Аслияб гьумералде

ХIинкъараб къоялде…

ХIинкъараб къоялде…

ГIумруялъ кIвекIарал, ригь арал гIадамаз абулеб рагIулаан гьаб дунял бугин цIакъ дагьаб жойилан. ГьитIинаб мехалда гьеб хабар маргьуйинги кколаан. Заман анагIан гьез бицунеб букIараб битIараблъун батулебги буго. Гьаб заманги цIакъго хехго бекерулеб жо батана. Дунялги, гьединго, хехго теларищха.

 

Гьелдаса хадуб нилъее букIунеб жо буго ахираталъул гIумру. Гьебги ккола гьанибго гIадаб гIумру, амма чурхдуздалъун гуреб, рухIаздалъун бугеб. Къиямасеб къо чIезегIан бугеб гьединаб гIумруялда цIарги буго барзах.

Дагьа-макъабгIаги нилъер пикруялъул цебечIей букIине ракIалде щвезабилин къиямасеб къоялъул сипат-сурат. ГIабдулагь бин ГIумаридасан бицараб хIадисалда буго, Бичасул аварагас ﷺ абунин: «Къиямасеб къоялде балагьизе бокьарас цIале «Изащамсу куввират» абураб Къуръаналъул сурат.

«Изащамсу куввират» – бакъул канлъи свараб заманила гьеб къиямасеб къо. ЦIвабиги гIодоре далараб ва рортараб. Киналго мугIрул ракьалдаса рахъун битIизабураб заман. Къинал варанабиги, хадув вехь гьечIого, рехун тараб къо. Киналниги гIалхул жанаваралги цоцаздаса рецIел босизе рахъинарураб къо. Киналниги ралъадалги роркьараб, ай гьезда цIаял ракараб къо. Киналниги нафсал данделъараб къо, ай лъикIал – алжаналъур, квешал - жужахIалъур. Жагьилияб заманалда чIаго ракьулъ рукъарал гIисинал ясалги тIаде рахъинарураб къо, щиб мунагьалъухъ нуж чIваралин абун. ГIамалал хъварал тIанчалги гIадамазда цере рагьараб къо».

Къатадатидасан бицун буго, тIадегIанав Аллагьасул гьал рагIабазул хIакъалъулъ: «Гьеб къо буго щивав чи жиндир вацасдаса, эбелалдаса, инсудаса, хъизаналдаса ва васасдаса тIурулеб», ян абурал. Гьелъул тафсир ккола, къиямасеб къо бугин Гьабил Къабилидаса тIурулеб, Бичасул авараг жиндирго эбелалдаса тIурулеб, Ибрагьим авараг жиндир инсудаса тIурулеб, ЛутI авараг жиндирго хъизаналдаса тIурулеб ва НухI авараг жиндирго васасдаса тIурулеб».

Пикру гьабеха, диналъул агьлу, гьал руго жакъа дунялалда бищунго нилъее хирияллъун ругел, гьезие гIоло рухIгицин бичизе нилъ хIадурал гIадамал. Амма къиямасеб къоялъ нилъ гьездегицин регIун рукIунарин абула. ГьедигIан захIматаб къо тIаде бачIиналде тасамахIабго хIадурлъи гьабунги гIелищха нилъее.

Гьелде гьабулеб хIадурлъиги ккола, исламалъул нухги ккун, дунялалда вукIаго гIумру тIами. Инсанас кинабниги къуват кьезе ккола гьеб иш роцIцIинабиялде тIаде. Дунялалда вукIаго бокьа-бокьахъеги хьвадун, ахират битIизе бугеб хьул хIораблъун ккола.

Хаслихъе бачIин бакIаризе бокьарас ихдал хур бекьун, чIаран ва къачIан хIалтIи гьабизе ккола.

Аллагьас кумек гьабеги. Амин!

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-09-01 (РабигIул аввал 1448 с) №17.


Хъизан цIуне

Хъизан гьаби ккола ТIадегIанав Аллагьасда цебе кIудияб жавабчилъи. Нилъеца хъизан гIуцIула Аллагьасул амруялдалъун ва Аварагасул ﷺ суннаталдалъун, гьединлъидал, нилъеца хIаракат бахъизе ккола диналъ малъараб куцалда хъизамалда гIумру гьабизе.   Квеш ккараб жо, жакъа гIемерал хъизамал...


Лъаялъул байрам

Хъумторхъала райналъул ракьалда бугеб ЦIияб ГIурада росулъ тIобитIана лъай кьеялъул ва рухIияб тарбия щвеялъул мурадалда гIуцIараб байрам. Гьениб росдал лъималаз ва гьидерил росабалъа рачIарал гьитIичаз бихьизабуна жидерго лъай. Гьез цIалана Къуръан ва кьуна батIи-батIиял гIелмиял суалазе жавабал.


«Ас-саламалъул» мажлис

Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «Ас-салам» газета цӀалулезулгун дандчӀвай. Гьеб тадбирги тIобитIана баракатаб рабигIул аввал моцӀалъул хIурматалда. «Ас-салам» ккола тIолабго улкаялда ва гьеб бахун къватIибги лъалеб басма. Гьединлъидал гьелдехун гьабулеб бербалагьиги букIуна...


Гьорхъохъеб дин

Ислам буго гьоркьохъеб ва бигьаяб дин. ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ хирияб Къуръаналда абуна: «Нижеца нуж умматлъун гьаруна гьоркьохъеб хIал ккураб», - ян («Бакъара» сурат, 143). Гьелъул магӀна ккола муъминчиясул нух хӀинкъиялдаги хьулалдаги гьоркьоб букӀине кколин...


Баркала кумекалъухъ

ХӀурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Хунзахъ районалъул ТӀадколоб росулъа ХӀажиев ГӀалискандил хъизамалъе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе нижее хӀажалъи ккедал кумекалъе ратарал гӀадамазе.   Исана 13 июналда цӀаги рекӀун нижер мина,...