Аслияб гьумералде

ВатIан цIунулезде

ВатIан цIунулезде

ВатIан цIунулезде

Ватlан цlунизелъун къватlир рахъарал,

Росдал гlолохъаби, нужее сахлъи.

Хадур угьдун, керен бухlулел ругел

Улбузеги сабру гьарула дица.

 

Рагъда васал чIвайдал, ракьулъ гьел лъейдал,

Эбел-инсул сабру лъугlулеб буго.

Харабаз дугlаги гьабулеб бугин,

Дугlа къабул гьабе, хlалкlолев Аллагь.

 

Цlорорал хандакъахъ, васги рагъулъ тун

Макьу щун кьижилищ гьаюрай эбел.

Гьев кванандай вугев, квачандай вугев, -

Пикрабалъ йиго гьей, къадги къасиги.

 

Сабру хвезеги тун нилъ рукIинаро,

Аллагь цадахъ вуго, хьул Гьесде буго.

Гьесул кумек нилъей даимго щваги,

Сах-саламат васал рокъой руссаги.

 

Залиха Юсупова, Цlобокь росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...