Аслияб гьумералде

Школалъе баркала

Школалъе баркала
Дир школа лъугIана, лъагIелал ана
Амма дол лахIзатал рекIелъ цIунана,
Дие дарсал кьурал, сабру гьабурал
Кьеги мугIалимал, гIумру нужее.
Къисматалъул нухда гIемер халлъарал
ЛъикIал дарсал лъурал рохун таги нуж,
Жакъа къо щвезегIан, дие хIажатаб
ХIакъаб нух бицарал, цолъун таги нуж.
Нужгун къацандулеб къадараб гIамал,
ГIолилазулъ камун кинго букIинищ,
Кинан букIаниги, Карим БетIергьан,
Киназего гIакълу камил гьабун кье. 
Нижеда кколаан гьанир рукIинин,
КIвар гьабун цIалдезе замана гIелин,
ГIорлъун чвахун хехго гIумруги ана,
Араб заманаги нахъбуссинаро.
Кьурал дарсал цIале, диналъул вацал,
Цоцалъ журан рукIа, диналъул яцал,
Абадаб кепалда, цоцада цадахъ,
Кидаго дунялалъ толарелин нуж. 
Бергьараб гьунаралъ, лъикIаб гIамалалъ,
ГIадан борхалъуде вахинавула,
Воре, гьудулзаби, замана цIуне,
ЦIалдохъаби рукIин рекIелъе биччай.
РакI унтун малъулеб лъималазда дарс,
Доскаялда хъвалел хъахIал мисалал,
Метер школа лъугIун нахъе арабго,
Инагьдиялъ нилъей щибго кьоларо.
Босе, гьанже салам, дир росуцоял,
Цолъун цадахъ хIалтIе, ТIелекь жамагIат,
ГIумруялъ рукIина ракIал школалда,
ГIашикълъун тIамила сардалгун къоял.
Дие бокьун буго баркала кьезе,
Берцинаб школалъул хIалтIухъабазе,
ХIажимурад, дуйги, директорасе,
Даимаб дандрилълъин давлалъун кьеги.
Дида тIаса лъугьа, лъимер вукIана,
КIвараб цIали гьабун гьуин вукIинчIо,
Гьеб гъалатI тIалибаз тIокIаб биччаге,
ТIубан тIаде босун берцинго цIалде.

ШАМИЛ, ТIЕЛЕКЬ РОСУ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...