Аслияб гьумералде

Унтаразе пайдаяб

Унтаразе пайдаяб

Брокколи

 

«ХъапустIаналъул ханилан» жанда абулеб гьеб нигIмат Европаялде бачӀана XVI гӀасруялда. Брокколи буго сахлъиялъе пайдаябги. Гьелъулъ руго селен, кремний, железо, кальций, бор, йод ва гIемерал цогидалги пайдаял витаминал.

 

Эркенал радикалал, токсинал, шлакал ва басралъарал клеткаби нахъе инариялъе кумек гьабула гьелъ. Хасго гьеб лъикӀаблъун бихьула экологиялъул рахъалъ санагӀат гьечӀел бакӀазда гӀумру гьабулел гӀадамазе. Брокколи кванилъ хIалтIизабулел чагӀазул тIом букIуна цIвакараб ва берцинаб.

Лъимер гьабизе ругел руччабазеги пайдаяб буго брокколи. Гьелда жаниб бугеб фолиевая кислотаялъ гӀахьаллъи гьабула лъимер берцинго гӀуцӀиялъулъ ва гIеялъулъ.

Брокколиялъул пайда буго чакрил унтиялъ унтаразеги.

Гьеб овощ кваназе лъикIаб буго нервабазул унтаби ругезеги. Гьелъ лъикӀаб асар гьабула беразул канлъи лъикIлъиялъе.

Гьелъулъ цӀикӀкӀун буго бета-каротин, гӀолохъанлъиялъул ва берцинлъиялъул витамин. Бищунго хӀажатаб аминокислотаялъ ва хлорофилалъ гӀахьаллъи гьабула би гӀуцӀиялъулъ.

Рехсараб овощалъулъ букӀуна белок, гьеб къиматаблъун ккола изолейцин ва лизин цӀикӀкӀиналъ. Гьелъул цоги тӀокӀлъи - холестерин лъугьине биччалареб метионин ва холин жинда жаниб букӀин. Гьединлъидал гьеб нигIмат кваназе лъикӀаб буго ракӀалъул ва лугбузул унтаби ругел гIадамазе. Гьеб кванаялъ гӀемерго дагь гьабула инсульт ва инфаркт ккеялъул хӀинкъи.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...