Дагъистан хвасар гьабурав муршид

ХIурматиял бусурбаби, магIарулал. Гьале исана 10 сон ана Накъшубандиябгун Шазалияб тIарикъаталъул муршид, гIелму гъваридав гIалим, кIудияб пасихIлъиялъул шагIир ЧIикIаса СагIид-афанди хIалихьатал, нахъегIанал гIадамазул квердаса хвалил лълъар гьекъон шагьидлъаралдаса. Дунялалдаго жиндир цIар машгьурав гьев инсан ками Дагъистаналъе гуребги гьеб бахун къватIир ругел бусурбабазе ва цогидалги диназул вакилзабазеги кутакалда захIмалъана. Жиндир заманалда кинал кIудиял реццазе гIадан мустахIикълъулев ватаниги, гьел киналго хIалалал руго СагIид-афандиясе.

Гьес панаяб дунял тун аралдаса нахъе гьаб заманалде щвезегIан гьоркьоса къотIичIого рачIунел рукIана СагIид-афанди веццун, гьесие кIудияб къимат кьун, зигара бан гIуцIарал назмабигун макъалаби. Гьайгьай щивав авторас гьесие кьолеб къимат букIана жиндирго лъай ва махщел щвараб бакIалъул даражаялдасан. Масала, гIалимасда гьев кIудияв гIалимлъун, гIакъиласда гIакъиллъун, тIарикъаталъул макъамалде вахарасда жиндир хIалалда рекъон, шагIирасда шагIирлъун, муридасда устарлъун вихьун.
Амма бищунго кIудияб гьесул букIараб кIодолъиги хаслъиги буго тIарикъаталъул хIакъикъияв муршидлъун, жиндир бухьен меседил силсилаялда хурхаравлъун вукIин. Гьединал гIадамазда хIурмат гьабун нилъеца абула «КIудияв» абун, татараз - «Ишан» абун, Юждагъалъулаз - «Пир» абун.

Гьединав чиясул макъам баян гьабулеб, «Щив чи кколев, КIудияв» абураб назму живго СагIид-афандияс гIуцIарабги буго:
РакIалдаса сувайда тIагIинабулеб дарман, Дур авлияал гурез инсанасе кьоларо. Аманиял хивалаз гуккарал къулубазда «Аллагь» - ан накъиш хъвазе муршид гурев щоларо. Шавагъилу дунялалъ гъафлаталда хутIарал ТIуркIизаризе гьунар гьел гурезул гIоларо, ГIалимгун жагьиласе, жиндир унтуда рекъон, Дару гьабулев тIабиб - ТIагьал халифа вуго. ТIарикъаталъул вирдал саликасда малъизе ХIабибас изну кьурав маъзун вуго КIудияв. Машаихзаби рекъон, акътIабаз къабул гьавун, Акъраналъан вищарав муршид вуго КIудияв. Машрикъ-Магърибалде ун тIалаб гьавизе ккарав, Гьидаят бокьаразе далил вуго КIудияв. Дагъистан икълималъе бакъул гIадаб нур бугев, КъутIбаният хIакълъарав хIалим вуго КIудияв. ХIакъикъатгун магIрифат камил гьабун тIубарав, Кумалазул цевехъан - устар вуго КIудияв. Амру-нагью тIубалев, ТIагьал суннат цIунулев, Садатазул муштарик - шайих вуго КIудияв. ШафигIасул нух кквезе тавфикъ кьурал чиязе Таважжугьал гьарулев гьади вуго КIудияв. Гьесул машрабалдаса гьекъезе бокьаразе Бикьеян амру бугев амин вуго КIудияв. Аллагьас тIоритIарал ТIагьаясде рачине, Меседил мигIраж лъолев гIалим вуго КIудияв. ГIакъабатал тIутIулев, латIаифал къачIалев, ЧIаго хварал ракIазул тохтур вуго КIудияв. Халикъасде гIагарлъи гIабдас тIаса бищидал, Гьоркьов чIун нух малъулев васитI вуго КIудияв. Расуласул берцинаб нух ккурав муридасде МаулхIаят чвахулеб мизаб вуго КIудияв. Мунагь-хатIа гIемерал тавбуялде тIамулев ТIагьаясул ирс щварав варис вуго КIудияв. Дунял-ахираталъул хазина кодоб бугев, Халкъалъул Хириясул мугIин вуго КIудияв. Дарул фанаалдаса пайда босе бокьараз Файиз тIалаб гьабулеб бахIру вуго КIудияв. Диналъул умуразулъ ишкал ккараб бакIалда РакIчIараб фатва кьолев муфти вуго КIудияв. Фукъагьаал хIайранаб суалалъе жаваб кьун, Жагьил гIалим гьавулев гIакъил вуго КIудияв. ГIелмиял ахIкамазулъ сарихIаб рагIи бицун, ГIалим кантIизавулев камил вуго КIудияв.
Гьадинаб макъамалъул чи кколаан живго мубаракги.

