Аслияб гьумералде

Аллагьасе ﷻ рокьулеллъун рукIа

Аллагьасе ﷻ рокьулеллъун рукIа

Аллагьасе ﷻ рокьулеллъун рукIа

Дунялалъул хIажатал ва хъулухъал БетIергьанас ﷻ гьарун руго сабабазда хурхараллъун. Масала, кIиабилеб тIалаялде вахине мали къваригIунеб гIадин, инсанасул черхалъул чIаголъи ва къуват букIин квен кванаялда бараб буго. Гьелда жанибги батила Аллагьасул ﷻ хасаб хIикмат, гьедин гуребани гьабизе бокьараб жо щибго сабаб гьечIого батизабулеб къуват бугевлъидал вугев нилъер БетIергьан ﷻ. Гьел хIикматазул цоялдасан ккола инсанасул хIалбихьи гьаби, цоцазе гьабураб кумекалъухъ гьезие кири-даража хъвай.

 

Абугьурайратидасан бицана хирияв Аварагас ﷺ абунин: «Муъминчиясдаса къварилъи тIаса босарав чиясдаса Аллагьас ﷻ къиямасеб къоялъул захIмалъи тIаса инабула», - ян.

Цоги хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъул захIмалъиялдаса Аллагьасе ﷻ цIунизе бокьарав чияс налъуласе кумек гьабе», - ян.

Аварагас ﷺ абуна: «Гьаб дунялалъул рокъоб бусурбанчиясул цо хIажат тIубарав чиясул ТIадегIанав Аллагьас къиямасеб къоялъул хIажатаздасан гьесул 70 хIажат тIубала. Гьелъул бищун гьитIинабги мунагьал чури буго», - ян.

Хирияб хIадисалда буго: «ГIадамазда гьоркьов Аллагьасе ﷻ бищун вокьулев чи ккола гIадамазе бищун жиндир пайда цIикIкIарав», - ян.

Гьаб хIадисалда Бичасул аварагас ﷺ бусурбанчийин яги муъминчийин ватIа гьавун гьечIо, гIадамалин абун тун буго. Гьелдаса нилъеда бичIчIула, кинаб диналда вугев ватаниги, гIадамасе пайда бугев чи Аллагьасеги ﷻ вокьулевлъи.

Къуръаналда буго: «Диналъулъ нужедехун рагъ лъазабуларел, нужер рокъоса къватIире нуж рачахъуларел капурзабазе лъикIлъи гьаби, гIагарлъи хурхинаби, гьез гьабураб лъикIлъиялде данде лъикIлъи гьабиялдаса Аллагьас нуж нахъчIвалел гьечIо…», - ян (сура «МумтахIанат», аят 8).

 

 

 

 

 

 

ХIадисалда буго: «АллагьасхIаги иман лъоларо, АллагьасхIаги иман лъоларо, АллагьасхIаги иман лъоларо», - ян абуна хирияв Аварагас ﷺ. АскIор рукIарал асхIабзабаз цIехана лъица лъоларебилан. «Жиндир заралалдаса мадугьал божичIев чияс», - ян жаваб гьабуна Аварагас ﷺ. Жинца зарал гьабилин абун мадугьалзаби гьесдаса хIинкъун, гъанцIун ругев чияс. Гьеб бакIалдаги «мадугьалин» гурони, бусурбанавин абун батIалъи гьабулеб гьечIо.

Цоги, бусурбабазулгун ракълилаб къотIиялда вугев капурчиясе зарал гьабизе яги гьев гIумруялдаса ватIа гьавизе гьукъун буго исламалъ. Бичасул Аварагас ﷺ абуна: «Бусурбабазулгун ракълилаб къотIиялда вугев чи чIварасда Алжаналъул махIцин чIваларо. Гьебги, кIикъого соналъ лъелго къотIизе кколеб манзилалде чIвала», - ян.

Гьединго исламалъ тIадаблъун гьабула эбел-инсул адаб-хъатир гьаби, гьездехун недегьго, берцинго рукIин, хIатта гьел капурал ратаниги.

Гьеб кинабгоги буго гьезда исламги бусурбабиги берцин рихьи, рокьи цIикIкIин ва дагь-дагьккун исламалде ва битIараб нухде гьел цIай.

Жинда Аллагь разилъаяв ХIасанул Басрияс цо диналъул вацасул хIажат тIубазелъун гIадамал ритIун руго. Гьенире унаго цадахъ Сабит Ал-Бунани абурав чиги вачеян абун буго гьес. Сабитихъе рачIиндал, гьес абун буго: «Дун игIтикафалъе ниятги гьабун мажгиталда вуго», - ян. Нахъруссун рачIиндал ва кинабго ХIасанул Басриясда бициндал, гьес абун буго: «Нужеца Сабитида абе: «Ле, бецав, дуда лъаларищ диналъул вацасул хIажат тIубазе мун хьвади дуе лъикIаб букIин хIеж тIубаялдасаги», - ян. Гьеб хабар рагIидал Сабит, игIтикафги жибго тун, ХIасанул Басрияс малълъараб гьабун, дов чиясул хIажат тIубазе вахъун вуго.

 

Абубакар ХIусенов, БакьагьечIи росдал имам, Хунзахъ район

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Мадраса рагьана МагIлибги

Хьаргаби районалъул МагIли росулъ рагьана цIияб мадраса. Гьелъие цIарги кьуна Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясул. Мадрасалда чIезарун руго киналго шартIал. Руго цIалул кабинетал, библиотека ва мутагIилзабазе хIажатабщинаб. Мадраса рагьиялъул хIурматалда тIобитIана динияб мажлисги....


Египеталде сапар

Египеталде сапаралъ араб Дагъистаналдаса делегация дандчӀвана Вакъфазул рахъалъ министр Усама ал-Азгьаригун. Дагъистаналъул делегациялда гъорлъ рукӀана: ДРялъул диниял суалазул ва миллияб политикаялъул министрасул заместитель ТӀагьир Сутаев, министрасул кумекчи ГӀабдулбасир Абакаров, ДРялъул...


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Берцинлъи гьаби

Инсанас ретIулеб ретIелги берцинлъиялъе хIалтIизе гьарулел жалги хIалалал рукIуна, гIаммаб куцалда босани. Кинниги гьезда гъорлъ руго хIалтIизаризеги ва гьездалъун къачIадизеги бегьуларел жалги.   Гьел киналго хIалтIизаризе бегьулел жал руго Аллагьас нилъее дунялалда ругебгIан заманалъ...