Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Ахиралда вахъарав вугониги нилъер авараг ﷺ  ккола, Адам авараг хIащудаса гьавизегIанго авараглъун вукIарав. БетIергьанас ﷻ жив нужер БетIергьан вугищ абун заррабазда цIехараб къоялъ, тIоцебе «Мун вуго нижер БетIергьан», - абун жаваб гьабуравги ккола нилъер авараг ﷺ . Гьаб дунял-гIалам жиндие гIоло бижаравги вуго МухIаммад ﷺ .

Аварагасул ﷺ  «МухIаммад» абураб цIар хъван буго Аллагьасул ﷻ ханлъиялда гъоркь бугебщиналда, ГIаршалда, анкьабго зобалазда, Алжаналда ва гьениб жаниб киса-кибего. Малаикзабазги гьеб цIар кидаго такрар гьабулеб букIуна. Адам аварагасул какде ахIиялъулъги гьеб цIар хIалтIизабулеб букIун буго. Аллагьас ﷻ рагIи босарабги букIана Адамидаса байбихьун киналго аварагзабаз гьесда ﷺ  иман лъелин ва гьесие ﷺ  кумек гьабилин абун. Нилъер умматалде щвезегIан церехун рукIаразде рещтIарал тIахьазулъги МухIаммад ﷺ  авараг вахъине вукIиналъул, гьесул ﷺ  сипатазул, асхIабзабазул, халипзабазул умматалъул биценги букIана. 

Аварагасул ﷺ  цIаралдаса ккола «Гьуда» абураб. Гьелъул магIна буго битIаралде тIоритIел гьабулевин абураб. «МагIсум» - мунагьаздаса цIунарав, «Халифату» - Аллагьасул ракьалда вугев халифа. «Важигь» - къадруяв, «Василат» - Аллагьасде щвезарулев гьоркьохъан, «ал-ГIафувву» «ас-СафухIу» - (кIиялъулго магIна) тIаса лъугьунев, «ал-ГIатIуфу» - гурхIулев, ургъел-къварилъи гIахьал гьабулев, «Гьади» - битIаралде тIоритIулев, «Мукъаддис» - гIайибаздаса вацIцIадав, «Бургьан» - хIужа, «ал-ХIанифу» - цоги мекъал диназдасаги вуссун, вацIцIадго Аллагьасда ﷻ божулев.

«Халил» - (Аллагьасул ﷻ) гьудул, «Макин» - гучав, къвакIарав, «Сафвату» - тIаса вищарав, лъикIав, «Садикъ» - ритIухъав, «Масдукъ» - жив ритIухъ гьавулев, «СахIибу хIавзил мавруд» - къиямасеб къоялъ жинда тIаде чагIи рачIунеб хIавзалъул бетIергьан, «СахIибу макъамил махIмуд» - беццараб макъамалъул бетIергьан, «СахIибу ливаъ», - байрахъалъул бетIергьан, «СахIибул мужизат» - мужизаталъул (гIадаталдаса бахъараб иш лъугьинабиялъул) бетIергьан.

«МифтахIул жаннат» - Алжаналъул кIул, «Расулу ар-рахIмат» - рахIматалъул авараг, «Набию тавбати» - тавбугун вачIарав авараг, «Имамул хайри» - лъикIлъиялъул цевехъан, «Имамул муттакъин» - Аллагьасдаса ﷻ хIинкъаразул имам, «Имаму ан-набийин» - аварагзабазул имам, «Акраму а-наси» - гIадамазул бищун хирияв, «ХатIибул анбияъ» - аварагзабазул вагIзачи, «Хайрул барият» - халкъалъулго лъикIав, «Хиратуллагь» - Аллагьасул ﷻ тIаса вищарав.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...