Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ берцинлъи

Аварагасул ﷺ берцинлъи

Аварагасул ﷺ берцинлъи

Аварагасул ﷺ берцинаб сипат-сураталъул бициналъ тIоритIел гьабула ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ гьесие гьединаб гьайбатаб сипат-сурат кьун букӀиналде. Гьединав камилав инсан вукIиналъ, гьесул хIакъалъулъ гIемерал тIахьалги хъвана гIалимзабаз. Гьесул сипат-сураталъго гӀадамазда гьев авараглъунги цевехъанлъунги вукIин вихьизавулев вукӀана. Гьесулъ батӀи-батӀиял халкъазул сипат-сурат букӀиналъ тIоритIел гьабула гьев тӀолабго халкъалъухъе витӀарав чапар вукIиналдеги.

 

«Мавагьибу Лладуния» абураб тӀехьалда буго: «Аварагасда ﷺ иман камилго лъей ккола, ТӀадегӀанав Аллагьас гьесда релълъарав чи я цебе ва хадуб вижичӀолъиялда ракӀчӀей», - ян.

Имам Къуртубияс абуна: «ТӀадегӀанав Аллагьас нилъеда гурхӀун Аварагасул ﷺ тӀубараб берцинлъи бихьизабичIо, нилъер беразда гьеб хӀехьезе кӀоларого букIиналъ», - ян. Аварагасул ﷺ букӀанин бищунго берцинаб черхиланги бицана гӀемерал гӀалимзабаз.

Имам Тирмизияс «аш-Шамаил МухIаммадия» абураб тӀехьалда Анас ибн Маликидасан хъван буго: «Авараг ﷺ вукӀинчӀо цӀакъго ворхатав яги къокъав ва цӀакъго хъахӀаб яги бецӀаб тӀомалъул. Гьесул рас букIана дагьабго кIургIараб», - ян.

Имам Байгьакъияс абуна Авараг ﷺ гьоркьохъеб халалъиялъул вукIанин абун.

Гьединго имам Байгьакъиясги ибн ГIасакирицаги абуна Авараг ﷺ гIадамалгун цадахъ хьвадулев мехалъ, хал гьабулев чиясда гьев бищунго ворхатавлъун вихьулев вукӀанин.

Авараг ﷺ кӀиго ворхатав чиясда аскIов чIарав мехалъ, гьездаса ворхатавлъун вихьулаан. Амма гӀадамаз Авараг ﷺ бищунго ворхатавлъун рикӀкӀунароан, гьоркьохъеб борхалъи бугевлъун рикӀкӀунаан. Аварагас ﷺ абуна: «Гьоркьохъеб борхалъиялда жаниб буго кинабго лъикӀлъи», - ян.

Абу РабигI ибн Сабиица «Хасаис» абураб тӀехьалда рехсана Аварагасул ﷺ кIигъуждул, мажлисалда цо чигун цадахъ гӀодов чӀедал, гӀодор чӀараздаса рорхаталлъун рихьулаанин абун.

Имам Шигьаб ХIафажияс абун буго: «ТӀадегӀанав Аллагьас Авараг ﷺ цогидаздаса ворхатавлъун гьавичIо берцинлъиялъулъ гIунгутIи букIинчIого букIине. Амма гIадамазул берзукь Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ бищун ворхатавлъун гьавуна. Гьеб букIана Аллагьас ﷻ Аварагасе ﷺ кьураб мугIжизат», - ян.

Аварагасул ﷺ рукьби риццатал рукIана ва гьелъ бихьизабула Аварагасулъ ﷺ кутакаб къуват букIараблъи. Щайин абуни, Авараг ﷺ халкъалда гьоркьов бищун къуват бугев вукIана.

Авараг ﷺ вилъун унеб мехалда унаан хьвагIулеб хIисабалда, ай гьитIинаб магIардаса гIодове вачIунев гIадин. Гьеб хьвада-чӀвади рикӀкӀунаан бахӀарчиял ва къадруял гӀадамазул хьвадилъун.

Цо-цояз абизе бегьула гьединаб хьвади чӀухӀилъун рикӀкӀунин. Амма имам Къази ГIиязица абуна гьединаб хьвади чӀухӀилъун рикӀкӀунин ургъунго гьабулеб бугони, тIабигIияб бугони - рикӀкӀунарин. Имам Зуркъаниясги гьедин бугин рехсана жиндирго тIехьалда.

Авараг ﷺ кьаралъи тIад бугев вукӀинчӀо. Гьесул гьумер дагьаб гургинабккараб букIана.

ГӀалимзабаз чIезабуна Аварагасул ﷺ тIом чӀегӀераб букIанин абулев чи капурлъулин абун, гьесде гьереси гIунтIизабулеб букIиналъ.

Гьесул ясберал чӀегӀерал, берзул тIелхал халатал рукIана. ХIатта кколеб букIана гьел цоцада рекI-рекIунел ругиланцин. Кьунсрул цоцада хурхарал рукIинчIо, гьезда гьоркьоб букIана рас гьечIеб бакI.

Цо жоялде балагьулелъул, тӀолабго черх сверизабулаан, гIицIго бетӀер сверизабун толароан.

Гьесул ﷺ керен гIатIидаб букIана. БетӀер цӀакъго кӀудиябги гьитӀинабги букIинчIо, ай гьоркьохъеб букIана.

Гьев ккола ахирисев Аварагги ﷺ. Цо-цояз абула МухӀаммад аварагасда ﷺ хадуб ГӀиса авараг вачӀунин абун.

ГӀиса авараг МухIаммад ﷺ аварагасдаса цеве рещтIана ва авараглъиги цебе ккана. Гьелъ гьев хадув рещтIаниги ахирисевлъун кколаро. ГӀиса аварагас, зобалаздаса рещтӀиндал, Аварагасул ﷺ шаргIалда нахъвилъун Къуръаналдаса ва хIадисаздаса хIукму гьабизе буго.

Авараг ﷺ гIадамазул бищун сахаватав вукIана. ГӀадамазул гӀамал-хасият хис-хисулеб мехалда, Авараг ﷺ кидаго сахаватавлъун хутӀулаан. Щайгурелъул гьесул сахаватлъи рагьараб ракӀалдасан бачӀунеб букӀана, ххвел гьабиялдалъун гуреб. ГӀадамазул рекӀел хӀалалда рекъон инсанасул сахаватлъи хисулеб бугони, гьединав чи сахаватавлъун рикӀкӀунаро.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...