Аслияб гьумералде

Дур вагIза-насихIат щвана кибего

Дур вагIза-насихIат щвана кибего

Дур вагIза-насихIат щвана кибего

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясде

 

Ахир заманалда жив загьирлъарав,

Зодоб бакъ гIадинав вацIцIадав устар.

Свин гьечIеб чирахълъун ракьалда вугев,

Аллагьасул тIарикъ тIагьал нух ккурав.

 

Къуръаналда рекъон дин тIобитIулев,

Расуласул суннат бацIцIад цIунулев.

ШаргIалъул хIукмаби камил гьарулев,

Шамил имамасда гIамал релълъарав.

 

ГIелмуги буго дур, гIалам бахилаб,

Гьелдаго рекъараб гIамалгун цадахъ.

Аллагь разилъиги суннат цIуниги,

Гьабулебщиналъулъ буго дур мурад.

 

Аллагьасул амру гIужда тIубалев,

Дин бичараб къавмгун къеркьей гьабулев.

Аварагасул хIакъав ирсилавги мун,

Исламалъе кьурав бахIарчиги мун.

 

СагIид-афандияс амруги гьабун,

ГIалимзаби цолъун, хIукмуги гьабун,

Дуего гьеб бокьун букIинчIониги

Муфтилъиги дуца тIаде босана.

 

ХIалалаб гьабулев, хIарамаб толев,

БитIарабги малъун, квешаб гьукъулев.

Дагъистан лъалъалеб исламалъул ицц,

Дур вагIза-насихIат щвана кибего.

 

Халкъалъе нур кьолев рухIияв эмен,

Ислам тIибитIана Россиялдаго.

Аллагьасул хIукму, дур баракаталъ

Чанги чи кантIана, иманги лъуна.

 

Аллагьас къимат кьей дуе аслияб,

ГIадамаз къимат кьей хIалкIолареб жо.

Имангун исламалъ керен-ракI цIурав,

Дур баракат камун ниж хутIугеги.

 

КIиябго рукъалъул бокьанщинаб кьун,

Рохалида таги БетIергьанас мун.

ЧIагоги хведалги Аллагь гурхIаги,

Аварагасул шапагIат камунги хутIугеги.

 

ЛъикIал тIабигIатазул дуца цIакъ хъвана,

ТIолго хIарпал рикIкIун даража щваги,

ТIехь цIаларалщинал вацал-яцазул,

РакIал тIеренлъила, иман цIикIкIина.

 

Къасигун къад даим Аллагь рехсолев,

Аварагасде салават сваказегIан битIулев.

Аллагьас рещтIараб хирияб Къуръан,

Махраж-тажвидалда битIун цIалулев.

 

Иманги щулияв, шайтIан рихарав,

Шамил имамасул нухда хьвадулев.

Аллагьасул лагъзал – вацалгун яцал,

Дурго лъимал гIадин дуе рокьулев.

 

Дагъистан ракьалда рекъел цIунизе

Нижер муфтиясул гIакъиллъи гIуна.

Жидер ватIаналъул тIалаб гьабулел,

АхIмад гIадал гьареги улбузе васал.

 

Къоло щуго соналъ муфтилъи гьабун,

Черхалда, рухIалда барахщичIо мун.

Гьарзаго рагьана мажгит-мадрасал,

Нус-нус имамзаби халкъалъе щвана.

 

Жагьилго рукIарал чанги росабалъ,

Исламалъул гIелму гьуин гьабуна.

Аллагьасе гIоло къеркьолев вукIун

Реццалдаса бахчун чанги жо тана.

 ***

АхIмад-афанди, мун нижей кьуралъухъ

Реццги Аллагьасе, АлхIамдулиллагь.

Ниж битIараб нухде тIоритIаралъухъ,

Щивав мурид рикIкIун даража щваги.

 

Аллагьас цIунаги мун ВатIаналъе,

Дур гIакълуялъ ккураб Дагъистаналъе.

Дур квер ккун рилълъине кантIиги кьеги,

Дуда хадуб бугеб гьелъул халкъалъе.

 

Гьаризе бокьулев, кьезе хIалкIолев,

ХIалимав, хIасратав, гурхIулев Аллагь.

Къабул гьабе нижер гьаригун дугIа,

Амин, амин, амин, амин я Аллагь.

 

ГIабдулхIамид, Харахьи росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...