Аслияб гьумералде

РатIлилъ балагь

РатIлилъ балагь

Къиямасеб къо гIа-гарлъиялъул гIала-матаздасан ккола руччабаз Аллагьасул дин рехун тей ва гIамалалъул рахъалъан исламалъ гьукъараб жо гьез гьаби. Масала, ратIлил рахъалъан.

 

Абу Гьурайратидасан бицана Къиямалъул къоялъул гIаламатал рехсолаго аварагас ﷺ  абунин: «РетIелги ретIарал ва жалгоги гIицIал руччабаз ретIунеб ретIел баккизе буго», - ян. (МажмугI Аз-Заваид)

Цогидаб хIадисалда буго: «Къиямасеб къо гIагарлъидал гьаб умматалдаса рахъине руго бихьинал чIахIиял кьалабазул (седло) мажгиталда сверухъ жал сверизе ругел ва гьезул руччабиги ретIел ретIараллъун ва гьелдаго цадахъ гIицIаллъунги ругел», - илан. (ХIаким)

Халгьабеха сверухъ, гьеб заман тIаде щун гьечIищ гьанже!? Жакъа нилъеда рихьула чIахIиял машинабаздаги рекIун бихьинал ва гьезул руччаби тIад къараб, рагьараб ретIелгун. 14 гIасруялъ цебе аварагас ﷺ  нилъее бицана гьеб лъугьа-бахъиналъул. Гьебги ккола аварагасул ﷺ  мугIжизаталдасан.

ХIадисалда руччабазе сипат гьабулаго «ретIел ретIарал» абуна, ай ретIел гьез ретIун буго ва амма шаргIалда данде кколареб, тIад къараб, гIаврат цебе лъураб, бихьиназул бер тIаде цIалеб.

Цоги риваяталда аварагас ﷺ  абулеб буго: «Гьезул бутIрузда вараниялъул кьилимугъ гIадаб жо букIине буго», - ян.  (АхIмад)

Расал цере лъураб гIечIого, жеги батIи-батIиял катIараби гьарун, гозо хъитIизабулеб буго. Гьеб кинабгоги бихьиназул берал тIаде цIаялъе сабаблъун ккола.

Жакъа исламалъул нухда ругел бихьиназулгицин гIадат лъугьун буго гьава-бакъ хинлъидал руччабазе щватаби гьечIого ялъуни шаргIалда данде кколареб, кверал, хIатIал, керен цебе лъураб ретIел ретIун хьвадизе изну кьолеб. Рес букIун бихьиназ гьукъизе ккола руччабазе гьедин хьвадизе.

ХIижаб кколаро гIицIго рас бахчи. ХIижаб ккола бихьиназул берал тIаде цIалареб куцалъ тIубанго гIаврат бахчи. Берцинаб мацI бичIчIулеб гьечIони, кьварараб мацI бицунги шаргIалда рекъон руччаби хьвадизаризе хIаракат бахъизе ккола нилъеца, бихьиналлъун ратани.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...