Аслияб гьумералде

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Калам къокъал, магIна гъваридал аварагасул ﷺ рагIаби

Бичасул аварагас ﷺ абуна:

- Аллагь рехсей ракIазе дару буго.

– Мунагь кIочонаро. ЛъикIлъи лъугIуларо. Диниявги холаро.  Дуего бокьухъе вукIа мун.

– ЛъикIаб тIабигIат ана дунял-ахираталъул лъикIлъигун.

–КIигьумерчиясул Аллагьасда цебе къимат букIунаро.

– ХIикматалъул бетIер – Аллагьасукьа хIинкъи буго.

– Диналъул бетIер – варагI буго.

– ГIакълуялъул бетIер Аллагьасде иман лъун хадуб гIадамаздехун гьуинлъи гьаби буго.

– Аллагь гурхIаги жинца лъикIаб бицарав ва гьелдаса пайдаги босарасда, яги вуцIун чIарав цинги живги хвасарлъарасда.

– Дир умматалъе дун разилъилаан Аллагь гьезие кьезе разилъараб жоялда.

– Мажгитал – алжаналъул ахал руго.

– Гьоркьо-гьоркьоб зиярат гьабе дуца, цоцадехун рокьигун гьуинлъи цIикIкIина.

– ТалихI бугев чи ккола – цогиязухъ балагьун жиндиего вагIза босарав.

– Сапар ккола – гIазабалъул цо бутIа.

– Къавмалъул кIудияв – гьезул хъулухъчи вуго.

– Хвалчаби – алжаналъул кIулал руго.

– Цеве вугесда бихьула рикIкIада вугесда бихьулареб жо.

– Бищун лъикIаб рекIунеб жо сабру буго.

– Сабру ккола – ургъел тIаса босулеб кIул. Зугьду ккола абадияб бечелъи.

– Как – диналъул хIуби.

– Как буго – кинабго лъикIлъиялъе бугеб кIуллъун.

– Набиз (мехтел) буго кинабниги квешлъиялъул кIул.

– Нужеца кIал ккве, нуж сахлъила.

– Муъминчиясул билараб жо – гIелму буго.

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...