Аслияб гьумералде

Цогидаз босун унеб гьабуге

Цогидаз босун унеб гьабуге

Нилъ ругьунлъараб, гIемер хатIаалдеги рачунеб жо ккола хIажат гьечIеб калам гьаби. Гьебги, чияда нахъасан гъибат, бугьтан, мацI гьаби гIадинаб. Диналда гьеб лъабабго гIамал буго къабихIал пишабаздасан, хIатта гьеб релълъинабула диналъул вацазул гьан кванаялда.

Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Нужеца цоцадаса гъибат гьабуге, нужер цонигиясе бокьулищ хварав диналъул вацасул гьан кваназе? Нужее гьеб рихараб буго», - ян (суратул «ХIужурат» 12 аят). Жабир-асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго: «Цо нухалъ авараггун ﷺ рукIаго нижеде бачIана лъикIаб гуреб махI. Цинги аварагас ﷺ цIехана: «Нужеда лъалищ гьаб сундул махIали?» - ян. Лъаларин нижеца абидал, аварагас ﷺ абуна: «Гьаб буго гIадамазда нахъасан гъибат гьабулел чагIаздасан бачIунеб махI», - ин. Жакъа гьединаб махI нилъеда щайха чIваларебин абун ракIалде ккезе бегьула пикру гьабуразда, амма гIалимзабаз гьелъие жаваб гьабулеб буго, нилъ гьелда гъорлъ рессун рукIиналъ чIваларого бугин абун.

Лъиего бокьуларо жиндир гIамалазул гIайибал цогидаз рехсолелъул, амма жинцаго бицунеб мехалъ чанго батIияб гIилла бачун кIалъала. Гьеб ккола гъибат гьаби. Щайин абуни, аварагас ﷺ абун буго: «Диналъул вацасе гьесул хIакъалъулъ абизе бокьулареб жо бицин ккола гъибат», - ан. «Бицунеб жо гьесулъ батани, щибха букIунеб», - ан асхIабзабаз гьикъидал, аварагас ﷺ абуна: «Нужеца бицунеб жо диналъул вацасулъ бугони, гьеб ккола гъибат, гьечIони – бугьтан», - ан (Муслим).

Гъибат буго нилъеца жиб гьабиялдаса кутакалда цIуни гьабизе кколеб гIамал ва кIудияб мунагь. Абула гьелъухъ жужахIалда букIине бугелъулго хал гьабичIониги, гьеб гьабулесда унго-унгояб зарал махIшаралда лъалин.

Гьелъул хIакъалъулъ буго гьадин: къиямасеб къоялъ лагъзадерихъе кьолила жидер гIамалал хъварал тIахьал. Гъибат-бугьтан дунялалда гьабулел рукIарал жанире раккун ралагьидал, гьезда щибго жидер лъикIаб гIамал батуларила. ХIикмалъун, жидер гIамалазул ахIвал-хIал халгьабулелъул, гьезда ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ рахъалдасан абулила: «Дур киналниги лъикIал гIамалал дуца гъибат гьабурал гIадамазе ана», - ян.

Цогиги, гьелъул мунагьалъул хIакъалъулъ аварагас ﷺ абураб буго, гьеб бугин 30 зина гьабиялда бащалъулебилан.

Аллагьас ﷻ кантIизареги гьеб нахъегIанаб гIамал гьабиялдаса! Амин!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...