Аслияб гьумералде

ШайтIаналдаса цIунулеб

ШайтIаналдаса цIунулеб

Жиндир хиралъи кIудияб сура ккола «Бакъара». Гьелда жаниб бищун хирияб аят буго аятул Курси. Рехсезе бокьун буго «Бакъаралъул» ахираб кIиго аят.

 

(آمَنَ الرَّسُولُ بِمَا أُنْزِلَ إِلَيْهِ مِنْ رَبِّهِ وَالْمُؤْمِنُونَ ۚ كُلٌّ آمَنَ بِاللَّهِ وَمَلَائِكَتِهِ وَكُتُبِهِ وَرُسُلِهِ لَا نُفَرِّقُ بَيْنَ أَحَدٍ مِنْ رُسُلِهِ ۚ وَقَالُوا سَمِعْنَا وَأَطَعْنَا ۖ غُفْرَانَكَ رَبَّنَا وَإِلَيْكَ الْمَصِيرُ

لَا يُكَلِّفُ اللَّهُ نَفْسًا إِلَّا وُسْعَهَا ۚ لَهَا مَا كَسَبَتْ وَعَلَيْهَا مَا اكْتَسَبَتْ ۗ رَبَّنَا لَا تُؤَاخِذْنَا إِنْ نَسِينَا أَوْ أَخْطَأْنَا ۚ رَبَّنَا وَلَا تَحْمِلْ عَلَيْنَا إِصْرًا كَمَا حَمَلْتَهُ عَلَى الَّذِينَ مِنْ قَبْلِنَا ۚ رَبَّنَا وَلَا تُحَمِّلْنَا مَا لَا طَاقَةَ لَنَا بِهِ ۖ وَاعْفُ عَنَّا وَاغْفِرْ لَنَا وَارْحَمْنَا ۚ أَنْتَ مَوْلَانَا فَانْصُرْنَا عَلَى الْقَوْمِ الْكَافِرِينَ)

 

(Сура «Бакъара», аят 285 - 286)

Гьелъул ахирисеб кӀиго аяталда релъарал цересел аварагзабазул цонигиясухъе кьун рукӀинчӀо.

Ибну ГӀаббасица бицана: «Цо къоялъ, Жибрил малаик Аварагасда аскӀов гӀодов чӀун вугеб мехалъ, гьесда тӀасан гьаракь рагӀула ва хадуб абула: «Гьеб гьаракь баккана гьаб жакъасеб къоялъ рагьараб кавабазухъа, гьел каваби жакъа къо щвезегIан рагьун рукIинчIо, гьениса малаик рещтIун абула киданиги гьаб ракьалда рещтIун вукIинчIев: «Дуе кьуна цере рукӀарал аварагзабазул цонигиясухъе кьечӀеб кӀиго нур, гьединлъидал гьелдаса мун воха, гьел ккола сура «ФатихIа» ва «Бакъара» сураялъул ахирисеб кIиго аят, гьезул кинаб дуца цӀаланиги, дуе гьеб кьезе буго», - ян. (Муслим).

Абу МасгӀуд Бадриясдасан бицараб хӀадисалда буго Аварагас абунин: «Сардилъ «Бакъара» сураялъул ахирисеб кӀиго аят цӀаларав чиясе гIей гьабула», - ян. (Бухари, Муслим).

Имам ан-Нававияс абуна: «Абула гьеб къаси вахъун гьабулеб гIибадаталъул бакIалда чIолин, яги тIубараб сордоялъ шайтIаналдаса цӀунилъун чIолин, ялъуни инсан кинабго квешлъиялдаса цӀунизе гӀей гьабулин. Гьал рагӀабазда гъорлъе ккезе бегьула гьеб кинабго», - ян. (ШархI СахӀихIу Муслим).

Лъабго сордоялъ «Бакъара» сураялъул ахирисеб кӀиго аят цӀалараб рукъалда аскӀобе шайтӀан къаларо. Гьелъие далил буго гьаб хIадис.

НугӀман ибну Баширица бицана Аварагас абунин: «Аллагьас тӀехь бижана зобалги ракьги бижизегIан кӀиазарго соналъ цебе ва Гьес гьелдасан рещтӀинабуна кӀиго аят, жиндалъун сура «Бакъара» лъугIулеб. Гьеб цIалараб рокъобе лъабго сордо-къоялъ шайтIан къазе гьечIо», - ян. (Тирмизи, ХӀаким).

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...