Аслияб гьумералде

МоцIалъ цIа бакичIо

МоцIалъ цIа бакичIо

МоцIалъ цIа бакичIо

Аварагасул ﷺ вукIа-вахъин, квен, кьижулеб-вахъунеб къагIида черхалъе бищун пайдаяб буго. Вакъиялъулъ гьанжесел гIалимзабазги кIудияб пайда бугин бицана. Ракъиялъ черхалъе тIадагьлъи, бигьалъи кьола ва жаниб бакIарараб чороклъи бацIцIад гьабула. Аварагги ﷺ дагьав гурони кваначIо. Гьеб букIана Аварагас ﷺ жинцаго тIаса бищараб.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьесие дунялалъул бечелъи кьолеб букIана, амма Аварагас ﷺ нахъчIвана. Нилъеда лъала Авараг ﷺ накълулъараблъи жиндир къолден цо ягьудиясухъе налъуде лъун. Аварагас ﷺ абуна дун вугин Аллагьасул лагъ, цо къоялъ кваналин ва цогидаб къоялъ вакъун чIолин. Симак ибну Харбица абуна НугIман ибну Баширица бицунеб рагIанин: «Нуж бокьа-бокьараб тIагIам кванан ва гьекъон гьечIищ?» - ян. Дида Авараг вихьана ракъи инабизе бищун гIодобегIанаб чамасдак кваназе щоларого. Аварагасул ﷺ гIемерисеб кваналеб квен чамасдакги лъимги букIана. Симак абурав асхIабас нилъ ахIана кинабниги жоялъулъ Аварагасда ﷺ релълъенлъи гьабизе. Ахират кIочон тун дунялалде нилъ руссинчIого рукIине. Аварагасул ﷺ бугеб къуватги тирха-кIичиги бихьидал абулароан гьев вакъун вугилан. Аварагасул ﷺ гIищкъу букIана Ахираталде.

Харис ибну Абу Усаматица абуна Анас ибну Маликица бицанин: «Цо нухалъ Аварагасул ﷺ яс ФатIимат гьесухъе ячIуна чадил кесекги босун. Аварагас ﷺ гьикъула гьеб щиб жойилан. Ясалъ абула: «Гьаб чед дуе буго, дир ракI гIодоб биччачIо дуе гьеб босун ячIинчIого», - ян. Аварагас ﷺ абула: «Гьаб буго лъабго къоялда жаниб тIоцебе кваналеб квен», - ян. Рокъоб букIунеб ахIвал-хIал цIикIкIун лъала гьесул агьлуялда. Аварагасул ﷺ чIужу ГIаишатица абуна гIорцIизегIан Авараг ﷺ кваначIин. Аварагас ﷺ жиндир агьлуялдаса квен тIалаб гьабичIо ва кьеянги абичIо. Гьеб букIана Аварагасул ﷺ бугеб тIадегIанаб тIабигIат-гIамал.

ГIаишатица бицараб хIадисалда буго: «МухIаммадил агьлу тIубараб моцIалъ цIа бакичIого букIана. Нижеца кваналеб квен чамасдакги лъимги букIана», - ян.

Нилъеда гIемер бицунеб рагIула Авараг ﷺ ва гьесул агьлу ракъун рукIанин абун. АсхIабзабаз кин тараб Авараг ﷺ ва гьесул хъизан ракъун? Гьелъие жаваб гьабуна гIалимзабаз сираялъул тIахьазда, аварагги асхIабзабиги кидаго жо гьечIого рукIинчIин абун. ГIемерисеб мехалъ гьез бугеб боцIи-мал, квен агьлуялъе къваригIараб нахъе тун, кьолеб букIана мискиназе. Нилъеда лъала, Авараг ﷺ кодоб бугеб жо бикьун лъугIизабун гурони, кьижизе унароан. Яги гьезие гIемер кваназе бокьунгутIиялъ толеб букIана. Гьеб букIана гьезул ихтиярияб пиша. Щайгурелъул, гIорцIараб черхалъе гIибадат гьабизе захIмалъулелъул. Жеги хъвалеб буго, тIоцебе Авараг ﷺ накълулъун хадуб баккараб бидгIа гIемер кванай букIанин. Нилъеца бицараб жо гьечIо чиясе хIажатаб кванил суал, бицен буго гIорцIун тIаде жеги кванаялъул. Гьеб кванирукъалъе цIакъ захIмалъула, заралги гьабула ва гIибадаталъе кIвахIаллъи бижизабула.

Аллагьасул расулас ﷺ жиндир бугеб хIал (вакъун вукIин) киданиги асхIабзабазда лъазе толеб букIинчIо. АсхIабзабазда гьеб лъалеб букIарабани, сундухъго балагьичIого, гьез кумек гьабулаан. Бечедал асхIабзаби рикIкIинчIого мискинал асхIабзабаз кьезе букIана ахирисеб жоцин Аварагасе ﷺ. Авараг вакъун тезе вукIинчIо. Аварагас ﷺ гьаниб нилъеда малъана гьардей лъикIаб жо гуреблъи.

