Аслияб гьумералде

ГIаламалъего рахIмат

ГIаламалъего рахIмат

ГIаламалъего рахIмат

ГIалимзабаз гIемер бицараб, киназдаго лъалеб жо ккола нилъер Авараг гьаб ракьалда бугебщинаб жоялъего рахIматлъун вугеблъи. Гьев авараглъунги витIун вуго цохIо гIадамазде гуревги, зодор ругел малаикзабаздеги, ракьалда ругел женаздеги. Аллагьас хирияб Къуръаналдаги гIаламалъего рахIматлъун гурони Жинца мун витIун гьечIин абун буго.

 

Жайраналъе гъоркьлъалие чIей

Цо нухалъ авлахъалдасан унев вукIарав Аварагасда ﷺ рагIула жинда хадув чанахъан лъугьунеб жайраналъул гьаракь. Авараг ﷺ вихьидал, гьелъ ахIула: «Я Аллагьасул ﷻ расул ﷺ, кумек гьабе», - ян. АскIобе щведалги гьелъ Аварагасда ﷺ абула: «Я Бичасул ﷻ Авараг ﷺ, кье дие тIанчIазухъе ун гьел кваназаризе рес. Гьелги кваназарун дун бачIина ва чанахъанасда цебе чIела. Амма тIадбуссун бачIинчIони, дун букIайин абе, дур цIар рагIараб мехалъ салават битIуларев чиясдасаги нахъегIанаблъун», - абун. Гьеб мехалъ Авараг ﷺ жайраналъул бакIалда чанахъанасда аскIов гъоркьлъалие чIола ва гьебги тIанчIазухъе ине биччала.

ТIанчIазухъе щведал гьелъ байбихьула, жиб ине кколинги абун, гьел хехго кваназаризе. ТIанчIазда, Авараг ﷺ гъоркьлъалиеги чIун эбел бачIин лъайдал, гьез кваналеб букIараб тола ва абула: «Кин дуда кIвараб Аллагьасул ﷻ бищун хирияб рижиги гъоркьлъалие лъун, нижехъе бачIине», - ян. Гьезул рагIабаздаса хадуб жайран гьебсагIатго нахъбуссун уна.

Жайран бачIунеб бихьидал хIайранлъарав чанахъан гIажаиблъун хутIула ва гьеб бакIалда исламги босула.

Гьелдаса хадуб гIезегIанго заманги араб Бичасул ﷻ Аварагги ﷺ накълулъараб мехалъ, гьев гIарабияв вукIуна Аварагасул ﷺ хабада аскIов вахъун чIун. Гьенибе бачIуна жайран. Гьеб бихьарав дов чияс абула: «Дида ккола гьаб жайран Аварагги ﷺ гъоркьлъалие тун ун букIаралъул тIинчI бугин», - абун.

Хадув чанахъан лъугьараб жайраналъегицин кумекалъе ватарав, цинги гьеб чIвазе биччачIого гъоркьлъалие гьев ﷺ чIей ккеларищ Авараг ﷺ хIайваназегицин рахIматлъун вукIин. Цинги, гьеб хIайваналъ тIаде босараб аманат тIубайги бихьун хIайранлъарав гьев чи Аллагьасул ﷻ хIакъаб диналде вачIин букIинарищ гьесиеги Аварагасул ﷺ баракат щвей?!

 

ХIанчIазе маслихIат гьаби

Цо нухалъ Аварагасухъе ﷺ боржун бачIуна милъиршо ва гьелда хадубго хъарчигъаги. Милъиршоялъ, дихъ ралагьун чIарал тIанчIи ругин абун, хъарчигъаялдаса хвасарлъи гьарула Аварагасда ﷺ. Хъарчигъаялъги абула жиндирги ругин кваназаризе кколел тIанчIи, гьаб жиндир чан бугин, биччан тезе дида кIоларин, мун киназего рахIматлъун витIарав Авараг ﷺ вугелъул кин дуда кIолебин гьеб хвасар гьабун дир тIанчIи ракъун тезе.

Аварагасул ﷺ киназдехунго рахIму гьаби гIурхъи гьечIеб букIаралъул, гьес ﷺ ритIухълъи букIиналъул хиялалда хъарчигъадуе кьезе жиндирго черхалдаса гьанал кесек къотIизе хивал гьабула, амма носоца къотIуларо. Гьеб мехалъ гьеб кIиябго ЖабрагIил ва МикагIил малаикзабазде сверула. ХIанчIи малаикзабазде сверидал, Аварагасда ﷺ бичIчIула гьел жиндир хIал бихьизе рачIарал рукIараллъи.

Аварагасул ﷺ букIараб ният бихьарал гьез абула: «Унго-унгоги мун гIаламалъего рахIматлъун витIарав вуго», - ян.

Аварагасул ﷺ баракат-шапагIат щвараздасан гьареги киналго Аллагьас ﷻ! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


БагIараб пилпил

БагIараб пилпилалъулъ букIуна капсаицин абураб жо. Гьеб сабаблъун букIуна кIал бухIизабулеб тIагIамги. ГIалимзабаз цIех-рех гьабуна капсаициналъ инсанасул черхалъе гьабулеб асаралъул.   Чакрил унтиялъе гьабулеб асар Капсаициналъ кумек гьабулеб батана чорхолъа цIикIкIун инсулин бахъизе. Цо...


Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал

Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.   Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва...


КIудияб макъам

ХIурматиял бусурбаби. Аллагьасул диналде халкъ ахIи буго аварагзабазул ирс. Гьезул тIубараб гIумруго къурбан гьабун ана халкъ битIараб нухде ахIулаго. Гьелда жаниб аслияб жоги ккола гIицIго ихлас, ай ракI бацIцIалъи букIин. Гьебги щибго гьечIеб бакIалда бокьарав чиясе щолеб жо гуро.   Ихлас...


ЦIалул соналде

ХIурматиял бусурбаби, щибаб цIалул сон тIаде щолаго нилъеца бицен гьабула лъималазе лъай кьеялъул бугеб хиралъиялъул хIакъалъулъ. Хасго исламияб лъай кьеялъул кIваралъулги цIакъго мухIкан гьабун бицунеб гIадат букIана.   Гьале исанаги тIаде щволеб буго гьебго цIалул заман. Амма гьаб...


Суал-жаваб

МагIна бичIчIуларел Къуръаналъул аятазе ва хIадисазе кинаб хIукму бугеб? Цогидал аятазда релълъун гьезул тафсир гьабизе бегьулищ? Гьел аятазде ва хIадисазде нилъеца иман лъола ва гьелъул хIакъикъат ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ тIамун тола. Гьединал аятазе ва хIадисазе баян тафсир гIалимзабаз кьечIо....