Аслияб гьумералде

ЦIуне дуца, БетIергьан!

ЦIуне дуца, БетIергьан!

ЦIуне Дуца, я ГIазиз,

ГIизраил малаикас

РухI босулеб гIужалда

ГIассилъун хвеялдаса.

 

Хвалил лълъар гьекъолелъул,

ХIинкъи чорхолъе бачIун,

БетIергьан гурхIиларин

РакIалде ккеялдаса.

 

ЦIуне, Дуца, я Халикъ,

Хабал гIазабалдаса.

Хабал лахIду дандекъан

Къварид гьариялдаса.

 

Мункар-Накирги рачIун,

Суалал кьолеб гIужалъ,

Жавабалъе гIажизлъун,

ГIакъуба кьеялдаса.

 

ЦIуне, Дуца, я ЛатIиф,

ТIеренаб сиратIалда,

ТIасан унеб гIужалда,

ГIодор рортиялдаса.

 

Гьабураб нижер гIамал

ЦIадирабазда лъедал,

ЛъикIаб рахъги тIадагьлъун,

Берал гIодиялдаса.

 

ЦIуне, Дуца, я ГIалим,

ГIарасат-майданалда,

ГIарщалъул рагIад камун,

БухIи хIехьеялдаса.

 

ХIисаб-суал гьабизе

МахIшаралде ахIидал,

ХIинкъун цере чIарал ниж,

Дур ццим бахъиналдаса.

 

ЦIуне, Дуца, БетIергьан,

ЦIадул бухIиялдаса.

Борхьаз, гIанкърабаз цIураб,

Квешаб жужахIалдаса.

 

Дур цIоб гIатIидаб букIин,

ГIадамазда гьеб лъала.

Гьелде хьуллъун рукIиналъ,

Руго хIалихьалъулел.

 

ГурхIел цIикIкIарав вукIин,

Гьебги балъгояб гьечIо.

Гьелде мугъчIвай гьабиялъ,

Гьарун ккола мунагьал.

 

Ниж - загIипал ракIазул,

РекIелъ хьулал халатал,

Халикъ, Дур лагъзал ругин,

Рихине гьабе дунял.

 

Дур разилъи тIад лъолеб,

ЛъикIабщинаб гьабизе,

БитIараб нухде раче

ТIолалго бусурбаби.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу, Шамил район

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...