СагIид-афанди ккана Советияб улкаги биххун, диналъе ихтияралги щун, Дагъистаналда батIи-батIиял рикьалаби раккараб, хIатта хIукуматалда данде рахъине кколин абулел питначагIи цIикIкIараб заманалда хIалтIизе. Щибго гьереси букIинаро, СагIид-афандияс Дагъистан цIунанин рагъ-кьалалдаса ва питнабаздасаян абуни. Гьеб заман букIана халкъ жагьилгоги бугеб, диналдехун гьезул гъираги цIикIкIараб, гьезие цIакъго лъикIаб гьабулебилан питнаялъул гвандинире халкъ питначагIаз цIалеб мех. Гьениб хIажатаб букIана хIакъаб рагIиги, бахIарчилъиги, гъваридаб гIелмуги. Гьеб кинабго данделъана ЧIикIаса СагIид-афандиясулъ.
Гьелдаго цадахъ СагIид-афандиясде циндаго тIаде ккана тIолабго Дагъистаналъулго муридзаби тIоритIи. ХIисаб гьабе, щибаб къоялъ цо чиясухъе щунусгоялдаса бахъараб кIиазариде щвезегIан гIадамал тIаде рачIунел ва гьезул хъулухъ тIубазе кколеб бугони, кигIанасеб чорхол къуват къварагIунебали. Гьеб кинабго захIмат баччана муршидас. Цониги къоялъ цониги чи нахъги чIвачIо.

Гьединаб хIинкъараб, ай гIалимзаби чIвалеб, жидеде данде кинаб бугониги рагIи абулев чи толареб заманалда хIакъаб рагIи абиги, гьеб тIибитIизабиги рехун течIо ургьиб рухI бугебгIан мехалда. «Суал-жаваб» абураб цохIо тIехьалда жаниб буго гьесул тIубараб Дагъистан хвасар гьабураб гIелму.
Нилъго гIемер цIакъал гIадамал гьечIолъиги ракIалде щвезабилин цо. Шамил имам веццун свакаларо нилъ. Амма нилъерго дагъистанияз гурищ гьев вичарав? Гьелго дагъистаниязул бо гурищ гьесул муридзабазде данде рагъизе рахъарал?
Гьесдаса хадуб заман. Инкъилабалъул мехалда Дагъистаналдаса гIалимзаби тIагIинариялъе нилъго гурищ ккарал сабаблъун. 80-ялдаса тIаде гIумру арав, кIудияв муршид ХIасан-афанди кквезе цогидаб бакIалдасайищ гIадамал рачIун рукIарал? Гуро, гьелги нилъергоял руго.

РачIа СагIид-афандиясул заманалде. Гьесие къор гъезе дова-гьаниса чийищ вачIарав? Гьебги дагъистанияз гурищ гьабураб? 75 соналде гIумру бахарав, ригьалде вахарав херав чиясе къор гъезе чIужугIадан ритIаралги гьелго дагъистаниял гурищ?
РукIун ругищ нилъ чIухIизе бегьулел гIадамаллъун? Бадиса би баккизегIан гIодизе, тавбу гьабун Аллагьасде гьардолел рукIине рекъарал гIадамал руго нилъ.






Жакъа нилъеца Шамил имамасулги, ХIасан-хIилмилги, СагIид-афандиясулги ва цогидалги исламалъе гIоло рухI кьурал гIалимзабазул къимат гьабулеб батани, гьел рокьулел ратани, гьезул нух тIаса бищизе ва гьеб кквезе ккеларищ? ГьабсагIат ругел устарзабазул амру тIубазабизе ккеларищ? Имамзабазул ва гIалимзабазул малъи босизе рекъараб гьечIищ?
Щибха нилъеца гьабизе кколеб? Исламалъул нух щулаго кквезе, тIарикъаталъул вирдал камилго тIуразаризе, хIалалаб магIишат гьабун хIарамалдаса рикIкIалъизе, мажгиталде жамагIаталде хьвадизе, цоцалъ гьуинго рукIун, лъикIал, реццарал тIабигIатазда черх ругьун гьабизе ккола.
Гьеб букIана СагIид-афандиясулги гьесда цере рукIарал имамзабазулги, муршидзабазулги, гIалимзабазулги нух.
Аллагьас кумек гьабеги Аллагь разияб нух кквезе. Амин.