Аслияб гьумералде

МархIаба, мархIаба...

МархIаба, мархIаба...

МархIаба, хIасратаб рекIелъе тIураб,

ТIолго МухIаммадил ﷺ уммат бохараб,

МархIаба, хIеренаб, гьуинаб калам,

ГьоцIолъун диналъулъ бессизабурал.

 

МархIаба, мажгитал, нухал, кьоязе

Кьолеб рухIалда жал барахщичIезе,

МархIаба, бацIцIадаб лъадал къулгIаде,

Къуватгун жаналда жигар лъуразе.

 

МархIаба, бесдалал, язихъал цIехон,

Садакъаялъул квер кодоб кьуразе,

Кьеян гьардолезе барахщичIезе,

ЗагIиплъун ккаразе квербакъулезе.

 

МархIаба, берцинго тарбия-лъай кьун,

Лъимал исламалде тIоритIулезе,

Мадрасазде хьвадун, мугIалимазухъ,

Берцинго гIин барал мутагIилазе.

 

МархIаба, вагIзабаз гIакълабиги кьун,

ЖамагIат бачунел дибирзабазе,

Дунялгун ахират бацIцIад гIуцIулел,

ГIелму-гIамал ккурал гIалимзабазе.

 

МархIаба, кодоре чIумалги росун,

Какикьжоялда тIад вирд тIубалезде,

Радал-бакъанида Къуръанги цIалун,

Хваразде зиярат гьабун унезде.

 

МархIаба, хъизан-рукъ рекъон хьихьизе,

Гъазават босулел муъминзабазе,

ХIалалаб магIишат нухда бачунел,

Алжаналъул маккал - муъминатазе.

 

МархIаба, рухIияб диналъул кIалгIа,

КIвараб жигар бахъун балел ругезе,

Садакъа-хайраталъ кумек гьабулел,

Кинаб къо кканиги хIадур ратулел.

 

МархIаба, гъутIби чIун, мажгиталъул рукъ,

РухIияб кIалгIаде сверизабулел,

КIудияб кириги кодобе босун,

Ахират къачIалел къадахъабазе.

 

Нужер рекIел къасдал, бацIцIадаб ният,

Аллагьасе гIоло гьабураб гIамал,

Абадияб рокъоб алжан къачIазе,

Къабуллъун батаги БетIергьанасе.

 

 

ХIава Таймасханова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...