Аслияб гьумералде

«Квартирантазул» гIумру

«Квартирантазул» гIумру

«Квартирантазул» гIумру

ХIурматияб диналъул агьлу, гьаб дунялалда нилъер хIалтIи цIакъго дагьаб буго. Нилъер мисал буго гьоболлъухъ цо бакIалдаги рещтIун чанго къо балел гIадамазул. КигIанасеб хьул букIинеселде гьабулеб гьедин гьоболлъухъ рещтIарав чияс? Бищунго цIикIкIани, гьесул план букIина гьоболлъухъ вугебгIан заманалъе жиндиего ресалда ва бакIалда рекъараб сурсатгун рахIат гьаби.

 

 

Гьоболлъухъ рещтIарав чияс, гьеб бакIалда чIаравго чиясул гIадаб яшав гьабизе лъугьани, масала, гьениб мина базе, боцIи-панз букIинабизе, нахърател бакIаризе, гьесда гIабдалин яги ахIмакъин гурони абиларо. Щайгурелъул гьев вуго гьобол, гьеб бакI хехго тезе кколев чи. Гьединаб хIалги букIаго, гьебгощинаб жо бакIари гIададисеб, гьенибго тезе кколеб жо бугелъул.

Нилъерги гьебго мисал буго. Гьаб дунялалда гьоболъухъ руго нилъ. Гьанир ругебгIан заманалъе гуреб, гьелдаса цIикIкIараб магIишат данде гьаби гIададисеб букIиналде тIаде кIалгьикъигун гIакъубаялъе бугелъул. Гьединги букIаго, щибго бицунелъухъ гIинги тIамичIого, берда цебе бугеб жоги халлъичIого рукIиналдаги ахIмакълъиян гурони абизе тIокIаб цIар батулеб гьечIо.

ВагIза-насихIатазда нилъеда рагIула гьаб дунял хехго тезе кколеб, гьабураб магIишаталъул ххамил кIиго кесек гуреб тIокIаб жо цадахъ босулареб бакI букIин. Гьебги нилъее якъинлъула щибаб къойил гIадин дунял тун унел гIага-божарал рихьиялъ. Умумузул цониги чIаго хутIарав чи гьечIогури. Гьезул лъие бокьун букIараб гьаб рахIатаб дунял тезе? Гьедин мухIканго лъалебги букIаго, согIго рукIиналъе цоги жаваб гьечIо, иман загIиплъи гурони.

Балагье, нилъер шагьаразда ругел цо-цо гIадамал рукIуна рукъги ижараялъе ккун гIумру гьабулел. Гьезда тIадаб жолъун ккола щибаб моцIрое ижараялъухъ гIарац гьеб рукъалъул хважаинасухъе ккезаби. Гьеб гуреб цогидабщинаб гьеб рукъалда тIад гьабулеб хIалтIи ккола гIададисеб. Щайгурелъул бокьараб къоялъ гьелъул бетIергьанас къватIире рахъинаризе рес буго. Цинги гьениб гьабунщинаб хIалтIиги гIадада ккола, гьелде тIадеги, бадибчIвайги щвезе бегьула, баркалаяли кисан гурин.

Ккураб рокъоб гIумру гьабурал гIадамазде гIага-божараз кутакалда гIайиб-гъвел гьабула. Гьаб щиб яшавин, щайин нужеего рукъалъе санагIат гьабуларебин, кидаго чияе гIарац кьолелищин рукIинел абун. Дунялалъул къануназда балагьани, гьеб пикру битIараб буго. Амма ахираталъул пикру гьабуни, гьедин рукIин дагьабгицин лъикIаб буго. Щайгурелъул, гьев чиясда киданиги кIочене рес гьечIо жив чияр рокъов гIумру гьабун вукIин. Жеги, гьев чи кидаго хIадурав вукIуна бокьараб мехалда гьениса къватIиве вахъине. Гьелеха исламалъ инсанасдаса тIалаб гьабулеб жоги.

 

ГIабдуллагь МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...