Аслияб гьумералде

ВатIаналъул кIудияб рагъ

ВатIаналъул кIудияб рагъ

КIудияб доб рагъде, эбелаб ВатIан,

ТIолалго рахъана улка цIунизе.

ХIинкъи-къай лъалареб, къвакIараб гIалам,

Цо гIадин рахъана ахIи тIад щведал.

 

Бидулаб рагъги бан Гитлерил бояз,

Ракълилаб доб гIумру щущазабуна.

ТIолабго Европа кверзукье бачун,

Жив пача вугилан лъазе гьабуна.

 

Гьелдаги чIечIого хъантIараб хъумур,

Тохлъукье ракълилаб къотIи хвезабун,

Рейхалъул рищарал дивизиябаз,

ГIорхъи хвезабуна СССРалъул.

 

Гьез чIварал, рухIарал, хIисаб букIинчIо,

Цебе ккарабщинаб цIадуеги кьун.

Кверде рачIаразул, концлагеразул,

Газалъул печазул, крематоразул.

 

Москваялде немцал гIагарде щведал,

Сталиница кьола кьварараб буюрухъ.

Цо гали нахъехун къазе гьечIилан,

Гьаб нилъер ракьалъул, кьеларо бутIа.

 

ЩугогIан соналъул гIассияб рагъда,

Рагъазулъ рагIичIел камиял ккана.

Къого миллионгун жегиги цIикIкIун,

ВатIаналъе гIоло кьуна жидер рухI.

 

Рейхстагалда байрахъ парпадизабун,

ТIолабго Европа эркен гьабуна.

ГIемер памятникал рукIана рарал,

РукIана гIезегIан хъварал одаби.

 

ГIасраби хисула, сонал сверула,

Сверула бутIрулги политиказул.

Жакъаги нацистаз, миллитаристаз,

Ракълилаб къо гьечIо ракьалда толеб.

 

Кинан кIоченел дол ихдалил къоял,

Польша, Украиналъ гьабураб дандчIвай.

Гьебго хIалалъ чехал, югославалгун,

 Цадахъ рохиялъул гIорхъи букIинчIо.

 

КIочана согIазе гьабураб лъикIлъи,

Жакъаги гьале дол Украиналда.

Бандеразул къокъа, гьезул хутIелал,

Къисас босичIого теларинги чIун.

 

 

Шамсудин Расулов,

ГIанчихъ росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...