ГIалимзабаз хъвалеб буго мискинлъи Аварагас ﷺ жиндиего бокьун бищараб букIанин. Гьесда лъицаниги, хIатта БетIергьан Аллагьас хIал гьабичIо мискинлъи тIаса бищеян. Аварагасухъе ﷺ малаик витIула меседил мугIрул дуда цадахъ рилълъине гьарилин дуе бокьаниян абизе. Гьесда абула, дуе бокьани ханлъун вукIайин, бокьани авараг лагълъун вукIайин. Хирияв Аллагьасул расулас ﷺ тIаса бищула лагълъун вукIине. Аллагьасда аскIобги бищун кIудияб макъам Аллагьасул ﷻ хIакъикъияв лагълъун вукIин буго. Гьелъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Аварагасе ﷺ кинабго кьураб. Гьелъин Сулайман аварагасги тIаса бищараб гIелму бечелъиялдаги, мулкалдаги гьоркьоса. Хадуб Аллагьас ﷻ Сулайман аварагасе кинабго кьуна.

Бечедал асхIабзабицин рукIана гIемерисеб мехалъ ракъун чIолел, мисалалъе, ГIусман-асхIаб гIадинал. Гьезги Аллагьасул нухда гIемерисеб жо кьезе хIаракат бахъулаан. Абубакар-асхIаб восани, гьес кинабго Аллагьасул нухда кьолеб букIана. Гьевги вукIунаан цин-цин вакъун, цо-кIиго ретIел ретIине жо гурони гьечIого. Гьелъул магIна ккола гьезул рекIелъ тIоцебе дин букIанин абураб жо, дунял гьез малъи гьабулеб букIинчIо.

Бухари ва Муслимица ГIаишатидасан бицараб хIадисалда буго: «АллагьасхIаги, я дир яцалъул вас, ниж балагьулаан моцIрохъ, хадуб моцIрохъ, хадубги моцIрохъ, кIиго моцIида жаниб гьеб заманалда жаниб Аварагасул рокъоб цIа бакичIо», - ян. Гьес ГIаишатида цIехола: «Нужеца щибха кваналеб букIараб?» - ян. Гьелъ абула: «КIиго чIегIераб жо: чамасдакги лъимги. Аварагасул рукIана мадугьалзаби - ансарал, гьезул речIчIулел чахъаби рукIана. Гьез Аварагасе рахь битIулеб букIана ва нижеца гьеб гьекъолаан», - ян.

«Мавагьиб» абураб тIехьалда рехсана: «Цо нухалъ Авараг ﷺ вакъараб мехалъ, гьес абула: «Нужеда бихьуларищ нафсалъе лъикIал нигIматал ва лъикIал ресал рокьулеблъи, Къиямасеб къоялъ гIадан вакъун ва ретIел гьечIого вахъуна. Нафс тIадегIан гьабурав чи гIодовегIанлъула, гьелда данде чIарав тIадегIанлъула», - ян.

Абу ТIалхIатидасан бицана: «Ниж Аварагасе ракъиялъ зигардана, ретIел тIаде борхун чахьазда рухьарал ганчIал рихьизаруна. Аварагас жиндирго чахьалда кIиго гамачI бухьун букIин бихьизабуна», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-01 (Сафар 1448 с.) №15.


Хирияв Аварагасул ﷺ шамаилал

Шамаил абураб рагIи хIалтIизабула Аварагасул ﷺ берцинал тIабигIатазул бицен гьабулеб мехалда. Гьединго, гьесул ﷺ гIумру ва ахIвал-хIал рехсолеб мехалдаги. Гьединлъидал Аварагасул ﷺ цо-цо ахIвал-хIалал рехселин.   Аварагасул ﷺ рас букIана берцинаб ва дагьабго кьурараб, цIакъго кьурараб ва...


Ургъел щай гьабулеб?

Гьаб заман буго ургъалаби гIемераб. Гьедин бугин абун, нилъ рукIине бегьуларо кидаго рахIатхун. Кинаб хIалалде кканиги, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кумек гьабула. Гьес ﷻ нилъ рехун толаро. Гьес ﷻ нилъее кьун буго хирияб Къуръан ракIалъе сахлъи гьабулеб ва тун руго рикIкIен гIемерал насихIатал хьул...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Кредит босана...   Чияр счеталде гIемераб гIарацги битIун, щибго жоги гьечIого хутIана дун. ХIинкъун йикIана гьелъул хIакъалъулъ росасда бицинеги. Гьеб бахчизелъун дица кредит босана. Гьанже кредит бецIизецин кIолеб гьечIо, кьезе кколеб болжалги гIагарлъулеб буго. Щибдай...


Алмахъалда - мажлис

Казбек районалъул Алмахъ росулъ тIобитIана цолъиялде ва умумул ракIалде щвезариялде халкъ ахIараб мажлис. Гьениб бицана Дагъистаналъул тарихалда алмахъаз лъураб бутIаялъул, Кавказалъул рагъул заманалда алмахъаз бихьизабураб бахIарчилъялъул ва гьел кидаго Шамил имамасда цадахъ рукIиналъул...


Шукру гьабулищ?

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Гьеб къоялъ нужеда гьикъизе буго дунялалда Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал кин харж гьаруралин абун». (Сура «Ат-Такасур», аят 8)   Гьаб къокъабго аяталда жаниб щивав чиясе пикру гьабизе бакI буго. ГӀумруялда жаниб...