Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул цIараздасан буго «ан-Набию ва ррасулу» абурабги. Абула гьеб кIиялъулъго гIалимзабазда гьоркьоб хилаф бугин, цо магIнайищ гьезул бугеб яги кIиго батIаябищ бугебин абун. Цояз абуна кIиялъулго магIна цо бугин. Цогидаз абуна «ан-Набию» цIар бугин аварагас ﷺ жинцаго гьабизе кколелдалъун вахIюги рещтIун, таклиф жинда гьабуравин абураб. «Расул» бугин жинца гьабизе кколелдалъунги цогидазухъе щвезабизе бугелдалъунги вахIюялдалъун таклиф гьабуравин абураб.

 

 

Аварагасда ﷺ абула «Набиюл малахIим» абунги. «МалахIим» рагIиялъул магIна ккола рагъ абураб. Гьеб цIаралъул магIнаги бачIуна, нилъер авараг ﷺ вугин гъазаватал гьарун, халкъ битIараб нухде ахIулевин абураб. Цоги буго аварагасул ﷺ «Мукъиму суннати» абураб цIар. Гьелъул магIна ккола Аллагьасул ﷻ нух, шаргI, суннат ракьалда билълъанхъизабулев абураб.

Буго «ГIабдуллагь», ай Аллагьасул ﷻ лагъ абурабги цIар. БетIергьанас ﷻ гьеб цIар аварагасда ﷺ тана бищунго хириял гьесул макъамал баян гьарураб бакIалда. Хан-авараглъунищ вукIине бокьилеб яги лагъ-авараглъунищ абун Бичасул Расуласе ﷺ тIаса бищизе ихтияр кьедал, гьес ﷺ къабул гьабураб букIана лагъ-авараглъун вукIине бокьи.

Гьесул ﷺ цIараздасан буго «Мазмаз» абурабги. Гьеб цIаралъул магIна Бану-Исраилаздаса бусурбанлъарав цо гIалимчиясдасан бицана, «лъикIаб, лъикIаб» абураб магIна бугин абун.

Цоги буго «БаракълитI» абунги - «хIакъалдаги батIулалдаги гьоркьоб батIалъи гьабулев» абураб магIна жиндир бугеб.

«ХIамтIая» абурабги буго. Абу-ГIамрица бицана цо нухалъ жинца ягьудиязул бусурманлъарав чиясда гьикъанила гьеб рагIул магIнаялъул хIакъалъулъ. Гьес абунила  «Аллагьас ﷻ хIарам гьабуралдаса цIунулев ва хIалал гьабуралда рекъолев» абураб магIна бугин гьелъулин абун.

Гьесул ﷺ буго «УхIида» абурабги цIар. Аварагас ﷺ абуна: «Къуръаналда дида цIар МухIаммад абун буго, Инжилалда – АхIмад, Тавраталда – УхIида. «УхIида» абун цIарги дида тана дица умматалдаса жужахIалъул цIа нахъчIвазе букIиналъе гIоло», - ян.

«Къасимун», ай «ЛъикIлъаби рикьулев». «Сайид» – бетIер, хан, цевехъан. «Нур» – нур, канлъи абураб магIна.

«Сиражу» ва «МисбахIу». КIиялъулго магIна буго чирахъ абураб. «Мунирун» – нур базабулев. «Нажму» – цIва. «Къамарун» – моцI. «Шамсун» – бакъ. «СагIид» – талихIаллъун гьарулев. «МасгIуд» – талихIав. «Рашид» – битIаралде тIоритIулев. «Хабиру» – балъгоябги, тIатарабги лъалев. «Музаккиру» – битIараб, хIакъаб малъулев, гьеб ракIалде щвезабулев. «Мубаллигъу» – БетIергьанас ﷻ тIадкъараб авараглъи жинца ﷺ махлукъаталъухъе щвезабулев. «Муяссиру» – умматалъе бигьалъаби гьарулев. «Мубаширу» – мутIигIазе рохел бицунев. «Мунзиру» – гIасиязе хIинкъи кьолев.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги аварагасул ﷺ нух ккураздасан ва гьесул ﷺ шафагIат щолездасан! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...