Аслияб гьумералде

Сапаралда бугеб бигьалъи

Сапаралда бугеб бигьалъи

Сапаралда бугеб бигьалъи

Кин ва кинал какал къокъ гьаризе ва тIаде росун разе бегьулел?

 

Сапаралда вугев чиясе бегьула ункъо ракагIаталъулал (къалъул, бакъанил ва боголил) какал къокъ гьарун кIиго ракагIатлъун разе. Гьединго къалъулаб бакъанилалде, маркIачIулаб боголилалде тIаде росун разе ва гIаксалдаги, ай бакъанилаб къалъулалде, боголилаб маркIачIулалде росун.

 

Сапаралда как къокъ гьабизе ва тIаде босизе ракIалда бугев чиясда лъазе ккола сапар букIине кколеблъи хIалалаб. Чи унев вугони даран-базаралъ, амма бича-хисулеб жо бугони шаргIалда гьукъараб, гьединго, чIужугIадан ятани росасул изну гьечIого сапаралъ яхъарай, яги махIрамияв цадахъ гьечIого уней, гьезие бегьуларо какал къокъ гьаризе ва тIаде росун разе.

 

Кида бегьулел сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе?

Къокъ гьарун гьел (маркIачIул ва рогьалил какал къокъ гьаруларо) какал разе бегьула хадур рехсарал шартIал тIуран ругони:

– сапар букIине ккола халатаб. ШафигIияб мазгьабалъул тIахьазда халатаб сапарлъун рикIкIуна кIиго мархIаллъун, ай гьоркьохъеб къагIидалда цIурал хIайваналгун унаго хIухьбахъизе ва жидерго хIажатал тIуразе лъалхъи гьаби малъигун, кIиго къоялда (яги сордо-къоялда) жаниб нахъа тезе кIолебгIанасеб манзил. Гьанжесел гIалимзабазул гIемерисез гьеб манзил рикIкIунеб буго 81 километралдаса тIаде араблъун.

– Сапар букIине ккола мухIканаб бакIалде унеб. Мисалалъе, пуланав чи сапаралъ вахъана, амма пуланаб бакIалде абун ниятгун унев гьечIо. ТIадехун рехсараб манзил нахъа таниги, гьесие бегьуларо какал къокъ гьаризе яги тIаде росун разе.

– Как базе лъугьунелъул ният букIине ккола къокъ гьабизе яги хадусебги тIаде босун базе абураб.

– ЖамагIат гьабулеб бугони, къокъ гьабун базе ракIалда бугесе бегьуларо ункъабго ракагIат балезда нахъвилъине. Гьединаб хIалалде ккедал, как базе лъугьунелъул ният букIина ункъо ракагIат базелъун.

– Къокъ гьабун базе абураб ният как бан лъугIизегIан цIуни.

– Как бан лъугIизегIан сапаралда ругеллъун рукIин (гьаб буго гамида яги самолет гIадаб жоялда рекIун унаго балелъе бугеб шартI).

Хадусеб как цебеселде босулелъул цIунизе ккола:

– гIужил бетIераб тIоцебе бала, цинги бала тIаде босараб.

– ТIоцебесеб как балелъулго ният букIина хадусебги тIаде босулеб бугин абун.

– Какал ралелъул, гьоркьоб заман ине течIого, тIатIалаго рай. ТIоцебесеб бан лъугIидал, гьоркьоб бегьулеб заман буго къамат, таяммум, какичури гьабизегIанасеб. Амма кIиго ракагIат какил базегIанасеб заман гьоркьоб ани, тIаде босизе ракIалда букIараб босизе бегьуларо, гьеб жиндир заманалда базе ккола.

Хадуселда цебесеб тIаде босулелъулги, босулеб бугин абураб ният букIине ккола цебеселъул гIуждаго. Мисалалъе, къалъул как бакъанилалде босизе ракIалда бугони, бакъанил какил гIуж щвезегIанго кIалалъ абун бугониги, ракIалде ккун батаниги къалъулаб гьелде тIаде босизеян абураб ният букIине ккола. Ният букIун батичIони, гьеб как бачIого хутIараблъун рикIкIуна, хадуб ниятги бецIун абун гьабизе ккола.

