Аслияб гьумералде

Авараг накълулъи

Авараг накълулъи

Авараг накълулъи

Авараг накълулъи асхIабзабазе цIакъ захIмалъана, хIатта цоял лъавудаса ана, цогидал кIалъазе кIвечIого хаган хутIана.

 

ГIумар ибн ХатIабги божичIо гьеб хабаралда ва Авараг хванин абулев чиясул бетIер къотIизе бугин кIалъана. ГIусман-асхIабцин хаган хутIана, дагьав хадув лъавуде вачIаниги. ГIали-асхIаб щиб гьабилебали лъаларого хутIана. Билал-асхIабида кIвечIо Мадинаялда чIезе ва гочун ана.

Ибн ГIабасидасан бицун буго: «Аварагасухъе вахIю 13 соналъ Маккаялда ва 10 соналъ Мадинаялда рещтIана. Гьаб дунял Аварагас тана 63 сон байдал», - ян. Гьединго ГIаишатидасан бицана Авараг 63 сон байдал накълулъанин абун.

Жарир ибн ХIазимияс бицана МугIавиятица хутIба гьабулелъул абулеб рагIанин: «Авараг накълулъана 63 сон байдал, гьединго, Абубакарги ГIумарги. Диеги буго 63 сон», - ян.

ХутIба гьабулеб заманалда МугIавиятие 63 сон букIана, амма гьес 80 сон бана. Гьесие бокьун букIана хвалилъцин Аварагасда ва умматалъул бищун лъикIазда релълъенлъи гьабизе. ГIусман-асхIаб гьес рехсечIо, 82 сон бараб мехалда чIван вукIиналъ. ГIали-асхIабги рехсечIо, гIемераб хилаф букIиналъ гьесул хвелалда тIасан. Кинниги кьучIаб рагIи буго ГIали-асхIаб 63 сон байдал хванин абураб.

Аллагь лъарал цо-цо вализабазе цIакъ бокьулаан гьеб заманалъул ригьалда хвезе. Гьелде гIагарлъулеб мехалъ гьез кутакаб хIадурлъиги гьабулеб букIана.

Анас ибн Маликица бицана: «Ахирисеб нухалда дун валагьидал, Къуръаналъул тIанчазда релълъун букIана Аварагасул гьумер. Гьеб мехалъ Абубакарида хадуб рогьалил как балеб букIана гIадамаз. Гьел рагъа-рачаризе лъугьана Аварагасе мадар лъугьанинги ккун. Амма Аварагас гьезде ишара гьабуна ругеб бакIалда чIаян ва гьезул имам Абубакар вукIине вугилан. Хадуб пардав гIодобе биччана ва Авараг накълулъана гьеб къоялъул ахиралда».

Абубакар как базе цеве вахъана Аварагасул амруялда рекъон. Аварагасда хвалил унти чIвана бетIер унтиялдалъун. Щибаб къойил гьеб цIикIкIунебги букIана. Унтун Аварагас бана 13 къо, гIалимзабазул гIемерисеб рагIиялда рекъон. Унти байбихьадал Авараг Маймунатил рокъов вукIана. Хадуб унти хIалуциндал, гьесул гьариялда рекъон, руччабазухъа изнуги босун гьев вачана ГIаишатил рокъове.

Хвелалде цебе ахиралда рещтIараб сура букIана «ан-Наср». Гьеб сура рещтIиндал Аварагасда якъинго бичIчIана жив дунял тун уневлъи. Гьедин букIараблъи тафсиралъул агьлуялъги абуна. Ахирисеб соналъ Аварагас кидаго такрар гьабулаан жив гьаб соналъ дунял тун ине вугин. Ахирисеб къо-лъикI гьабиялъул хIежалда Аварагас абуна: «Гьалдаса хадуб рес буго нужеда дун вихьичIого вукIине», - ян. Гьелъ, ахирисеб соналъ Аварагас гIибадат гьабизеги цIакъ хIаракат бахъана. Мисалалъе, цебе Аварагас ЖабрагIил малаикасе щибаб соналъ цо нухалда Къуръан цIалулеб букIана. Ахирисеб соналъ гьес ЖабрагIил малаикасе кIиго нухалъ Къуръан цIалана. Щибаб соналъ рамазан моцIалъул ахирисеб анцIго къоялъ игIтикаф гьабулаан. Ахирисеб соналъ къого къоялъ игIтикаф гьабуна. Гьелда цадахъ зикраби ва истигъфар цIикIкIинабуна. Авараг накълулъана рабигIул аввалалъул 12-абилеб итни къоялъ. Бергьараб рагIиялда рекъон, Авараг накълулъана зухIаялъул гIужалъ, ай къалъулеб заманалда.

 

Шамил МухIаммадов

2026-05-15 (ЗулкъагIида 1447 с.) №10.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Дун цIакъ нечон йикIана     Дун гьаризе гIадамал рачIараб къоялъ, гьезда дандчIвай гьабурав дир эмен, дагьав гьекъон вукIана. Цинги гьес байбихьана вукIинесев дурцасда хурхун махсараби гьаризеги. Дун цIакъ нечон йикIана. Гьанже дун абизе бокьарасул эбелалда кколеб буго лъикIаб гуреб...


ЧIор речIчIиялъул турнир

ГӀахвахъ районалъул гӀадамазда гьоркьоб «Лучник» клубалда тIобитIана чIор речIчIиялъул турнир.  Турниралъул хӀурматиял гьалбаллъун рукӀана МахӀачхъалаялъул централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултанов, Шамсудин Шамсудинов - ГӀахьвахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель ва «ГIахьвахъ...


Тасаввуф - цересел гIалимзабазул цIадирабазда

Исламалъул машгьурал имамзабазул яги гIалимзабазул цонигияс суфизмалда кигIан дагьабниги гIайиб чIвачIо. Ункъабго мазгьабалъул имамзабазги гьезда нахърилълъарал гIалимзабазги, тафсиралъул, хIадисалъул гIалимзабазги тасаввуф рикIкIана исламалъул рухIлъун ва ракIлъун.   – СагIид ХIаваца...


Ният халгьабун…

Къокъаб, амма магIна гъваридаб аби буго: «РакIбацIцIалъиялъ, ай ихласалъ гIажаибал жал гьарула», - ян абураб. Гьел рагIабаз мухIканго загьир гьабула муъминчиясул гIумруялъул аслияб магIна. Ахир-къадги исламалда бокьараб гIамалалъе къимат гьабула гьелъул сипат-сураталдалъун яги кIодолъиялдалъун...


«Ас-салам» – магIарул росабалъ

Гьал къоязда магIарул мацӀалда бахъулеб «Ас-салам» казияталъул редакциялъул хӀалтӀухъаби щвана Шамил районалъул Бакълъухъ росулъе. Редакциялъул хӀалтӀухъаби дандчӀвана росдал бегавулгун, школалъул нухмалъулевгун, мадрасаялъул ректоргун цогидалги жамгIиял хIаракатчагIигун. Гьезулгун...