Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

 ТIадецуй гьабизе бокьунги гьечIо...

Дир ясалъе институталде цIализе лъугьине бокьун буго. Дие бокьун буго гьей рукъалде кьезе. Гьей гьарун лъикIал гIадамазул васги вачIун вукIана. Ясалъеги бокьичIого гьечIо, амма гьелъ абулеб буго институт лъугIизегIан чIезе бегьуларищин абун. Гьей ячине бокьарав гьелдаса кIудияв вуго ва валагьун чIезе бокьун гьечIо. Ясалде тIадецуй гьабизе диеги бокьун гьечIо ва гьелдаго цадахъ ригьин хвезабизеги бокьун гьечIо. Щиб дица гьабилеб?

 

Марьям, МахIачхъала

 

ГIалимчиясул жаваб

Бищун цебе яс абун вачIарасул диналъухъ ва гIамал-хасияталъухъ балагьизе ккела. Аварагас ﷺ абун буго: «Диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи нужехъе вачIиндал, гьесие яс кье. Гурони, ракьалда питнабигун балагьал ва чороклъи тIибитIила», - ян. (Тирмизи)

Яс ячине бокьарав гьединавлъун ватани, ригьин гьабизе гIедегIизе ккела. Гьелъулъ пайдаги баракатги нужеда батила. ХIатамул Асамица абуна: «ГIедегIи шайтIаналдасан буго гьал хадур рехсарал бакIазда хутIун: гьоболасе квен кьей, жаназа букъи, гIурай яс росасе кьей, заман щварабго налъи нахъбуссинаби, гьабураб мунагьалдаса тавбу гьаби. Гьеб щуябго жоялъулъ гIедегIил гьабизе лъикIаб буго», - ян.

ЧIужугIаданалъе цIализеги хIалтIизеги шаргIалъ гьукъун гьечIо. Руччабазда хурхараб хIалтIи гьаби беццараб пишацин буго. Ригьин гьабиялъ цIалуе квалквал гьабуларелъул, ригьинги гьабун, бахIарав разилъани, гьеб мехалъги бегьула яс цIализайизе.

Гьелдаго цадахъ, гIолохъанай ясги щиб бакIалде цIализе йитIулей йигеялиги балагьизе ккела. Гьеб ригь кколелъул шайтIанлъ гуккулеб заман. Гьединлъидал росасе кьун хадуб цIализаюни, лъикIаб букIина. Ясал рукIине ккола бихьинчиясул, ай инсул, вацасул, росасул бербалагьиялда гьоркь. БитIараб нух тIаса бищизе Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги.

 

Психологасул жаваб

Лъималазул иш лъикI букIине эбел-инсуе бокьулеблъи лъала. Дуеги эбелалъеги бокьиларищха ясалъул лъикIаб гIумру букIине. ЦIализе инги лъикIаб иш буго, амма гьелдасаги лъикIаб буго росасе ин.

Гьединлъидал лъикIаб букIина гьоркьохъеб хIал батизе. БахIарасда ва гьесул эбел-инсуда дандбазе бегьила гьеб рахъ. Ясалъул бугеб гъира бихьидал, абурав васги гьесул эбел-эменги разилъизеги бегьула. Рес бугони, бищунго лъикIаб букIина, ригьнадеги кьун, яс цIализаюни. Нухал гIемерал руго, дандги бан, цойиде рачIине ккела.

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...