Аслияб гьумералде

Аварагасе ﷺ рокьулел рукIарал нигIматал

Аварагасе ﷺ рокьулел рукIарал нигIматал

Аварагасе ﷺ рокьулел рукIарал нигIматал

Хирияв Авараг ﷺ вукIана бугелда гIей гьабулев, батараб кваналев чи. ЧамасдакI батани, гьеб кванан чIолаан, пурчIинадул гьабураб чед щвани, гьелда къокълъунги чIолаан. Гьуинлъиялъул щибго жо батани, мисалалъе гьоцIо, гьебги кваналаан, рахьги гьекъолаан.

 

ТIахьазда хъван буго гьесие ﷺ Макка Мадинаялда рижулел рукIарал пихъал рокьулаанин абун.

 

ГIатIгояб чамасдакI

Аварагасе ﷺ кутакалда рокьулаан гIатIгоял чамасдакIал. Цо-цо нухал гьес ﷺ охцергун, хъарпузгун цадахъги кваналаан чамасдакI. Гьесул ﷺ хъизан ГIаишатица бицун буго, цо нухалъ жинда Аварагас ﷺ абунин: «ЧамасдакI босун бачIани (бачIанин бициналдалъун) вохизаве дун, я ГIаишат», - ин (ал-Базар). КIал биччалелъулги гьесие ﷺ бокьулаан гIатIгоялдалъун биччазе, гьединаб батичIони, биччалаан бакъваралдалъун.

 

Лъимгун цадахъ чамасдакI

ХIадисалда буго Аварагас ﷺ гьекъолаанин тIубараб сордоялъ чамасдакIал жанире рехун рукIараб лъим. Сагьлу ибну СагIадидаса бачIараб хIадисалда буго: «Абу Усайд ас-СагIидияс жиндие ригьин гьабулеб къоялъ берталъе ахIана Авараг ﷺ. Абу Усайдил чIужуялъ (гьеб заманалда ячуней йикIарай бахIарай) квен цебе бачIун хъулухъ гьабулеб букIана гьеб къоялъ». Сагьлица абуна: «Лъалищ нужеда гьелъ щиб кьурабали Аллагьасул Расуласе ﷺ гьекъезе? Гьелъ къаси лъурал рогьинегIан лъелъ тIокIкIине тана чамасдакIал, цинги Авараг ﷺ кванан хадуб кьуна гьесие гьекъезе гьеб тIокIкIел», - абун (Бухари).

 

Хъарпуз

Аварагасе ﷺ пихъазул цIикIкIун рокьулезул цоял рукIана цIибил ва хъарпуз. Гьес ﷺ хъарпуз кваналаан чамасдакIгун цадахъ ва абулаан: «Дица гьалъул (чамасдакIалъул) бухIи гIодобе ккезабула гьаб цоялъул (хъарпузалъул) цIороялдалъун», - абун (Абу Давуд).

Анас-асхIабасдасан бицун буго Аварагасе ﷺ хъарпуз, чамасдакIгун кваназе бокьуланин, охцерал – цIамгун бокьулаанин абун. (Абу НугIайм)

ГIараб хъвай-хъвагIаялда хIадисазулъ хъарпуз рехсон буго «ал-битIтIих» абураб рагIудалъун. Гьединлъидал гIалимзабазул гьелда тIасан буго батIи-батIияб пикруги. Щайин абуни, гIараб мацIалда гьеб рагIиялъ хъарпуз ва пастIан абун, кIиялъего магIна кьолеб буго. Гьединлъидал, цо-цо гIалимзабаз абулеб буго Аварагас ﷺ чамасдакIгун хъарпуз гуреб, пастIан кваналеб букIанин. Гьеб пикруялъул рахъ кколеб буго кIудияв гIалим, хIадисчи ибну ХIажар ал-ГIаскъаланиясги. Гьелъ суннатаб буго чамасдакI пастIангунги кваназе.

 

Инжир

Инжиралъул хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Жиндирго хирияб тIехьалда (Къуръан) рехсон буго. Гьелъул цIаралдалъун буго Къуръаналда 95-абилеб сураги, «ат-Тин» абураб.

Аварагас ﷺ, цо нухалъ инжирги кванан, абуна: «Нужеца инжир кванай, лъица бугониги абуни, Алжаналдаса ракьалде биччанин пурчIун гьечIеб пихъ абун, дица абила гьеб бугин инжир, щайин абуни Алжаналъул пихъазулъ пурчIун букIунаро. Нужеца кванай гьеб, гьелъ бавасур (геморрой) сах гьабула, кумек гьабула щукIдузул унтуе (подагра)», - абун (Абу НугIайм)

 

ЦIибил

Умая ибну Зайдидасан бицун буго, Аварагасе ﷺ бокьулаанин цIибилги абун (Абу НугIайм). Гьес ﷺ жинцагоги кваналаанила цIибил ва аскIор рукIарал асхIабзабазеги кьолаанила. НугIман ибну Баширидасан бицараб хIадисалда буго: «ТIаифалдаса бачIараб цIибил Аварагасухъе ﷺ босидал, гьес ﷺ дун ахIана ва абуна: «Кинаб бугониги гьелдаса бутIа эбелалъеги босе», - ян. Амма (босун унелъул) дида хIехьезе кIвечIо ва гьеб дицаго кванана. Хадусеб къоялъ Аварагас ﷺ дида цIехана: «Щиб ккараб, дуца эбелалъе босарабищ цIибил?» - абун. БосичIин абидал, Авараг ﷺ дагьаб ракIбакъварав гIадин лъугьана ва абуна: «Дуца ламартлъи гьабуна», - ян (ТIабарани).

Анас-асхIабас бицун буго, цо нухалъ ЖабрагIил малаик вачIанин Аварагасухъе ﷺ ва абунин: «Дур БетIергьанас ﷻ дуде салам битIулеб буго ва Гьес ﷻ дун, дуца квинелъун, гьаб цIибилгун валагьизавуна духъе», - ян (ТIабарани).

Къуръаналдаги цIибил анцIила цо нухалъ рехсон буго. Гьединго рехсон буго цIибил Алжаналъул пихъ кколинги. Гьелъулъ руго чиясул черхалъе гIемерал пайдабиги.

 

Халатал охцерал

ГIабдуллагь ибну ЖагIфаридасан бицун буго, гьесда Авараг ﷺ вихьанин чамасдакI охцергун кваналевин абун (Бухари). ГIаишатица бицун буго: «Диде тIаде гьан бахинелъун (гьитIинаб мехалда ГIаишат йикIана цIакъ загIипай, хIалакъай яс) эбелалъ дие батIи-батIияб жо кваназе кьолаан, амма дие хисараб жо лъугьинчIо. Цинги дие кьезе байбихьана чамасдакIгун охцер, гьелдаса хадуб диде тIаде жо бачIана», - абун (ТIабарани).

ЦIорорал ва жиндилъ лъим гIемераллъун рукIиналъ охцераз гIодобе буссинабула къеч, кумек гьабула кIващул пунцIилоялъулъ лъугьарал унтабазе.

Аллагьас ﷻ нилъ нигIматал къотIун тогеги, тавпикъ гьабеги бугелъе шукру гьабизе. Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...