Аслияб гьумералде

Диналъул аслу

Диналъул аслу

Как тей ккола бищун чIахIиял мунагьазул цояб. Как толев чиясда как баян амру гьабизе ккола.

 

Гьеб мехалъги гьес как базе инкар гьабуни, шаргIалъ чIвазе хIукму къотIула. Как баларел гIадамазе жужахIалда хасаб кIкIал буго гьел рехизе, жибго жужахIалъцин Аллагьасда гьарула гьелдаса цIунеян. Как толев чиясул иман ччукIун иналдаги рухI бахъи мекъса ккеялдаги хIинкъи буго. Как толев чиясда къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ццим бахъиялдалъун дандчIвай гьабула, гьев Аллагьасул цIуниялдаса ватIалъула, как баларев чиясул цогидаб лъикIаб гIамалги гIадада уна. Как баларев чи къиямасеб къоялъ пиргIавнигун, Къарун, Гьаман, Убаюнгун цадахъ вахъинавула. Цо как ками цо чиясе кинабго жиндир боцIи, агьлу-рукъ камиялда релълъараб буго. Как толев чиясул бетIер чIахIиял гамчIаз гъурун цIидасан сах гьабун, нахъеги гамчIаца гъурун гIазаб-гIакъубаялда хутIула. Как тарав чи капурлъулилан абулел цо-цо гIалимзабиги руго.

Как ккола исламалъул аслабазул цояб. Гьеб ккола инсанасул черхалъ гьарулел гIамалазул бищунго хирияб гIамал. Каказ инсанасул мунагьал чурула, хатIалъаби рацIцIуна, квешлъиялдаса цIунула, алжан хIакъ гьабула. Как балев чи сидикъуназдаса, шугьадааздаса ккола, гьесие алжаналъул рагьаби рагьула. Как къабуллъани, къиямасеб къоялъ цогидаб лъикIаб гIамалги къабуллъула. Как ахираталдаги нурлъун батула, какил щибаб сужда рикIкIун Аллагьас даражаги борхула, хатIалъабиги тIаса чурула.

 

ГIабас СагIидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...