Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIудиявго гIолев гьечIо

 

 

 

Дир вас кIудиявго гIолев гьечIо. Университет лъугIизабуниги маркаби ракIарулев вукIуна. Гьесул гьалмагълъи хIалтIул ва хъизам гьабиялъул пикрабазда ругониги, дир вас гIисинал лъималаз гьабулеб гьабулев вукIуна. Гьесда кIола маркаби хIалаго тIубараб къо инабизеги. Кидадай гьев кIудияв гIезе вугев?

 

ГI., Хасавюрт

 

ГIалимчиясул жаваб

Университет лъугIизабун букIиналде балагьун, абизе бегьула гьев камилав, гIакъилав чи вугин абун. ГIемерал гIиллаби рукIине бегьула маркаби ракIариялде машгъуллъун вукIиналъе ва букIинеселде планал гьечIолъиялъе. Эбел-эмен хIисабалда нужеца лъимералъе рухIиябгун яхI-намусалъулаб тарбия кьеялде кIвар кьун батичIони, гьесул гIумруялде бугеб ургъел гьечIеб бербалагьи букIине бегьула нужехъа ккарал гъалатIазул хIасил.

Аллагьасул Расулас ﷺ абуна: «Эбел-инсуца лъимералъе кьезе бегьулеб бищун къиматаб жо буго лъикIаб тарбия», - абун (ат-Тирмизи). «ЛъикIаб» абураб рагIиялъул магIнаги ккола динияб къимат лъугьинаби, лъимералда гьитIинаб къоялдасаго иманалъул, динияб рахъалъ ритIухълъиялъул аслаби малъи, жиндирго ишазул ва гIамал-хасиятазул Аллагьасда ﷻ ва жамгIияталда цебе жавабчилъи.

Нужер масъалаялъулъ лъикIаб букIина тухумалдаса кIудияв яги цIаларав чи яги мажгиталъул имамасда гьевгун кIалъаян гьаризе, гьесие нухмалъи гьабизе, дагь-дагьккун гьев пайдаял жамгIиял хIалтIабазде гъорлъе ккезавизе. Гьесие тIадкъаял кьезе, хасал масъалаби лъезе, гьединго лъикI букIинаан гьес рахIмуялъул тадбиразда гIахьаллъи гьабулеб букIарабани, гьесда жиндирго ишазул хIасил бихьизе. ЛъикIал гьудулзабазулгун хурхен гьабизе ккола жиндиегоги, хъизамалъеги, гIагарлъиялъеги, сверухъ ругезеги пайда букIунеб хIалалда.

МухIаммад Аварагас ﷺ абуна: «ГIадамазул бищунго лъикIал руго гIадамазе бищунго пайдаял чагIи», - ян (ат-ТIабарани).

 

Психологасул жаваб

Дур васасе маркаби кколел руго цIакъ къиматал жал. Гьелъулги буго жиндирго магIна. Гьесул коллекция соналдаса соналде цIикIкIунеб, гьездехун гьесул бугеб рокьи кIодолъулеб букIуна. Гьеб пишаялъулъ цебетIей бихьизе бегьула гьесда. Маркаби хIалаго гIицIго жиндирго ургъалабаздаса ва къварилъабаздаса эркенлъи батизе рес буго гьесие. КIвар бугеб жо ккола гIаммаб сураталъул халгьаби. Маркаби сабаблъун гьесул гIумруялъул цогидал рахъазеги асар батичIони, гьеб мехалда гьелъул щибго квешлъи гьечIо, гьелда бан гьесда данде къеркьеялъул пайдаги гьечIо.

ХIажат гьечIо гьев дуца цIикIкIун церетIураллъун рикIкIунел гIелбащадазда данде кквезе, щайгурелъул гьелъ дур вас дуда гуревги, дуца гьев данде кколездаги данде чIезавула. Гьелъул гIаксалда, гьесул ракIбатизабе, гьев вокьулевлъиги ва гьесдаса мун чIухIулейлъиги лъазе биччай. Ахир-къадги гьес лъугIизабуна университет. Гьесда цебе рагьулеб буго гьесул гIумруялъул кIвар бугеб бутIа.

