Аслияб гьумералде

Мискинго руго...

Мискинго руго...

Мискинго руго...

Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Яс рукъалде кьолей йиго дун. Мискинаб хъизан букIиналъ, кутакаб къайи гьабизе ресги гьечIо. Гьеб сабаблъун яс гIадамазукьа нечонцин йигин ккола дида. БитIараб бицани, налъи гьабизеги бокьун гьечIо. Щиб дица гьабилеб!? Инсуда тIадаб бугищ ясалъе багьаяб къайи босизе?

ПасихIат, Гъизляр

ГIалимчиясул жаваб

Балугълъиялде яхинчIей ясалъе инсуца хIадурараб къайи букIуна, ай гьелъухъе жеги кьун батичIониги. Балугълъиялде гьей яхун хадуб хIадур гьабураб, инсуца гьелъухъе кьун гурони, гьелъулаблъун рикIкIунаро.

Магьаридухъ кьураб яги жиндирго гIарцухъ къайи гьабизеги ясалда тIадаб гьечIо. Гьединго инсудаги тIадаб гьечIо жиндирго гIарцухъ гьелъие къайи хIадуризе. Ясалъул изну буго щибго къайи-къоно гьечIого ялъуни дагьаб къайигун росасул рокъое ячIине. Ригьин гьабун хадуб чIужуялъул тIалаб-агъаз гьабизе кколев чи рослъидал.

Ясалъе къайи гьабулаго исрап гьабизеги бегьуларо. Исрап гьабулел гIадамал шайтIабазул вацал ва гьудулзаби ккола. Къуръаналда буго (магIна): «Дудехун гIагарлъи хурхарал гIадамазул хIакъ тIубай дуца. Мискинчиясеги квербакъи гьабе, гьесул хIакъги тIубай. Сапаралда ругел гIадамазулги хIакъ тIубай. Гьезие лъим-квен кье, къаси сордо базе бакI кье ва цогидабги гьезул хIажат тIубай. Аллагьасул ﷻ малъиялда рекъон, лъикIаб нухда харж гьабичIого дурго боцIи-мал гIадада хвезабуге.

Жидеца хIалалаб магIишат гIадада хвезабулел гIадамал руго шайтIабазул вацал ва гьудулзаби. ХIакълъунго гьеб шайтIан жиндир БетIергьан Аллагьасде ﷻ мутIигIлъичIеб, Аллагьасул нигIматазда инкар ккурабги буго». (Суратул «Исраъ», 26-27 аятал).

Нилъер заманалда бусурбабазул гIемерисел хъизамаз, гIорхъолъа ун гIарацги хвезабун, яс жеги гьитIинго йикIаго, гьей рукъалде иналдейинги абун, къайи хIадуризе байбихьула. Руго мискиналги банказдаса хIарамаб кредитги босун ясазе къайи гьабулелги. Цинги тIубараб гIумруялъ гьеб кредит бецIулелги. ГIемерисеб мехалда гьедин босараб къайиги букIуна гъансиниб ва шкафабазда жаниб хIапараялъ кваналеб. Ясалъе къайи гьабизе бегьула, амма гьеб гьабулаго гьоркьохъеб хIал цIунизе ккола. Гьеб суалалъулъ бищун лъикIаб букIина яс рукъалде кьолаго аварагас ﷺ кьураб къайи-къоноялъухъ балагьун, пикру гьабуни. ГIали-асхIабас бицана: «Аварагас ﷺ жиндирго йокьулей яс ФатIиматие къайи-къоно гьабулаго кьуна къатIипадул горде, лъел рахълъен ва берцинаб махI бугеб ххарил цIураб къандалъо (АхIмад, ибну ХIиббан).

