Аслияб гьумералде

ГьитIинго малъе

ГьитIинго малъе

ГьитIинго малъе

БитIараб тарбия кьеялда цадахъ эбел-инсуда тIадаб буго лъималазда Аллагьас ﷻ тIад гьарурал парзалги малъизе. Аллагьасул ﷻ ва Аварагасул ﷺ бицун хадуб байбихьи какалдалъун гьабизе бихьизабун буго шаргIалъ.

 

 

Хирияв Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Анкьго сон баралдаса лъимада как базе малъе ва анцIго сон байдал гьеб теялъухъ гIадлуги гьабе», - ян. (Тирмизи)

Къойил щуго как бай тIадаб буго балугълъиялдеги рахарал гIакълуги камилал бусурбабазда. Гьединлъидал балугълъиялде рахинегIанго, ай жеги гьитIинго рукIаго эбел-инсуца байбихьизе ккола лъималазда как-диналъул малъизе. Бищун лъикIав гьезул учительги нилъерго мисал буго. Жеги берцин кIалъазецин лъалареб гьитIинаб лъимада къойил щуго как балел эбел-эмен рихьидал, гьезул рекIелъ гьеб бессула ва гьезда лъала инсанасул гIумруялда жаниб как бай чара гьечIеб борч букIин.

 Лъимералъ анкьго сон байдал как байилан амру гьабизе ккола. Как баялдаго цадахъ суннатал пишабиги, масала, сивак бахъи гIадал, гьаризе тIамизе ккола. Анкьгоялдаса анцIго сон базегIан гьоркьоб бугеб лъабго соналда жаниб лъимер какде ругьунлъизе ккола. Гьеб гIужалъ эбел-инсуца хъачIлъи гьечIого хIеренаб куцалъ как байилан абизе ккола лъималазда. Жеги лъикIаблъун букIина жамагIат гьабун гьелгун цадахъ бани.

Лъимал гIисинго рукIаго гьезулъ бекьараб диналъул хьоналъ гьел кIудиял гIедал чара гьечIого пихъ кьола. ХIадисалда буго: «Инсуца васасе кьезе кIолелъул бищун лъикIаб битIараб тарбия буго», - ян.

Жеги лъазе кколеб жо буго, лъималаз балугълъиялде рахинегIан как бачIилан абун, гьезие мунагь букIунаро, амма эбел-инсуе букIуна мунагь лъималазда как малъиялъулъ кIарчанлъи гьабун букIиналъ.

ГIумар-асхIабасул гIамалалдасан букIун буго мажгиталде цевеккунго унев. Цо къоялъ гьедин унаго халлъула векерун унев цо вас. ГIумар-асхIабас гьикъула: «Ле, вас, щиб ккараб? Мун киве гIедегIун вугев?» - илан. Васас жаваб гьабула: «Дун какде гIедегIун вуго. Какие заман гIагарлъулеб ва дица жеги какиецин чурун гьечIо», - ян. ГIумар-асхIабас абула: «Мун жеги гьитIинго вуго ва какги дуда тIалъун гьечIо», - илан. Цинги васас жаваб гьабула: «Гьединал ишазулъ чIахIиязулгун гIисиназул батIалъи букIунаро. Сон хвана жеги дидасаги гьитIинав вас», - илан.

Гьев гьитIинав васасул лъугьа-бахъин чIахIиязецин мисаллъун букIине ккола. Аллагьас ﷻ киназего тавпикъ кьеги Аллагьас ﷻ тIадкъараб какда тIадчIей гьабизе. Амин.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....