Аслияб гьумералде

Мухъ битIизаби

Мухъ битIизаби

Как базе рахъунелъул цо-цо чагIазул кколеб гъалатIалдасан буго кьералъул суал. Мухъ цIезабичIого цIияб мухъ байбихьун батула.

Имамасда хадуб как балев кIиго яги цIикIкIун чи ватани, мухъ гьабун чIела. Имам битIун цеве вахъун чIела, гьесда хадуб как балей чIужугIадан йигони, гьей битIун имамасда нахъа чIела. Цо бихьинчи ватани, имамасул угъдуздаса жиндир хIатIил килщал дагьал нахъе кколедухъ, имамасул кваранаб рахъалда чIела. Имамасда хадуб бихьинчиясги чIужугIаданалъги как балеб бугони, бихьинчи имамасул кваранаб рахъалда, дагьав нахъегIан къан чIела, чIужугIадан гьев маъмумасда битIун нахъа чIела.

Имамасул кваранаб рахъалда чIарав чи гьесда дандвитIун яги цIакъго-цIакъ нахъегIан къан чIани, жамагIаталъул кири борчIула. Имамасул хьолбохъ чIарав чияс как бухьун хадуб цогидав тIаде вачIани, тIаде вачIарав имамасул квегIаб рахъалда чIела дагьав нахъегIанги къан, дов цоявго гIадин. Цинги гьес как бухьина ва цо галиялъ имам цеве ина, яги гьал кIиялго цо галиялъ нахъе къала.

Гьебго жо гьабула рукугIалда рукIаго, дов чи тIаде вачIани. Суждаялда яги «АттахIиятуялда» рукIаго дов чи тIаде вачIани, церенахъе къаларо тIаде рахъинегIан. Имам цевехун иналдаса гьал кIиялго нахъехун рачIин хирияб буго. КIиялго нахъехун рачIун хадуб яги имам цеве ун хадуб гьел кIиялго цоцаде данде къала. Имамасда ва гьесда нахъа как балездаги гьоркьоб бугеб манзил лъабго натIалдаса цIикIкIинчIого букIинеги суннатаб буго.

Имамасда хадуб кIиго бихьинчиясги цо чIужугIаданалъги как балеб бугони, кIиялго имамасда хадур мухъ (кьер) гьабун чIела, чIужугIадан гьезда нахъа чIела. Бихьиналги, гIисинал лъималги, руччабиги ругони, имамасда хадуб тIоцебесеб кьерда чIахIиял бихьинал чIела, хадусеб кьерда гIисинлъимал чIела, гьезда хадусеб кьерда руччаби чIела.

Гьал цере рехсарал тартибал хвезаруни, жамагIаталъул кири борчIула. Цебесеб кьерда чIезе гIурал чIахIиял бихьинал ратичIони, гIисиназ цIезабила гьеб кьер. Руччаби бихьиназул кьерда чIоларо, нахъа чIола. Имамасда хадур гIемерал кьерал ругони, имамасдаги кьераздаги гьоркьоб бугеб бакI лъабго натIалдаса цIикIкIинчIого букIине суннатаб буго, цIикIкIани жамагIаталъул кири борчIула.

Бищун хирияб тIоцебесеб кьер буго. Цинги гьелда хадусеб, цинги гьелдаги хадусеб. Щибаб цебесеб кьералъул хиралъи хадусеб кьералдаса цIикIкIуна. Щибаб кьералъулги бищун хирияб бакI имамасда битIун нахъа бугеб бакI буго, цинги кваранаб рахъалда ругезул бищун имамасде гIагарлъараб хирияб буго, цинги гьединго квегIаб рахъалда рахъун чIаразул буго.

Имамасул квегIаб рахъалда гIагарда чIеялдаса кваранаб рахъалда рикIкIад чIей хирияб буго. Цо кьералъул кваранаб рахъалда чIеялъул кири цIикIкIараб буго имамасдаса рикIкIад ругониги, гьеб кьералъул имамасул квегIаб рахъалда чIеялдаса.

Амма киналго кваранаб рахъалдаги чIун квегIаб рахъ чIобого хутIулеб бугони, квегIаб рахъалда чIей хирияб буго. ГIадамазул гарбаздасан галаби росун, цогидал дора-гьанире цун, цогидазе къварилъи гьабун цебесеб кьерда чIеялъул кинабгIаги кири гьечIо. Амма цебесеб кьерда чIобогояб бакIги тун, нахъисеб кьерда чIун ругони, гьезда тIаса галабиги росулаго цебесеб кьерде ине бегьула, инеги ккола.

Киналго кьерал ритIизаризеги, гьоркьоб чIобогояб бакI течIого букIинеги суннатаб буго. Гьедин гьабичIони жамагIаталъул кири борчIула. Гьоркьоб чIобого хутIараб бакIазде жанире буртIал кинниги шайтIаби лъугьунилан хIадис буго. Гьединлъидал кIигъуждул цоцада цун, цере-нахъе ккечIого чIезе суннатаб буго. Какилъ рахъун чIаразул угъдул ритIун рукIине ккела, килщал цере-нахъе кколел ругониги.

Как бухьиналде имамас кваранидехунги квегIидехунги вуссун мухъал ритIизареян амру гьабизеги суннатаб буго. ТIоцебесеб кьерлъун рикIкIуна имамасда хадусеб кьер, рагIалдаса рагIалде тункун гьечIониги, гьоркьоб ккараб минбаралъ гьеб кьер цоцадаса батIа гьабун бугониги. Бихьиназе тIоцебесеб кьер бищун хирияб бугебго гIадин, руччабазе ахирисеб кьер хирияб буго.

Имамасе хадур ругезул разилъи гьечIого как халат гьабизе карагьалъула. Маъмумасеги карагьалъула гьарулел ишал имамасда цадахъ гьаризе, имамасдаса лъабго натIалдаса рикIкIад чIезе, яги цо чи вугони квегIаб рахъалда вахъун чIезеги, яги витIун гьесда нахъа вахъун чIезеги, яги мухъилъа ватIалъун живго цохIо чIезеги, яги цебесеб мухъги цIезабичIого хадусеб мухъилъ вахъун чIезеги. Гьеб киналъго жамагIаталъул кири борчIизабула.

Мухъилъа ватIалъун чIезе карагьатаб бугелъул, яги гIатIилъи батани мухъилъе жаниве лъугьина, яги мухъилъа жиндаго аскIове цоги чи цIала. Гьебги, цин какги бухьун, цинги цIала. Жив цIалев чи вачIиналда божи гьечIони, цIачIого тела. Имамги маъмумги битIараб бакIалда чIезе суннатаб буго. Чара гьечIолъи яги хIажалъи батани, цояв борхатаб цогидав гIодоб ккараб бакIалда чIунги какал разе бегьула.

АРСЛАНГIАЛИ ГIУМАРОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...