ЦIарал кьолаан
Аллагьасул Расуласул ﷺ хасияталдасан букIана жиндирго тIагIелазе, хIайваназе, рагъул алатазе, ретIел-хьиталъе цIарал кьолеб. Гьелги кьолаан гьез тIубазабулеб ишалда рекъараб.
Аварагасул ﷺ байрахъалда цIар букIана «ГIукъаб» (цIум) абун. Абу-Гьурайратидаса ибну ГIадийица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул ﷻ Расуласул ﷺ байрахъ букIана чIегIераб кьералъул, ГIукъаб абун цIарги бугеб», - ян. Цо-цо мехалда Аварагас ﷺ байрахъалъул кьер тIогьилалде хисулаан, чIегIерал хIуччал ругеб хъахIалдеги сверизабулаан.
Чадиралда цIар букIана «ал-Кинна» (рахчи, бусен, рукIун) абураб.
Аварагас ﷺ кодоб кколеб букIараб тIилалда цIар букIана «ал-Мамшукъа» (узданаб, чергесаб) абун. Гьеб ккола Аллагьасул Расул ﷺ накълулъидал халифзабаз цоцазухъе кьун цебе арабги.
Истакан-крушкаялдацин букIана Аварагасул ﷺ цIар «ар-Раййан» (гьарзаяб, цIураб) абураб магIнаялъул.
Сапаралъ унелъул, лъим, рахь гIадаб жаниса гьекъезе цадахъ босулеб букIараб чайник гIадаб цIарагIалда цIар букIана «ас-Садира» (тIаса унеб, къеч хьвазабулеб абураб магIна кьолеб).
Рагъде унелъул цадахъ босулеб букIараб хвалчада цIар букIана «Зул-Фи(а)къар» (къотIелалъул бетIергьан), гьелъул носол цо бакIалда букIана мугъзагьодалда релълъун жанибе ккараб бакI. Гьеб хвалчен букIана Аварагасда ﷺ цадахъ Бадруялъул гъазаваталда, Макка бахъулелъул. Гьеб гуребги жеги чанго рукIана Аварагасул ﷺ хвалчаби.
Рачел букIана тIомол гьабураб, жинда тIад лъабго горги гIекIмокъги (застёжка ва пряжка) гIарцул бугеб.
КIукьмахалда абулаан «ал-ЖамигIа» (данде гьарулел) абун.
Имам Гъазалияс «ИхIъяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъвалеб буго Аварагасул ﷺ чIорал жаниб лъолеб жо (колчан) букIанин «ал-Кафура» (бахчулеб) абун цIар лъураб. Имам ТIабаранияс ибну ГIабасидаса бицунеб буго Аварагасул ﷺ чIорбутI букIанин «Ал-Садад» (гIужда щолеб, битIун речIчIулеб) чIорал жаниб лъолеб жо - «ал-ЖамгIу» (ракIари, данде гьари) абун. Цогидал чIорбутIал рукIана: ар-РавхIату, ал-Байзату, ас-Сафрату, ал-Каттум абурал. Абула, ахирисеб УхIудалъул гъазаваталда беканин.
Вараниялда цIар букIана «ал-Къасваа» («къокъал гIундул») абун, гьелъул гIундул рукIун руго тIаса къотIун къокълъарал. Гьеб буго жинда рекIун Аварагас ﷺ гьижра гьабурабги. Гьелда жеги абулаан «ал-ГIазбаъ» абунги. Гьеб бичун босараб буго Абу-Бакар-асхIабасухъа 800 диргьамалде. Гьеб хун буго Абу-Бакар-асхIабасул заманалда.
ГIорцIеналда абулаан «Дулдул» абун, гьеб букIана хъахIаб кьералъул. Гьеб Аварагасе ﷺ сайгъат гьабун букIана Египеталъул хан Мукъавкъисица. Сапаралъ унелъул Аварагас ﷺ гIемер бачунаан гьеб цадахъ. Гьелда лъун баччулаан ххенечIеб ролъ. Авараг ﷺ накълулъун хадуб гIезегIан соназ гьеб чIагоги букIана.
«Физзат» абун букIана цоги гIорцIен. ХIунайн абулеб гъазаваталда гьелда рекIун вукIана Авараг ﷺ. Бицен буго, хадубккун Аварагас ﷺ гьеб Абу-Бакар-асхIабасе сайгъат гьабунинги.
ХIама букIана «ЯгIфур» (жайраналъул тIинчI) абун. Гьеб цIар хIамиде ахIулаан хехго бекерулеб букIиналъе гIоло. Гьеб Аварагасе ﷺ сайгъат гьабун букIана Фарват ибну ГIамр абурав чияс. Къо-лъикI гьабиялъул хIежалдаса Авараг ﷺ тIадвуссиндал хвана «ЯгIфур».
Аварагасе ﷺ цIакъ бокьулеб букIана рахь гьекъезе, хасго гIиял. Гьес ﷺ бечIчIулеб букIараб чахъдада цIар букIана «Гъайсат» (цIад рещтIин, кумек) абун.
Цо хечалда абулаан «ан-НабгIаа» абун, цогидаб букIана «ал-Байзаа» абунги. Хъалхъаналда (щит) абулаан «ад-Дафна» (цIунулеб, нахъчIвалеб) абун.
Аварагасе ﷺ кутакалда рокьулаан чуял. Гьесул ﷺ цояб букIана «Муртажиз» (хIихIиди берцинаб) абун, канчIаб чу. «Сакба» (хехаб) абун чIегIераб, гьеб букIана Аварагас ﷺ рагъде тIоцебе бачарабги.
Имам Бухарияс, Сагьл ибну СагIдидаса бицун рехсолеб буго хIадис: «Аварагасул ﷺ букIана «ЛахIифу» абун чу (тIеренаб одеяло)». Гьеб цIар кьун буго жибго хIалакъаб, халатаб рачIчI бугеб букIиналъе гIоло. РабигIат ибну Абул Бараъ абурав чияс сайгъат гьабунги буго гьеб Аварагасе ﷺ.
БукIана «Зариб» абунги (гьитIинаб кьуру, мегIер). Гьеб цIар кьун буго чуялъе гьелъул кIодолъи, кьаралъи, щанкIлазул къуват бихьун.
«Лизаз» абун букIана цоги чу (данде къалеб). Гьедин абун буго чуялде хехаб ва тIад рекIарав чи, гьеб бекерулелъул, вортичIого вукIинелъун дандекъан тIупун чIезе кколев вукIиналъе гIоло.
Кьили букIана «ар-Ражжа» (гьаргьади, сороди) абун.
Имам Бухарияс рехсолеб буго, ГIамр ибну ХIарисидаса бицараб хIадис: «Аллагьасул ﷻ Расул ﷺ гьаб дунял тун индал, гьесул буголъиялдаса нахъе хутIараб жо букIана ярагъ, гIорцIен ва гьитIинабго ракь, (ракьги) хадубккун садакъаде кьезе васият гьабураб», - абун.
БукIана «ал-Казза» (бакъвараб) абун халича, «Мудиллат» (ракIгъезабулеб) абун матIу.
Жеги Аварагасул ﷺ букIана, щурункъверкъалъул панциралдаса гьабураб гьитIинабго гъутугъ. Жаниб букIунаан гьоркьо, кIукьмах, сивак кIухIлу. Сапаралъ унелъул цадахъги босулаан.
Гьесул ﷺ букIана цIулал гьабураб кIудияб гъадаро «ал-Гъарау» абун цIар бугеб, гьелда жаниб лъолаан квен.
ХъулухъчIужу йикIана Хаз(и)рат абун.