Жинда Аллагь ﷻ разилъаяй ГIаишатица бицана аварагас ﷺ абунин: «Баракаталъул рахъалъ бищун лъикIал руччаби руго, щиб бугониги жо дагь хвезабулел (харж цIикIкIун тIалаб гьабуларел)», - ян. Цогидаб хIадисалда буго: «Бищун лъикIаб никахI - харж дагьаб буго», - ян. (АхIмад, ХIаким, Насаи)

Нужер суалалъе жаваб кьолаго абила, ясгун гIодорги чIун, кIалъайилан. Багьаяб къайи-къоноялъулъ талихI гьечIеблъи гьелда бичIчIизабе. Унго-унгояб талихI Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялъулъ ва берцинаб гIамалалъулъ букIин бичIчIизабизе хIаракатги бахъе. Хьул буго бицаралъухъ яс гIенеккилин ва эбел-инсуда гурхIун, гьел налъукье ккеялдасаги гьелъ цIуни гьабилин абун. Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

Психологасул жаваб

Нужер суал битIун тIубай цIикIкIун бараб буго ясалъул жиндаго бугеб божилъиялда. Гьеб ишалъулъ гьелъие бигьагоги батуларо. Гьеб кинабгоги буго гIадамазул пикруялда нилъ рарал рукIин.

ТIоцебесеб иргаялда, хIаракат бахъизе ккола гIадамазул пикруялъул кIвар гьабичIого тезе. Амма гIемерисеб мехалда гьединал жоялъул ургъел гьабулеллъун ратула эбел-эмен, хасго яс рес бугеб бакIалде кьолелъуб. Гьединлъидалин рекъолеб балагьизе кIиябго рахъалъул бащалъиялде. Ресалъул рахъалдасан бащалъи бугони, гIезегIан бигьалъула. Бегьула гьеб суал бахIарасул эбел-инсудаги дандбазе. ЦIакъго хIажатабги босун, хутIараб хадуб босиялъулги бегьунгутIи гьечIелъул. Гьеб ургъел гьабизе ккараб жоги гуро. Ресалда рекъон гьабулеб жолъидал букIунеб даран.

Гьелдаго цадахъ ясалъулгунги гара-чIвари гьабе. Гьелда бичIчIизабе гьей лъикI йикIин нужер мурад букIин. Ругел захIмалъабазул хIакъалъулъги бице гьелда. Эбел-инсул ургъел гьабулейлъун гьей ятани, гьелда кинабго бичIчIизе буго.

ХIадур гьабуна Жабир Мажидовас

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Муфтиясги гIахьаллъи гьабуна

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афанди гӀахьаллъана РФялъул президентасул Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев вакил Юрий Чайкал нухмалъиялда гъоркь тӀобитӀараб данделъиялда. Гьениб гьоркьор лъун рукIана миллатазда ва диназда гьоркьоб рекъел цӀуниялъул ва гьеб щула...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Нужее баяналъе

  Аллагьас ﷻ тIоцеве витIарав расул щив? – НухI авараг. Гьев вугев заманалда щиб ккараб дунялалъе? – Дунял гъанкъана. Аварагзабазул рикIкIен рехсараб аят щиб? – Сура «ан-Ниса». Щиб сураялъулъ кIиго нухалъ басмала рехсараб? – Суратул...


Шагьидзаби кIочон гьечIо

1935 соналъ ЧIикIаса Ацал ГIабдурахIманил хъизаналда гьавуна вас СагIид. Гьеб букIана ШагIбан бащалъараб Барааталъул сордо. Гьеб сордоялъ лъабго нухалъ хирияб "Ясенги" цIалун, ГIабдурахIаманица Аллагьасда гьарана жиндир вас гIалимчи вахъагиян. ТIадегIанав Аллагьас инсул дугIаялъе жаваб гьабуна....


Аллагьасул ﷻ аманат

ГIемерисел руччабаз хIаракат бахъула хIалакълъизелъун черхалъе гIакъуба кьезе. Гьеб гуро жакъасеб «унтиги», гьедин букIана гIасрабаз цебеги.   МухӀаммад Аварагасул ﷺ суннаталъ нилъеда малъула черхалъулги рухӀалъулги хIал лъикIлъизабиялъе рекъон кколел сабабал. Суннатги ккола...