Аслияб гьумералде

ГIузру бугесе бигьалъи

ГIузру бугесе бигьалъи

ГIузру бугесе бигьалъи

ТIоцебе кIалгьикъи гьабизе бугелдасан ккола как. Гьединлъидал щивав чияс хIаракат бахъизе ккола букIине кколеб куцалда как базе, ай киналго шартIалги цIунун. Гьединго цIунизе какилъ рихьизарурал суннатал гIамалалги.

 

Фикъгьиялъул тIахьазда хъван буго как балелъул вахъун чIезе бажарулеб батичIони, бажарулеб хIалалда байилан абун

Паризаяб как балелъул рахъунчIей ккола гьелъул рукнабазул цояб. Гьединлъидал, кIолев чиясе как базе бихьизабун буго эхетун. Амма цо-цо хасал гIиллабаздалъун как базе бегьула къулун, гIодовчIун яги вегун.

Ибну Бурайдидасан бицун буго ГIимран ибну ХIусайница абунин: «Дун вукIана бавасур унтиялъ тату хвезабун, цинги дица Аварагасда ﷺ цIехана кин дица как балебин абун. Гьес ﷺ абуна: «ВахъунчIун бай, амма гьедин базе кIолеб гьечIони, гIодовги чIун бай. Гьединги базе кIолеб хIал дур батичIони, хьибилалдаги вегун бай», - абун (Бухари).

Гьедин бараб как хадубккун бецIизе кколаро, гьелъухъ ажруги мукъсан гьабуларо. Абу Мусал АшгIариясдасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «Лагъ унтараб яги сапаралда вугеб мехалъ, (гьесул гьабичIого хутIараб гIамалалъухъ) гьесие хъвала сахго вугеб яги рокъов вугеб мехалъ гьабулеб букIарабго гIадаб гIамалалъул кири», - абун (Бухари).

ГIодовги чIун как базе изну кьезе ккани, унго-унголъунги вахъун чIезе захIмалъулеб гIилла букIине ккола. Амма вахъунчIун как баялъ хадубккун унти хIалуцинаби, сахлъи нахъбахъизаби гIадал захIмалъаби ккеялда хIинкъи бугони, гIодовги чIун базе бегьула. Гьелда тIадеги, гIодовги чIун базе квалквал букIунеб бугони, хьибилалда вегунги базе бегьула, гьединги захIмалъи бугони, гьумерги Къиблаялде буссинабун, мугъзада вегунги бегьула. Гьебги бажаруларесе, цIалулебги цIалун, бераздалъун ишан гьабунги бегьула.

Гьединго, гIодовги чIун чияс как базе бегьула транспорталда рекIун унев ватани, как базе санагIалъи гьечIолъи бугони.

ГIабдулхIамид Ширванияс хъван буго: «Гамида рекIун унаго паризаяб как балев чияс гьеб вахъунчIун базе ккола, амма вахъун чIезе захIмалъулеб бугони, гIодовги чIун базе бегьула, гьеб какги бецIизе кколаро (Къиблаялдехун вуссун бан батарабгIан мехалъ)», - абун («ТухIфатул МухIтаж»).

Вахъун чIун как баялдалъун тушманасдаса хIинкъи бугеб хIал батани, гIодовги чIун базе бегьула.

ЖамагIатгун цадахъ как балелъул чиясе захIмалъулеб бугони, амма живго жиндаго чIун базе къварилъи гьечIони, гьесие живго жиндаго чIун базе хирияб буго.

Вегун как балев чиясе, бажарулеб бугони, лъикIаб буго кваранаб хьолбода вегун базе.

ЗахIмалъи гьечIого разе кIолел ругониги, суннатал какал гIодорчIун разе бегьула, кинниги рахъун чIун балеб букIаралдаса кири мукъсанлъула. ГIузруялдалъун балеб бугони, мукъсанлъуларо.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....