Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Росас тIадгоккун йиго...

ГIагарав чиясе росасе кьуна дун. Гьев дидаса гIезегIан кIудиявги вуго. Доб мехалъ росасе ине бокьун букIинчIониги эбел-инсуе инкар гьабизе кIвечIо. Гьал къоязда цадахъ цIалулев чиясулгун дир телефоналда жаниб бугеб хъвай-хъвагIаялде тIаде ккана гьев. Гьениб бегьулареб жо гьечIониги, гьесда ракIалде ккана дунгун ватIалъизе. Гьелде тIаде, дир гIагарлъиялда цебе чияр бихьиналгун хъвадарулин абун суризайизеги йигин абун гьес. Щиб гьабилебали лъаларо. Инсуда гьеб лъани, лъикIаб къо дида бихьуларо. Хьул буго нужеца дие кумек гьабилин абураб.

ПатIимат, МахIачхъала.

ГIалимчиясул жаваб

ТIадегIанав Аллагьас бихьинчи ва чIужугIадан рижун руго цоцадехун гьетIулелъун ва ракI цIалеллъун. Гьелъул хIикматги хъизан гьабун, лъимал гьарун, наслу нахъе хутIи буго. Росасе ин чIужугIаданалъе, эбел-инсул къайи-свериялдаса, гIумрудул гьудуллъунги цIунилъунги вукIине вугев росасул къайи-свериялде ин буго. Гьелъул ракI гьесичIев чиясе гьей кьейги, гьелдехун гьабулеб ритIухълъи гьечIолъи ккола.

Абу Гьурайратица бицана аварагас абунин: «Росасда йикIарай чIужугIадан, гьелда дандбан гурони, росасе кьезе бегьуларо ва гьединго жиндир разилъи гьечIого яслъиялда йигейги кьезе бегьуларо», - ян. ГIадамаз цIехана: «Гьелъул разилъи букIин кин лъалеб?» - илан. Аварагас абуна: «Гьей юцIцIун чIей гьелъул разилъи ккола», - ян. (Бухари)

ГIемерисел эбел-инсуца бечедаб бакI бачIани ясалда цIехечIого, васасул гIамалалъухъ балагьичIого кьола яс. Гьеб сабаблъун ригьнал риххиги ккола. Амма махIрамияв гурев чияр бихьинчигун кIалъазе дур ихтияр букIинчIо, цадахъ цIалулев ватанигицин. Амма ратIалъиялъе гIиллаги гьеб гуро, тIокIаб батIияб гIилла батичIони. ЛъикIаб букIина росгун кIалъани. БичIчIизабе, лъугьаралда ракIбухIун букIин ва Аллагьасе хIелун тавбу гьабе.

Гьеб мехалъги жиндиргояб ккун гьев чIани, дурго эбел-инсуда, вац-яцазда лъазабизе бегьула духъаго ккараб гъалатI, гьез рекъел-маслигIат гьабизе букIине. Гьединго бегьула гьеб суал берцинго тIубайин абун росдал имамасухъе инеги. Зина гьаби ва гьелде рачунебщинаб жо хIарамаб буго бихьиназеги руччабазеги. ГIадатлъун билълъун буго чIужугIаданалъ цо мунагь гьабидал гьеб гIочIода чIвалеб ва гьебго мунагь васас гьабуни, бихьинчи вугиланги абун тIаса-масаго толеб. Гьайгьай, ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда, тIоцебесеб иргаялда, бихьиназде гьабулеб буго хитIаб.

ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Дуца муъминзабазда абе, МухIаммад , хIарамаб бакIалде ралагьиялдаса берал цIунейин абун, хIарамаб хIалалда хIалтIизабиялдаса жидерго гIавратги цIунейин абун. Гьедин хьвади гьезие лъикIаб буго ва гьел къабихIаб, хIарамаб жоялдаса цIунулебги буго. ХIакълъунго, Аллагь лагъзадерица гьабулеб гIамал жинда лъалев вуго. Гьез балъго гьабулебги, загьирго гьабулебги жо, щибго батIалъи гьечIого, Жинда лъалев вуго. Гьедин бугелъул, нуж Аллагьасукьа хIинкъа кинабго хIалалъулъ ва Гьесдаса балъго хутIилин абун ракIалде ккун, шаргIалъул гIорхъаби хвезаруге», - ян. (Сурату «Нур», аят 30)

Гьаб аяталда бер цIуни цебе рехсана гIаврат цIуниялдаса. Бер бугелъулха зинаялъул чапар ва къабихIаб иш жиндалъун байбихьулеб бакI. Бер балагьиялдаса байбихьула хIарамай гIаданалъулгун лъай-хъвай гьаби, гьелъул чорхол хал гьаби ва гьеб, ай бер нахъбуссинабичIони ва Аллагь ракIалда щун, Гьесдаса хIинкъун хIарамаб жоялде валагьи течIони, цIакъ кIудиял балагьал тIаде рачIуна.

