Аслияб гьумералде

ГIасруялъул къутIбуясде

ГIасруялъул къутIбуясде
Аллагь, дир къасд ккана къутIбу рехсезе
Къудрат духъ бугелъул, гьабе дий кумек.
Гьесул тIабигIатгун гIамал берцинлъи,
Бицине гьунар кье, гьардарав Аллагь.
Устар, дур гIелмуялъ пана гьарурал
Гьунар бугел чагIи гIемерал ккана.
ГIелмуги гIамалги рекъезабурав,
Муршид мун вукIиналъ ракIал гвангъана.
РекIел гъварилъуде жанир рортулел
РагIаби рихьараз хьуллъун цIалула.
ЦIаларав чиясул черх сородулел,
Сирриял магIнабаз магIу чвахула.
МагIна жаниб бугел тIахьал раккидал,
ТIолго гIелмуялъул цIуна Дагъистан.
ЦIализе бокьараб кьер-кьераб тайпа,
Кьун буго Аллагьас гьаб гIаламалъе.
Гьалагал чурхдузда чIолохъжо базе,
Чанги мисал буго дуца бачараб.
Бечедал, мискинал кантIизарулеб,
Канаб шагьри-моцIалъ цIун буго дунял
Аллагьасе гIоло къеркьолел квераз,
Къуръаналъул бицун чанги тIехь хъвана.
Халкъалда гурхIулел рахIмуял бераз,
РахIат гьабичIого рорчIана сардал.
Дур балагьараб бер, босараб гали
Берцинго бихьана бахьи кьуразда.
Бахьинаб гьурмаде ралагьаразги,
Берзул магIу чвахун чучана керен.
Вихьарав чиясул хьул буссунареб,
Берцинаб тIабигIат тIубан ккана дулъ.
ТIогьоде найилгIан гIишкъу бергьунеб,
Гьайбатаб нур ана ахираталде.
Тохтуразухъе ун жал сахлъуларел
Курмузе дараби дуца гьаруна.
КигIан тIад чIаниги жал хIеккунарел,
РакIал тавважугьалъ тамах гьаруна.
ГIадан валагьизе урхъараб гьумер,
Адаб тей ккеладай дур бицун хъвани.
Веццизе рес гьечIеб хIалалъул инсан,
ХIакъикъат дур хъвазе дир гьечIеб гьунар.

РАМАЗАН МУХIАМАДОВ, КIУЯДА РОСУ.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...