ГIадамал батIи-батIиял руго, щивасул руго жидерго интересал. Цо чиясе маркаби рокьула, цогидасул тIубараб къо спортзалалда уна, лъабабилес тIахьал цIалула, ункъабилев гьоркьоса къотIичIого азбаралъуб хIалев вукIуна, щуабилес видеохIаял хIала. ЧIахIиязул беразда цеве жив кIвар ва жавабчилъи бугев кколин абураб жоялда божун, гьев гьединавлъун лъугьине вуго.

Нужеца хIаракат бахъизе ккола разилъи гьечIолъиялде гуреб, цадахъ рекъон хIалтIиялде. Гьесулгун гIемер бухьен гьабе, гьесие малъа-хъваял гьаре, пикру цIехе. ГIайибал дагьчIвай ва гьесул икъбалазда цIикIкIун тIадчIей гьабе. Гьеб мехалда заманалдасан гьесул гIумруялъул цогидал киналго рахъал мухъилъе ккезе руго.

Иш гIемерго захIмалъизе бегьула, цогидаб кинабго жоялъе заралги гьабун, гьев маркабазде машгъуллъун вугони. Гьев цIалулев гьечIони, спорталде яги цогидаб жоялде машгъуллъулев гьечIони, хIакъикъияб гIумруялда жанибги гьоркьоблъи гьабиялдаса гьес маркаби ракIари тIасабищулеб бугони. Гьебги къанагIатаб жо ккола, хьул буго дур васасул гьедин батиларин абун. Гьедин батани, гьеб ккола унти. Гьеб мехалда чара гьечIого психогасул кумек къваригIуна.

 

 

 

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-04-01 (Шаввал 1447 с.) №7.


ЦIияб тIехь

ДРялъул муфтияталъул гӀелмияб отделалъ къватӀибе биччан буго исламияб лъай кьеялъул бищунго хириял темабазул цояблъун кколеб Лайлатул къадруялъул сардил хиралъабазул бицараб тIехь. Гьелъул автор ккола машгьурав гӀалимчи ва хӀафиз АхӀмад ибн ГӀабдуррахӀим ал-ГӀиракъи. Жиндирго тIехьалда гьес...


ГӀусманиязул империялда рамазан моцӀ

Ахирал соназда турказул тарихиял сериалазухъ ралагьулел ракьцоязул къадар тIадеялдаса-тIаде цIикIкIунеб буго. ГIемерисез бицуна Эртугрулил, ГӀусманил, МехӀметил ва ГӀабдулхӀамид КIиабилесул хIакъалъулъ.   ГӀусманиязул империялъул турказги кӀвар кьечӀого течӀо рамазан моцӀ. ТӀаде щолеб...


Жакъаго пайда босе

ТIадегIанав Аллагьас нилъее гIемерал сайгъатал кьун руго. Гьезие гIоло нилъеца БетIергьанасе реццги гьабун, рихьизарураб гьабураб куцалда гьел хIалтIизаруни, щивасе дунялалдаги ахираталдаги кIудияб пайда щвела.   Бокьараб нигIматалъухъ инсанас ТIадегIанав Аллагьасе шукру гьабуни, Гьес...


Къуръаналъул къец ва районалъулаб ифтIар

Рамазан моцIалъул ахирисел къоязда ГӀахьвахъ районалъул КIудиябросулъ тӀобитӀана Къуръан цӀалиялъул къец ва ифтIар.   Къецги тIобитIун букIана районалъул бетIер МухIаммад МуртазагIалиевасул хIарака-талдалъун, жиндирго эбел-эмен ракӀалде щвезариялъул хIурматалда. Гьеб тадбиралде данделъана...


ГIалимзабазул советалъул резолюция

(Байбихьи цебесеб номералда)   ГIалимзабазул советалъ эбел-инсуе лъикIаблъун бихьизабулеб буго:   Лъималазулгун гьоркьоблъи бугеб агьлуялде, гьезул информациялъулаб сверухълъиялде, щибаб къойил гьезда хадуб хъаравуллъи кквей ва кӀвар цӀикӀкӀинаби. Хъизамалда жаниб цоцаде...