Аслияб гьумералде

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Гьикъизе нечараб, бицине намусаб

Лъималаз рехун тун йиго

Дун ккола лъабго лъимадул эбел. Гьезие гIоло гIумруги кьола. Кидаго гьезие квербакъулейлъунги йикIана. Цебе гIадин сахлъиги гьечIо. Гьанже кумекалде хIажалъидал цониги лъимадул дие заман гIолеб гьечIо. Анкьида жаниб цо нухалъ гурони рачIунаро тIаде раккизецин. ГьабсагIаталдаги бусада лъун йиго. Хъулухъ гьабулей дирго гьудул гурони гьечIо. Я васал, я яс, я нусал, ай цонигиял гьечIо дида аскIор. Дир гъалатI киб ккараб!? Кин лъималазда бичIчIизабилеб дун гьезде хIажат йикIин?

Маржанат, Гъизляр

ГIалимчиясул жаваб

Эбел-инсул хIурмат гьаби Аллагьасе гIибадат гьабиялда хадуб цIакъ кIвар бугеблъун рехсон буго Къуръаналда. ТIадегIанав Аллагьас эбел-инсул разилъи Жиндирго разилъиялда хурхинабун буго. Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна):

«Нужеца Аллагьасе гIибадат гьабе ва гьеб гIибадат гьабиялъулъ щибго жо гIахьал гьабуге. Нужеца эбел-инсуе лъикIлъи гьабе ва гьеб лъикIлъи гьабеян абун цоцазде васиятги гьабе…», - ян. (Сура «Ан-Нисаъ», 36 аят)

ТIадегIанав Аллагьас нилъеда лъазабулеб буго эбел-эмен кIодолъидал гьездехун хъачIлъи бихьизабугеян. Гьезул загIиплъи ва гIунгутIаби кIодолъиялда банлъидал бугеб. Эбел-инсул хIурмат гьабунгутIи, данде кIалъай ва зулму гьаби, гьезул ракI къварилъизаби ва гIенеккунгутIи кIудияб мунагь буго. Ширк, ай Аллагьасе цогидав гIахьал гьави ва чи чIваялъул мунагьалда аскIоб рехсон буго цебе рехсараб мунагьги. Эбел-эмен къварид гьарулев чиясда къиямасеб къоялъ Аллагь гурхIуларо, алжаналъул махIцинги гьесда чIваларо ва гьесул лъикIал гIамалалги къабул гьаруларо.

Гьеб кинабго лъаниги, гIемерисел лъималаз, эбел-инсудаса ратIалъидал гьезул цIехрехго гьабуларо. БукIине кколеб хIалалда эбел-инсул адаб ва хIурмат гьабулел лъимал жакъа къанагIалъун руго. Жакъа умумуз лъималазе бокьараб гурони гьабулеб гьечIо. ГьитIинаб къоялдаса нахъе ругьун гьарун руго кидаго лъималазе бокьараб гьабун, цинги кIудиял гIедал лъималазда кколеб буго кидаго жидее хъулухъалда рукIине кколел чагIи ругин эбел-эменилан.

Гьединлъидал щивав эбел-инсуда лъазе ккола лъималазе берцинаб, битIараб тарбия кьезе. ТIоцебесеб иргаялда, эбел-инсуца хIаракат бахъизе ккола лъималазда жаниб Аллагьасукьа хIинкъи ва мутIигIлъи лъезе, цинги эбел-инсудехун рокьи ва адабхIурмат гьабиги. Исламалъ малъухъе тарбия лъималазе кьечIони, къиямасеб къоялъ цIех-рех букIуна.

Психологасул жаваб

Жакъа гIемерисел умумуз гIайибчIвалеб буго лъималаз букIине кколеб хIалалда адаб гьабулеб гьечIин абун. Эбел-инсуе квербакъулел лъималги къойидаса-къойиде дагьлъулел руго. РакIалда ккоге гьел гьитIинго рукIаго дуца мекъаб тарбия гьезие кьунин, ялъуни цо кинаб бугониги гъалатIалъул хIасил гьеб батилин абун. Рес буго лъималаз мун хIажатай йикIиналъул пикру гьабунгутIизе. ГIемерисел улбул гIадин мунги чIун ятула лъималазда жидедаго гьеб бичIчIизегIан. ЛъикIаб букIина, берцинаб мацIалдалъун, гIайибал чIвачIого дуцаго бичIчIизабуни гьезде бугеб хIажалъи.

Гьезул цонигиял тIаде рачIиндал кинаб бугониги хIалтIи малъе. Цинги цогидал лъималазда бице гьезул вацас ялъуни яцалъ дуе гьабураб кумек. Хьул буго нечонгIаги гьез дуе кумек гьабиялда. Киданиги гьезда гIайибал чIваге, тIадежоялъе, гьел рецце. ГьитIинаб кумек гьабуниги баркала загьир гьабун, гьеб кумекалъул кIвар дуе букIин бичIчIизабе. Аллагьас кумек гьабеги.

ХIАДУР ГЬАБУНА ЖАБИР МАЖИДОВАС

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Нужее баяналъе

ГIумар-асхIаб кин чIварав? – Рогьалил как балаго чIвана. Абубакарил ясазул бищун гIелму бугей щий йикIарай? – ГIаишат. Аварагасул чIужу ХIафсатица чан сон бараб? – 69 сон. Суратул «Намлаялда» цоги щиб цIар абулеб? – Суратул...


Волейболалъул турнир

1 маялда ХӀебда росулъ тӀобитӀана, СВОялъул бахIарзал ракIалде щвезариялъул хIурматалда, школазул цIалдохъабазда гьоркьоб волейбол хIаялъул рахъалъ къец. Гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна ХIебда росдал имам ГIумархIажи МухIаммадхIажиевасги. Жиндирго кIалъаялда гьес киназего гьарана бергьенлъи ва...


Суал-жаваб

ХIежалъ гIисинал ва чIахIиял мунагьал чурулищ? ГIемерисел гIалимзабазда аскIоб хIежалъ гIисинал мунагьал чурула, амма кIудиял мунагьал ва гIадамазул хIукъукъал чуруларо. Бухари ва АхIмадица бицараб хIадисалда буго: «ХIеж гьабураб мехалда жинца абичIони квешаб рагIи ва гьаричIони фискъуялде...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде  +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!       Сусланова ПатIиматзагьра, 6 сон, Калининаул росу. Темирукаев Ибрагьим, 7 сон, Ленинаул росу. ГIабдулгIазизова ГIайшат, 6 сон, ГIочIло росу. Лабибова Самира,...


Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Исламалъул машгьурал имамзабазул яги гIалимзабазул цонигияс суфизмалда кигIан дагьабниги гIайиб чIвачIо. Ункъабго мазгьабалъул имамзабазги гьезда нахърилълъарал гIалимзабазги, тафсиралъул, хIадисалъул гIалимзабазги тасаввуф рикIкIана исламалъул рухIлъун ва ракIлъун.   – СагIид ХIаваца...