Аслияб гьумералде

Адаб рехуге

Адаб рехуге

Адаб рехуге

Лъимер гьабизе букIин лъайдал эбел-эмен ургъула лъезесеб цIаралда тIад. Лъимадул хIакъалдасан ккола гIадамазе абизе бигьаяб, берцинаб ва рекъараб цIар кьей. ЦIар кьей ккола эбел-инсуца лъимадуе гьабулеб тIоцебесеб сайгъат.

 

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялъ нужер ва нужер инсул цIаралдалъун ахIизе руго. Гьединлъидал магIна лъикIал, берцинал цIарал кье», - ян. (Бухари)

ЦIар кьолелъубги Аварагас ﷺ бицана «ГIабд» (лагъ) абураб рагIи Аллагьасул ﷻ цIаразда хурхинабун кьураб беццараб бугин абун. Масала, ГIабдуллагь, ГIабдуррахIман абурал цIарал ТIадегIанав ﷻ Аллагьасе ﷻ бищун рокьулел цIараздасан ругин. Гьелдаго цадахъ, цересел аварагзабазул, асхIабзабазул ва Аварагасул ﷺ агьлу-хъизамалъул цIарал кьезеги лъикIаб буго. Бищун хирияв ва ракьалда бищун тIибитIараб цIарги нилъер хирияв Аварагасул ﷺ МухIаммад абураб цIар ккола. Гьеб цIаралъул баракаталъул бицун имам Маликица абуна: «Мадинаялъул агьлуялъ дида бицунеб рагIана МухIаммад абураб цIар бугеб рукъалъул агьлуялъе хасаб ризкъи букIунин», - ян.

Гьеб хирияб цIар лъеялдалъун цIар лъурас ва сверухъ ругез цIунизе кколел гIемерал адабалги руго. Аварагас ﷺ абуна: «Дир цIар кьураб лъимада нужеца кьабуге ва лъикIлъиялдасаги гьел махIрум гьаруге», - ян.

ГIумар-асхIаб халиплъун вугеб заманалда МухIаммад абураб цIаралъул адаб толеб букIин бихьидал, гьес Куфаялъул гIадамазухъе буюрухъ битIана МухIаммад абураб цIар бугез гьеб хисеян абун. Аварагас ﷺ бегьизабунин жиндирго цIар кьезеян гьел гIадамаз абидал, ГIумар-асхIабас кьураб буюрухъ чIезе тана. (Навави)

ГIумар-асхIабасдаги лъалеб букIана жиндирго цIар лъезе Аварагас ﷺ бегьизаби ва гьесдаса ﷺ хирияв чиги гьесие вукIинчIо. Амма гьесул ццин бахъана гьел гIадамаз гьеб цIаралъул гьабулеб гьечIеб адаб бихьун.

Къази ГIиязица бицана: «МухIаммад ибн Зайдица цо къваригIел гьечIеб жо абулеб рагIидал, ГIумар-асхIабас гьев жинхъего ахIана ва абуна: «Дида халлъана дур рахъалдасан МухIаммад Аварагасул ﷺ адаб тараб пиша. АллагьасхIаги, жакъа къоялдаса нахъе дур цIар МухIаммад ﷺ букIине гьечIо», - ян. Цинги ГIумар-асхIабас гьесие ГIабдуррахIман абураб цIар кьуна.

Балагьеха асхIабзабаз Аварагасул ﷺ адаб цIунулеб букIараб куцалъухъ. Жакъайин абуни нилъеца МухIаммадин абураб хирияб цIар «Мага», «Магома» «Магашка» ва гьелда релълъаразде хисизабизе бегьиларо. 

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...