Аслияб гьумералде

Лугбуздасан садакъа

Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас ﷻ тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.

 

Гьединаб суннатаб какалдасан буго зухIаялъул как. ХIадисалда буго: «Алжаналда буго цо каву «ЗухIайин» жинда цIар бугеб. Къиямасеб къоялъ Аллагьасул ﷻ амруялдалъун малаикас ахIула: «Я Аллагьасул лагъзал, зухIаялъул какда тIадчIей гьабулел рукIарал нуж кир ругел? Гьаб каву буго нужее, Аллагьасул ﷻ цIобалдалъун лъугьа жанире», - ян (ТIабарани). Цогидаб хIадисалда буго: «ЗухIаялъул какда тIадчIей гьабулесул, ралъдал полопгIан гIемер ратаниги, киналго (цогиязул хIакъалда хурхинчIел) мунагьал чурула», - ян (ибну Мажагь).

Гьелъул заман байбихьула бакъ баккун хадуб бащдаб сагIатгIан заман гьоркьоб индал, къалъул гIуж щвезегIан.

Гьелъул бищун дагьаблъунги рикIкIунеб буго кIиго ракагIат, бегьулеб буго ункъо, анлъго, микьго базеги, бищун гIемер анцIила кIиго ракагIат ккола. КIи-кIи ракагIатккун разеги суннатаб буго. АлхIамалда хадуб цIализе хирияб буго «Аш-Шамс» ва «Аз-ЗухIа» сураби.

ГIемерисез абула зухIаялъул как бугин жинде кIвар кьезе кколеб суннатаб как гуребги, нигIматал тIаде цIалеблъунгиян. ТIадчIей гьабулесда гьеб щибаб къойилго гIадин халлъизеги халлъула.

Инсанасда буго 360 рищи-щекI. Щибаб къоялъ кьезе гьезда тIад гьабун бугин абула садакъа, кIиго ракагIат зухIаялъул как бани, гьелъ гьеб тIаса ккезабулинги буго. Гьоркьоб хутIани, бецIун базеги лъикIаб буго.

Цо-цо шартIал тIурани, хIеж-гIумра гьабурабгIанасеб кирицин хъвалинги абула. Анас-асхIабасдасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Рогьалил как жамагIаталдаги бан, бакъ баккизегIан мажгиталдаги чIун, кIиго ракагIаталъул как барав чи вугони, гьесие гьеб хIеж-гIумра гьабурабгIанасеб кириялъул бакIалда букIуна», - ян (Тирмизи).

ХIисаб гьабеха, кIиго ракагIат баялдалъун щвезехъин бугеб ажруялъул, гьеб захIматаб иш гуро, кIвахIаллъичIого тIадчIей гьабуни.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...