Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кин гьел рекъезарилел?

 

Дир кIудияв вас, институт лъугIидал, Дагъистан тун къватIиве ана хIалтIизе. ЛъикIаб хIалтIиги щвана гьесие. Росасул хьул букIана васас нижееги гIарцудалъун кумек гьабилин абураб. Амма гьесухъа кумек щолеб гьечIо. Цин абуна гIарац хIажаталъуб лъун бугин, хадуб бицана жиндирго къваригIел тIуразе хвезабулин ва ахирги абуна жинца лъиениги щибго кьезе кколарин абун. ГьитIинаб къоялдаса нахъе рухI кьун гIезавурав вас, эменгун барщунги вуго. Кин гьел рекъезарилел?

 

Хадижат, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Эбел-инсул адаб-хIурмат гьабиялъул нилъеца гIемер бицуна, амма бицаралда гIамал гьабизе гIемерисезе захIмалъулеб буго. Эбел-инсул лъималаздехун букIунеб кIвар, гурхIел, ургъел гьаби бецIун лъималазда киданиги бажаруларо. Эбел-инсухъ гIенеккизе, гьел рохизаризе жигар бахъи ккола гьез лъималазе гьабуралъухъ данде баркала загьир гьаби.

Инсудасаги эбелалъулгун хабар бицине лъималазе, хасго васалазе бигьаяб букIуна. Гьединлъидал лъикIаб букIина васасулгун хабар дуца гьабуни. Инсул къадру-къимат ва адаб гьабизе лъималазда тIадаб букIин бичIчIизабе гьесда. Бищун лъималаз халгьабулеб жо буго эбелалъ инсул гьабулеб адабалъул. ШаргIалъ бихьизабухъе росасухъ гIенеккулей йигони, лъималаздеги инсул рахъалдасан лъикIаб гурони бицунеб гьечIони, гьеб мехалъ лъималазги инсул цIикIкIун адаб гьабула. Хъизамалда инсул рагIи букIине ккола аслияблъун. 

Кин бугониги, щал битIарал, щал мекъал ругелали лъазе ккани, кIиязухъго гIенеккизе ккола. Суал роцIцIунеб гьечIони, росдал имамасдаги гьаризе бегьила васасе ва хIажалъи ккани росасеги насихIат гьабейин абун. Гьелдаго цадахъ мунгоги кIалъазе бегьила росгун. Сабруялде ахIе ва васасдехун гьедигIан цIакъ кьварун вукIунгеян абе. Гьеб суал маслихIаталде бачеян гьаре. Лъималазе бокьула щвараб гIарац жидеего къваригIаралъуб хвезабизе. Квешаб бакIалде хвезабулеб гьечIелдаса нахъе, гьебги какараб гIамал гуро. Гьесул ихтияр буго гIарац жиндиего бокьухъе хIалтIизабизе, амма эбел-инсул адабги тун, бокьухъе вукIине шаргIалъ гьесие ихтиярги кьоларо.

ДудагIадин васасул ва росасул гIамал лъиданиги лъаларо. Васасе насихIат гьабизеги, рос гIодове виччазавизеги духъа гIадин лъихъаниги бажаруларо. Гьелдаго цадахъ Аллагьасдаги ﷻ кумек гьаре васасулги инсулги гIамал рекъезабеян.

ГIарац нужехъе кьунгутIи гуро балагь бугеб, унго-унгояб балагь буго гьеб къваригIел гьечIеб бакIалда гьес хвезабулеб батани. Гьединлъидалин гьитIинаб къоялдаса нахъего халгьабизеги кколеб лъида цадахъ нилъер лъимал рукIунелали, кинаб гIамал гьезул бугебали. АскIор ругезул гIамал цоцаде бахуна, гьединлъидал хIаракат бахъе лъимал диниял, квешлъаби гьаруларезда аскIор чIезаризе. Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Инсан жиндирго гьудуласул диналда вуго. Нужер щивав валагье лъилгун гьудуллъи гьабулеб бугебали», - ян. (АхIмад, Абу Давуд)

 

Психологасул жаваб

Васасул инсудехун букIараб ццим гьеб лъугьа-бахъиналъ къватIиб чIвазабун буго. Рес буго васасда лъица бугониги абун батизе эбел-инсуца дуе щибго кумек гьабичIин абун. Ялъуни гьесда чIалгIун батула гIисинал вац-яцал ратани, гьезиеги кумек гьабизе эбел-инсуца гьев тIамулев вукIин. Гьедин тIирун чIеялъе нилъеда лъалареб жоги батизе рес буго. Гьединлъидал гьесда хIалгьабиялъ ва яхI гъеялъ лъикIалде рачунаро, тIадеги кьурун вуссун чIезе рес буго. Гьединлъидал вас живго тезе лъикIаблъун бихьула. Гьес къваригIел тIубайдал вецце ва гьабураб кумекалъухъ баркала загьир гьабе. Гьеб гIелалде рахарал васазулгун, инсуцаги, гьудуласда гIадин бицине рекъараб буго хабар. Кидаго вагъулев эменги вугони, гьабураб кумекги бихьулеб гьечIони, рес буго васасда гьеб чIалгIинеги. 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

 

 

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб  +7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

 

ЦIар ва адрес хисизабун кьезе буго бачIараб суалалъе жаваб!

2026-07-01 (МухIаррам 1448 с.) №13.


Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.   Гьединаб суннатаб какалдасан буго...


Мунагь теялде рачунел ишал

ГъалатI ккеялдаса инсан цIунарав гьечIо. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ инсан вижун вуго мунагьалде кколевлъун.   Мунагь гьабиялда цоял къанагIатлъула, цогидал гIемерго даимлъула. Кинниги мунагь гьабиялдалъун инсанасул Аллагьасул ﷻ гурхIелалдаса хьул къотIизе бегьуларо. КигIан захIматал ишазулъгицин...


Аварагасги ﷺ тIадчIей гьабулеб букIараб

Къунуталъ (магьдина) какилъ хасаб бакI ккола ва гьеб ккола ШафигIияб мазгьабалда бищунго кIвар бугел суннатазул цояб. Гьеб буго рогьалил какил кIиабилеб ракагIаталда, рукугIалдаса хадуб цIалулеб хасаб дугIа. Гьединго къунут цIалула витрулъул какда, рамазан моцIалъул ахирисеб бутIаялда ва балагь...


Бекерулеб заманалъул хIикмат

Замана сверула сагIтал тирула, Сон хехго бачIуна, херлъун ватула. (Инхоса ГIалихIажи)   Халкъалда гьоркьоб гIемер бицунеб жолъун ккола ахираб мехалда заман хехго унеб бугилан абун. ХIакъикъаталдаги гьедин букIин бихьулебги буго. Щибго ургъел гьечIого нилъ рукIаго ун батула анкь, моцI,...


Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун? Аварагасул ﷺ ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул ﷺ тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун...