Аслияб гьумералде

ГIалимзабазул султIан

ГIалимзабазул султIан

ГIизудин ГIабдусалам ккола гIалимзабазул султIанилан абулев чи. Гьесул гIелмуялъул нух байбихьич1о гьитIинго. Рес гьеч1олъиялъ ва хъизан хӀажалъиялъ гьев тӀамуна ризкъи балагьизе ине ва гIелму щолилан гьесда киданиги ракIалда кколеб букIинч1о.

 

ГIизудин Дамаскъалда бугеб мажгиталда рацӀцӀалъи гьабулев чилъун вукIана. Щибаб къойил гьесда цересан унаан анцӀ-анцӀ мутагӀил. Гьев пикрабалъ гьезда цадахъ вукIана, хIакъикъатада ц1ализе гьелгун рес гьеч1ониги. Гьев гьезда гIажаиблъун вукIунаан.

Гьеб хIалалда гьев вукIана Сириялъул машгьурав тарихчи ибну ГӀасакиргун дандчӀвазегӀан. Ибну ГIасакирица гьесул ц1али ва тIалаб гьаби жиндаго тIаде босула ва мадрасалде цӀализе лъугьине кумек гьабула.

Гьес цӀали кватӀун байбихьаниги жинда цадахъ ц1алулезда хадув гIунтIула ва гьел нахъаги тола. Гьев гӀемерал гӀелмаби лъазариялъулъ цеветIуна, ва жакъасеб къоялъул мацӀалда абуни, профессорлъун вахъана.

ГIизудин ккола гӀемерал гIелмабазул автор, гьезда гьоркьор руго хӀадисазул, Къуръаналъул тафсиралъул, исламияб къануналъул, фикъгьиялъул аслуялъул, диналъул, зугьдалъул ва тасаввуфалъул тIахьал.

Гьесул гӀелмуялъул гъварилъи тасдикъ гьабуна Ас-СуютIи, Ан-Навави, ибну Дакъикъ ал-ГӀид, Ас-Субки ва цогидалги машгьурал гIалимзабаз. ГIизудин Дамаскъалда шаригIаталъул къазилъун тола ва мажгиталда вагӀзаги гьабулаан. Амма хадусел лъугьа-бахъиназ якъинго баян гьабуна хъулухъ гьес тIалаб гьабулеб букIинч1олъи. ХӀакъикъат гьесие кинабго жоялдаса тӀадегӀанаб букӀана.

Имамас гIумру гьабулеб заман букӀана исламияб умматалъе хӀинкъи бугеб ва пашманаб. ХӀинкъи бачӀунеб букӀана бусурбабазул машрикъалде Европалдаса, щайгурелъул хъанчилаз рагъуе хIадурлъи гьабулеб букIана.

Цолъи гьечӀолъиялъ, бусурбабазул хӀакимзабазе дунял бокьиялъ ва хиянатлъиялъ хъанчилазе гӀемерал хъулби рагьана ва кодоре росана.

Дамаскъалъул хӀаким СалихӀ ИсмагӀилги вукӀана хиянатчи. Гьес Саида ва Шакъиф шагьарал тушбабазухъе кьей гуребги, гьезулгун гьудуллъи гьабула ва жиндирго вац, Египеталъул хӀакимлъун вукIарав Нажмудин Аюбидаги данде вахъуна.

Гьелде тӀадеги, жиндирго ватӀаналъе хиянатчияс изну кьола тушбабазе Дамаскъалдаса ярагъ босизе. Гьесда камилго бичӀчӀулеб букӀана гьеб ярагъ бусурбабазде данде хӀалтӀизабизе букӀин.

Гьеб хиянатлъиялъ ццим бахъинабуна ГӀизудинил. Гьеб ццимги букӀана диналъе гIоло. Дамаскъалъул мажгиталъул минараялдеги вахун гьес абуна: «Дол шагьарал (СалихӀ ИсмагӀилица тушбабазе кьурал) хӀакимчиясул мулк гуро, гьесул ихтияр гьечӀо гьелде, ярагъ бичизе гьесул ихтияр гьечӀебго гӀадин», - ян.

Имамасда лъикӀ бичӀчӀулеб букӀана гьесие щиб ккезе бугебали, амма сас тун ч1езе кIвеч1о. Гьеб сабаблъун имам къазиясул хъулухъалдаса вахъана ва туснахъ гьавуна.

СалихӀица, ГӀизудин ибну ГӀабдусаламил къадру-къимат букIин бич1ч1иялъ рекъел гьабизе хӀаракат бахъана, амма гьес гьеб гьабуна гӀурхъолъа араб куцалъ. Гьес гьесухъе чапар витӀула гьадинаб хабаргун: «Мун дие мутӀигӀлъани ва дир квералда убач гьабуни, киналго хъулухъазде тӀадвуссинавизе вуго», - ян

Имамас гьадин жаваб кьола: «Аллагьасул ц1аралдалъун гьедула, дун разилъилароан гьес дир квералда убач гьабизе. Я гӀадамал, нуж цо кIкIалахъ руго, дун цогидаб кIкIалахъ вуго, нужеца хӀалбихьараб жоялдаса дун цӀунарав Аллагьасе рецц», - ян.

ГӀизудин ибну ГӀабдусалам Иерусалим шагьаралда бугеб туснахъалда тIамула ва гьев гьенив хутӀана шагьар тушбабаздаса эркен гьабизегIан. Гьелдаса хадуб гьев ана Египеталде ва гьениб гьесда дандчӀвай гьабуна кӀудияб рохелгун.

Мисриялъул хӀаким Нажмудин Аюбица гьев тола ГӀамр ибн ал-ГӀасил цӀаралда бугеб мажгиталда къазилъун ва вагӀзачилъун. Имамасухъе Сириялдаса тIаса арабщинаб жо Египеталда тӀадбуссана.

ГӀизудин ибну ГӀабдусалам хвана Айнал-Жалуталда ккарал лъугьа-бахъиназдаса кӀиго сон индал. Гьев хвана дарс кьолеб заманалда. Ахирисеб сапаралда гьесда цадахъ букӀана тӀолабго Египет ва гьелъул хӀаким Байбарсица жинцаго баччулеб букIана гьесул жаназа.

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...