 

Чан къоялъ бегьулеб сапаралда какал къокъ гьаризе?

– Пуланаб бакIалде щведал сапар лъугIиялъул нияталда унесе, какал къокъ гьариялъул ва тIаде росиялъул рухсаби лъугIула гьениве щведал.

– Ният бугони ункъо яги цIикIкIун (вачIараб ва араб малъичIого) къояз пуланаб бакIалда чIезе, гьеб хIалалъулъги гьесул сапаралъул рухсаби лъугIула гьениве щведал. Амма ункъо яги дагьал къояз (вачIараб ва араб малъичIого) чIезе вугони, гьеб мехалъ сапаралъул рухсаби хIалтIизаризе бегьула.

– Ният бугони лъабго къоялъ (вачIараб ва араб малъичIого) чIезе, кинниги хIажалъи ккана гьелдасаги цIикIкIун къояз гьенив чIезе, гьеб мехалъ лъабго къо лъугIидал гьесие сапаралъул рухсаби лъугIула.

– МухIканго лъалеб гьечIони сапаралда кида хIажат тIубан лъугIилебали, амма хьул буго ункъо къо иналде тIубалин абураб, кинниги тIубачIо ва гьенив чIейги ункъо къоялдаса халат бахъана, гьеб хIалалда гьесие бегьула сапаралъул рухсаби 18 къоялде щвезегIан хIалтIизаризе.

Сапаралда вугесе бугеб бигьалъиялдасан ккола цоги сапаралда хутIараб как гьанже бецIулеб бугони къокъ гьабизе, гьединго, тIаде росун разе бегьи. Амма рокъор хутIарал какал сапаралда рецIулелъул бегьуларо къокъ гьаризе.

Аллагьас ﷻ бигьалъи гьабеги щивасе сапаралда, кире аниги нух битIун, ракIалда ругел мурадал тIуран руссаги! Амин!

(«Мугънил мухIтаж»)

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Исламалъул машгьурал имамзабазул яги гIалимзабазул цонигияс суфизмалда кигIан дагьабниги гIайиб чIвачIо. Ункъабго мазгьабалъул имамзабазги гьезда нахърилълъарал гIалимзабазги, тафсиралъул, хIадисалъул гIалимзабазги тасаввуф рикIкIана исламалъул рухIлъун ва ракIлъун.   – СагIид ХIаваца...


ГIарафа магIарда чIей

ГIарафа магIарда чIей хIежалъул бищун кIвар бугеб рукнулъун ккола, щайгурелъул, гьеб къо къалъаралдаса хадусеб къоялъул рогьел баккизегIан гьенив цо лахIзаталъгIаги чIечIев чиясул хIеж рикIкIунгутIиялъе гIоло. Цогидал рукнабазе цIараб хасаб заман гьечIо.   ГIарафа мегIер ва ГIарафа къо буго...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде  +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!       Сусланова ПатIиматзагьра, 6 сон, Калининаул росу. Темирукаев Ибрагьим, 7 сон, Ленинаул росу. ГIабдулгIазизова ГIайшат, 6 сон, ГIочIло росу. Лабибова Самира,...


ГурхIел-рахIму

Нилъер иманалъул къиматаб жавгьаразул цояб ккола гурхӀел-рахӀму. Гьеб цIакъ беццараб тIабигIатги буго. Иман щулалъиялъе, рухӀияб рахъ цебетӀеялъе, напс квегъизе гьарулел аслиял жалазул цояблъун ккола гурхӀел-рахӀму.   Гьеб ккола инсанасул цогидал гIадамаздехун бугеб хинлъи-рокьи, лъикIаб...


ЦIияв ректор

Саида Сиражудинова тӀамун йиго Дагъистаналъул гуманитарияб институталъул ректорлъун. Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиясул рахъалдасан баркала загьир гьабуна цеве ректорлъун вукӀарав НухӀкъади БахIмудкъадиевасе, гьес гьабураб хӀалтӀухъ. Баркалаялъул гӀаламат хӀисабалда гьесие сайгъат...