Аслияб гьумералде

КIочене бегьуларо

КIочене бегьуларо

21-абилеб гIасру. Дунял-гIаламго мехтараб, рахIат гIемерлъараб, гIаданлъиялъул къимат гьечIеб…

Кин гIумру гьабилеб гьаб гIасруялда? Кин гIезарилел ясал? Жакъа ясал - метер улбул, кин нуж гIолел ругел гьаб гIасруялда? Умумуз куцахъейищ? Сундулъ бугеб нужее лъикIлъи? Жакъа хIинкъизе бачIуна гIолеб гIелалда. Кин гьез гIумру гьабизе бугеб: я мацI гуро, я маданият гуро, я гIадат гуро гьезул. ГIицIго кодор телефоналги, хадур ралагьун ругел лъималги. Рокъоб квен гьабуларо, кинабго бичун босула.

Школазда рахьдал мацIалде кIвар кьоларо, рокъоб улбуз гьеб бицунаро. МагIарул мацI лъаларел магIарулал. ХIисаб гьабе, щиб гьез малъилеб, бицинеб метер жидерго лъималазда? МацI гьечIони, гьечIогури миллатги… Гьеб буго цояб рахъ, цогидаб рахъ буго рахIат гIемерлъи. Лъимал гIезарулел руго яслиязда. БитIун лъимералъе, хасго ясалъе къваригIараб мехалъ гьелъул лъимерлъи унеб буго чияр гIаданалда аскIоб. «Эбел хисуларо лъицаниги, эбелалъ хисула киналго» - ян гIадада гурелъул умумузул аби бугеб. Дир лъимал гIуна гьедин, хIалтIуде дунги хьвадун, кIодоэбелалда аскIор. Дие бокьилаан заман нахъбуссинабизе: гьезда аскIой йикIине. Дир руго васал, амма нижер хъизамалда йикIана ункъо яс.

Щаяли лъаларо, гьелда кидаго батулаан нижеда малъизе хIалтIи. Гьелъ хIалтIи гьабулагоги ниж кидаго аскIор рукIине кколаан. Нижер букIунароан гIодорчIун рукIине заман. Гьелъ ракIалде щвезарулаан ункъгIалалъул росасул рагIаби: «БакI хъирщунги чIезе тезе бегьуларин ясал», - ин абурал. ГьедигIанго кьварарайги йикIинчIо эбел, амма кIочонаро гьелъул рагIаби: «Ясал маркIачIул гIужалъ къватIире унаро», «Кидаго дуцаго гьабе кинабго: цо гьабуни лъугьинаро, кIиабилеб лъугьина, лъабабилеб тIубанго бажарила», Жакъа ругел гIолилал! Нужее гIадин рагьун кинабго кьун букIинчIо цониги заманалда: цIалиги, динги, рукIа-рахъинги. Амма гьарула нужеда кIочене тоге мацIги, гIадатги, гIамалги. Лъица щиб бицаниги, нилъер умумуз нилъее кьураб тарбия кIочене бегьуларо.

УМИЯТ ДАВЛЕТМУРЗАЕВА ДГИЯЛЪУЛ МУГIАЛИМ

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


РакI чIаго гьабулеб

Гьаб заманалда гIемерисеб мехалда дунялалъул ишазда сверун лъугьун рукIиналъ нилъ лъугьунел руго аслияб иш кIочон толеллъун. Нилъер ракI буго черх чIаго гьабун би жиндасан сверулеблъун гуребги иманалъул ракIбацIцIалъиялъул унго-унгоял бусурбабазул хасияталъул бакI ва нилъ Халикъасда ﷻ хурхинарулеб...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


Сахаватав инсан

Нижер росулъа сахаватав инсан Чарандал вас ГIамиргIалица жиндирго инсул букIараб мина къачIазеги къачIан кьуна росдал мадрасалъе. Киналго росдал гIадамал кутакалда рохун ва разиго руго ГIамиргIалица гьабураб гьеб баракат цIикIкIараб ишалдаса. Гьанже рес рекъана мадрасаялда лъимал ва чIахIиял...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...