Жинда Аллагь разилъаяв имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул аварагас абуна: «Цо бусурманчияс чIужугIаданалъул берцинлъиялде бер балагьидал, цинги гьеб бер нахъе босун жив гIодове вуссараб мехалъ, гьесие Аллагьасе гIибадат гьабизе квербакъи ва гьуинлъи кьола», - абун.

Жинда Аллагь разилъаяв ГIали асхIабасдасан бицараб хIадисалдаги буго, аварагас абунин: «Мун валагьуге чIагояв яги хварав чиясул мачIчIалде», - абун. Гьединго руччабазда хурхунги абун буго (магIна): «Дуца муъминал руччабаздаги абе, МухIаммад , жидеца бер цIунейин абун хIарамаб бакIалде балагьиялдаса ва жидерго гIавратги цIунейин абун», - ян. (Сурату «Нур», 31 аят)

Цогидазда цIехезе санагIат гьечIел суалал нужер ратани, ритIизе бегьула редакциялъул гьаб 7 988 458 16 63 номералде. Гьезие гIалимасулгун психологасул жаваб кьела гьаб гьумералда.

Психологасул жаваб

Цебегосеб кици буго: «ГIайибалъе мукIурлъараб бетIер хвалчаца тIаса инабуларо», - ян. Гьелдаса босун, мун йитIарай йигин ва цадахъ цIалулевгун хъвадариялъулъ щибго квешаб жо гьечIин дагIба балебгIанасеб мехалъ росасул ццин гIодобе биччазе гьечIо. Дур рахъалдасан мекъаб букIина росасда халлъараб жоялъе щибго кIвар кьечIого тей.

Гьелдалъун гьеб суалги тIубаларо. Цадахъ цIалулев васасулгун букIараб хъваялъулъ къадараб, квешаб жо букIун батичIоницин дун мекъи йигин абун тIаса лъугьин росасдаса тIалаб гьабиялъ дуе зарал кколаро. ТIадеги, гьев вуго дур рос, гьесул разилъи Аллагь разилъиялъулъ буго. Гьабуралдаса ракIбухIи дур букIин гьесда бихьидал, гьесул ццим чучизе ва тIаса лъугьине рес буго. Амма жеги рес буго мунгун ватIалъизеги цебего бокьун букIун, кIодо гьабун гьеб иш загьир гьаби. Кин бугониги, мун гьевгун кIалъазе ккола ва чияр чигун хъвадари гъалатI букIинги бичIчIизе ккела ва тIокIаб гьединаб жо ккезе тезе гьечIин мукIурлъизеги тIадаб буго.

Амма бицараб хабар гьесда бичIчIулеб гьечIони, сабруялда йикIине ккела. Инсуда лъаялдасаги хIинкъизе ккеларо. Унго-унгоги мун битIарай ятани, Аллагьас кинабго жинди-жиндир бакIалда лъола заманалдасан. Сверухълъиялдаги камиларо гIайиб чIвалел гIадамал. Гьелдеги хIадурго йикIине ккела.

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


ДугIаялъул хиралъи

ДугIа гьаби ккола гIибадаталъул ракI гIадаб жо. ДугIа гьабиялда жаниб лагъас жиндирго мискинлъи, гIодовегIанлъи, Аллагьасде ﷻ живго хIажалъи, Аллагьасул ﷻ бечелъи загьир гьабулеб буго. Кинабго жоялъулъ Аллагьасде ﷻ гьардолел рукIине ккола. Нилъее, Аллагьас ﷻ кьураб гурони, щибго жо...


РабигIул аввалалъул хIурматалда

ЦӀунтӀа районалъул Гьинухъ росулъ тӀобитӀана баракатаб рабигӀул аввал моцӀ тӀаде щвеялда бан мажлис. Дунялалъул бусурбабазе гьеб моцӀ ккола хасаб рухӀияб цӀилъиялъул заманлъун. Муъминзаби мажгитазда ва рокъор данделъула Аллагьасе рецц гьабизе, Аварагасде ﷺ салават битIизе, гьесул гӀумруялъул...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


ЦIар кинаб лъелеб?

Гьабун анкьабилеб къоялъ лъимералда цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимералда рухI лъун букIун батани, гьелдаги цIар тезе суннатаб буго. Реххараб лъимер васищ яги ясищали батIа бахъизе лъачIони, кIиязего бегьулеб цIар лъела, масала, ТIалхIат, ХIамзат, Майсарат гIадал. Реххараб лъимералда...


Аллагь ﷻ лъазе бокьани

Аллагь ﷻ лъалездасан вукIине ва шайтIаналдаса хвасарлъизеги бокьани, ункъо жо тезе ккола: иблис ва иблисалъе бокьараб, напс ва напсалъе бокьараб, гьава ва гьаваялъе бокьараб, дунял ва дунялалъе бокьараб.   Иблисалъе бокьана дур дин тIаса инабизе, мунгун цадахъ доб ЖужахIалда абадиялъ...