Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса...

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса...

Аварагасул ﷺ гIумруялдаса...

Аварагасул ﷺ гьижраялъул хIакъалъулъ бицани бокьилаан. Щиб ургъун букIараб мушрикиназ авараг ﷺ чIвазелъун ва хIасил щиб ккараб? 

 

 Аварагас ﷺ бусурбабазе Мадинаялде гочине изну кьедал, гьез байбихьана Макка тезе. Гьенив хутIана цохIо авараг ﷺ, Абубакар, ГIали ва мушрикуназ зулмуялда ккун чIезаруралги загIипалги бусурбаби. Абубакар ва ГIали хутIана аварагасул ﷺ амруялдалъун.

Хъизан-лъималгун цадахъ киналго бусурбаби Мадинаялде къокъине лъугьиндал, мушрикиназда бичIчIана гьезие цIуни щвараблъи ва аварагасги ﷺ Макка тезе букIин. Ва гьесул рахъалдасан хIинкъи цIикIкIине букIин. Гьелъ гьел ургъана щибдай гьабилаян ва хIукму ккана щибаб тухумалдаса лебалав, къуватав гIолохъанчиги вачун, гьезухъе хвалчабиги хучдулги кьун, киналго цадахъ аварагасде ﷺ тIадеги кIанцIун, гьев чIвазе. Гьесул би киназдего бикьун, ГIабдулманафил лъималалазда рецIел босизе кIвечIого букIине. Гьенир гIахьаллъаразда гьоркьов вукIана Наждалъул херав чиясул сураталда шайтIанги, гьелъие гьеб пикру рекIее гIуна ва гьелгун рекъана. Аллагьасул къадар батIияб букIана. Аварагасе ﷺ Аллагьасдасан гьев жиндихъ гIемер балагьун чIун вукIараб изну щвана Мадинаялде гьижра гьабун ине. Гьеб рохалил хабар гьес Абубакар-асхIабасда бицана ва кIиясго къотIиги гьабуна къаси балъго Маккаялдаса къватIиреги рахъун, шагьар тун къватIир данделъизе.

Аварагасухъе ﷺ вачIана ЖабрагIил малаик ва абуна: «Гьаб сордоялъ къаси мун дурго бусада вегуге», - ян. Аварагас ﷺ ГIалида амру гьабула жиндир бусада вегаян, ХIазрамавталдаса бачIараб гIурччинаб плашалда гъоркь вахчеян. Къурайшиязул чанго гIолилав вукIана аварагасул ﷺ рукъги сверун ккун, гьев чIвазейилан чорокал ниятазда.

Авараг ﷺ абуни къватIиве вахъуна ва хъат цIураб ракь гьезде тирщула Къуръаналдаса «Ясин» сураталъул аятги цIалулаго. Гьелдалъун гьел Аллагьас гъапуллъизарула ва аварагги ﷺ щибго квалкал ккечIого къватIиве уна. Авараг ﷺ шагьар тун къватIиве ун вукIин лъайдал мушрикинал гьев цIехон къватIире рахъана.

Аварагги ﷺ Абубакарги щола Савр абураб нохъоде ва гьенир рахчула. БачIун нусиречалъ гьениб бусен тIамула. Гьезул ГIабдуллагь ибн Урайкъатилгун къотIи букIана лъабго къойидаса Савр нохъода данделъизе. Къурайшиял гьеб нохъодул кIалтIе щведал, Абубакарица абула: «ЦоявгIаги гьанивехун балагьани, гьезда нилъ рихьилаха», - ян. Гьелъие жаваб гьабун аварагас ﷺ абула: «Щиб дуда ракIалде кколеб кIигоясул хIакъалъулъ, жидер лъабабилев Аллагьги вугев», - абун.

ГIумар бин Сухайра вукIана гьеб нохъода гIагарлъухъ Абубакарил гIи хьихьун. Гьес Маккаялдаса цIияб хабар гьезухъе щвезабулаан. Лъабго къоялдаса Аварагги ﷺ Абубакарги къватIире рахъана ГIабдуллагь бин Урайкъатица нухги бихьизабулаго. Къурайшияз жеги чIезе тун букIинчIо гьел ралагьи ва ратаразе нусго варани кьезе къотIиги гьабун букIана гьез.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Дагъистаналъул муфти дандчIвана

Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандица Россиялъул Федерациялъул батӀи-батӀиял регионазда хӀалтӀулел Дагъистаналъул хӀукуматалъул вакилзабазулгун тӀобитӀана дандчӀвай. Гьеб тадбиралда гӀахьаллъана Россиялъул регионазда ва къватӀисел пачалихъазда гӀумру гьабулел дагъистаниязулгун...


Алжаналде нух

Дунялалъул кинабго иш сабабазда базабун бугебго гIадин, инсан дунялалде вачIинги эбел-инсудалъун буго. Лъиего балъгояб жо гуро лъимаде эбел-инсул букIунеб гурхIелги, кIудияб тIалаб-агъазги. Гьединлъидал нилъеда исламалъ тIад гьабула эбел-инсул камилаб адаб гьабизе. Къуръаналъулги ахIи буго...


Камиллъарав авараг

Нилъее мисаллъун ва шаригIат малъизелъун Аллагьас ﷻ витIарав чи вуго хирияв МухIаммад авараг ﷺ. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Аллагьасул расуласда буго нужее, я муъминзаби, берцинаб нахърилълъин…». (Сура «ал-АхIзаб», аят 21).   Нужеца...


Мавлидазул моцI

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалъе кьураб кIудияб рахIматалдасан ккола нилъ МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса гьари. Нилъ гьесул умматалдаса Аллагьас ﷻ гьариялдалъун гьевги кIодо гьавун, нилъее кьуна гIемерал бигьалъаби, цересел умматазе рукIинчIел.   Масала, Муса аварагасул шаргIалда...


Суал-жаваб

Насвай хIалтIизабун хадуб кIалги ххуличIого ялъуни гьебги чвантиниб лъун бараб как рикIкIунищ? Лъалеб жо буго хъалияналъги, насваялъги ва гьелда релълъарал цогидал жалазги чорхое зарал гьабулеблъи. Гьел жал хIалтIизариги шаригIаталда мунагьлъун рикIкIуна. Пуланав чи ватани гьединал жалаздаса...