Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал ругониги, тIокIцIар, сипатал ратаниги, гьезул къадар, цо-цо гIалимзабаз рикIкIарал ва гIурхъи гьабурал руго кIинусиде гIагарун. Жалалудин ас-СуютIияс жиндирго тIехьалда данде гьарурал гьел щунусгогIанасел руго. Амма суфизабаз абула гьел азаргоялде гIагаралцин ругин абун.

Аварагасул ﷺ цIараздасан буго «ал-Хатиму» абурабги. Гьелъул магIна ккола «ЛъугIизабурав» абураб. БетIергьанас ﷻ гьесдалъун лъугIизаруна аварагзаби ритIи, ай гьесдаса хадув тIокIав авараг вахъинчIо ва вахъинеги гьечIо.

Буго «аз-Загьиру» абурабги цIар. Гьелъул магIна ккола «Загьирав, загьирлъарав» абураб. Гьев ﷺ загьирлъана киналниги загьирал жалазда тIад, гьесул динги загьирлъана цоги диназда тIад.

Гьесул ﷺ буго «ал-БатIину» абурабги цIар. МагIнаги буго «БатIиналде, балъголъабазде ваккулев» абураб. БетIергьанас ﷻ вахIю гьабиялдалъун авараг ﷺ ваккулаан балъгоял амрабазде.

«Ар-Рауфу ррахIим» абураб цIарги буго аварагасул ﷺ. Къуръаналда бицен гьабун БетIергьанас ﷻ тараб цIар буго гьеб аварагасда ﷺ. Гьелъул магIна ккола «Жив мутIигIазда, мунагьал гьарулезда цIакъ гурхIулев» абураб.

Буго «ал-ХIакъкъу» абураб цIарги. Гьелъул магIна ккола «Унго-унгояв, хIакъав» абураб. «Ал-Мубину» абураб цIаралъул магIна ккола «Аллагьасул ﷻ рахъалъан бачIараб жинца баян гьабулев, жиндир амруги рисалатги баян гьабулев» абураб.

«Ал-Жаббару» цIаралъул магIна ккола «ХIал гьабун халкъ хIакъалде тIобитIарав ва купруялдаса гьеб нахъчIварав» абураб. Къази ГIиязица абун буго БетIергьанас ﷻ аварагасдаса ﷺ чIухIиялдалъун хIал гьабулевлъун вукIин абураб жо нахъчIванин.

Аварагасул ﷺ цIараздасан буго «ал-Музамил» абураб. Гьелъул магIна ккола «Жиндир вегулеб ратIлилъ вегун чIарав» абураб.

«Ал-Мудасир», гьабги буго цебеселъулалдаго гIадаб магIна релълъараб, «РетIелги тIаде рехун, ратIлилъ вахчарав» абураб. Гьединал цIарал аварагасда ﷺ БетIергьанас ﷻ тана ХIираъ нохъода вахIю рещтIун, ЖабрагIил малаикги жиндирго ﷺ сураталда вихьизавун хадуб, авараг ﷺ хIинкъун, черхалда сири бан рокъове щведал, Хадижатида вахчизавеянги абун гьев ﷺ вахчараб мехалъ.

Жеги буго «Накъиб» абурабги. Гьелъул магIна ккола «Къавмалъул хъаравул, нугI, гьезие гъоркь чIарав» абураб.

«ГIазим» абурабги буго. МагIна - «Къадру кIудияв».

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...