьесда тIаса уна.

Росасул лъимадехун бугеб бербалагьиги мекъаб буго. Гьеб куцалда лъимер бокьараб босун гогьдаризабуни, къоял анагIан цо щиб бугониги жо тIалаб гьабулеб гIамал гьесулъ лъугьине буго. КIудияв гIедалги жеги цIикIкIун нужехъа тIалаб гьабизе буго. Лъималазе тарбия кьезе малъулел лъикIал тIахьал руго. Гьел цIалани ва гьезда гIамал гьабуни, бигьалъила.

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

ГЬУМЕР ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Дир гьитIинабго насихIат

Нилъер жаниса рахъ дабагъ лъугьиндал, Хвел-хобалъул хIисаб дарулъун ккола. Дуниял течIого хун унел чагIаз, ГIемераб гъапуллъи нахъе хъамула.   ХъантIун тIагIаталъе цере кколеца, Каранда нилъер ракI хIалтIизабула. Гьунар гьезул гIадин гIечIонаниги, Нилъерго кIарчанлъи...


Аварагасул ﷺ сира

Кинаб илагьияб хIикмат букIараб Аварагас ﷺ Макка рехун тезе ккеялъулъ?   Маккаялдаса Мадинаялде Аварагас ﷺ гьижра гьабиялъул хIикматаздасан ккола бусурбабазе дин загьир гьабизе цо шагьаралда яги улкаялда толеб гьечIони, гьезги дин цIунизе гIоло, ватIаналдаса цоги бакIалде гьижра гьабизе...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


Къеч буссинабулеб

Риидал хъарпуз гIемер кванала. Гьелъ къеч буссинаби гуребги, сахлъиялъеги пайда гьабула. Лъим, витаминал, минералазул ва антиоксидантазул къадар цIикIкIараб букIиналъ, хъарпуз рикIкIуна риидалил бищунго сахлъиялъе пайдаял кванил нигIматазул цояблъун.   Хъарпузалъулъ букIуна 90 проценталде...